Жеги лъугӏун гьечӏо магӏарулазул миллияб «Хӏакъикъат» газеталъул тӏоцебесеб номер къватӏибе бачӏаралдаса 100 сон тӏубаялъул хӏурматалда тӏоритӏулел тадбирал.
Долдаса нахъе ана кӏиго сон. Гьаб иргадулаб тадбирги сайгъат гьабун букӏана газеталъе редакторлъи гьабурал Дагъистаналъул халкъияв шагӏир Заид Хӏажиевасе ва журналист Хӏамид Темирхановасе. Гьел кӏиялгоги кколаан Хунзахъ районалдаса.
Дандеруссин тӏобитӏана Махӏачхъалаялъул №5 школалда. Гьеб рагьана ва нухда бачана Дагъистаналъул Журналистазул союзалъул председатель Гӏали Камаловас.
Тадбиралъул байбихьуда бихьизабуна «Хӏакъикъат» газеталъул тарихалъул хӏакъалъулъ бицунеб видеофильм. Гьениб гьединго бицана 102 соналда жаниб газеталъе нухмалъи гьабураб 14 бетӏерав редакторасул ва цӏияв тарав редактор Гӏумахан Гӏумахановасул хӏакъалъулъги. Магӏарул адабияталъул байрамлъун лъугьараб гьеб тадбиралда гӏахьаллъана Хӏамид Темирхановасул гӏагарай гӏадан Анжела Аслановаги. Гьелъ цӏалдохъабазе бицана кӏудияв инсул ва гьес нахъа тараб творчествияб нухлул хӏакъалъулъ.
Тахшагьаралъул №№5, 11, 34 школазул цӏалдохъабаз рикӏкӏана ва ахӏана Заид Хӏажиевасул кучӏдул. Гьединго гьез цоги нухалда ракӏалдещвезаруна жидедаго лъалел цогидал магӏарул шагӏирзабазул кучӏдулги.
Гӏали Камаловас ва «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редакторасул заместитель Зикрула Илясовас цӏалдохъабазда бичӏчӏизабуна магӏарул мацӏги, гӏадаталги, гӏамалалги цӏунизе ккей.
— Миллаталъул букӏинесеб буго нужеда кодоб. Гьелъул кӏул кодосел хважаинзабазда лъалеб гьечӏо миллаталъул аслулъун кколеб рахьдал мацӏ. Хасго шагьаралъул лъималаз квер хьвагӏулеб буго гьелда. Гьединаб бербалагьи жакъа нилъерго мацӏалдехун бугони, гьеб тӏагӏине буго. Мацӏ тӏагӏани, тӏагӏуна наслу, турула гьелъул кьалбал. Гьединлъидал нужеда тӏадабги буго мацӏ лъазабизе. Жакъа нужеца рикӏкӏунел кучӏдулги гьел рикӏкӏине нужер бугеб махщелги бихьараб мехалда, божула ниж нужеца мацӏ цӏунизе букӏиналда- гьединаб букӏана кӏалъаязул магӏна.
Абизе ккола гьеб букӏанин цӏикӏкӏараб гӏелалъ бачӏунеб гӏелалъе мацӏги цӏарги цӏунейилан гьабун толеб васигат.
Кӏалъазе яхъарай №5 школалъул учитель Зара Пашаевалъги бицана гьабсагӏаталда шагьаразул школазда рахьдал мацӏал малъиялъул ва лъималаз гьел лъазариялъулъ дандчӏвалел ругел захӏмалъабазул хӏакъалъулъ. Тадбиралъул ахиралда букӏана кьурди-хъатги. Дандеруссиналъул киналго гӏахьалчагӏазе кьуна баркалаялъул кагъталги.