Республикаялъул тахшагьар Махӏачхъалаялда буго руччабазул динияб кӏиго гӏуцӏи – «Гьидаят» ва «Муслимат». «Муслиматалъулги» гьелъул нухмалъулей Хадижат Шихгӏалиевалъулги хӏакъалъулъ нижеца чанго нухалда хъвана газеталда.
Гӏемер щола гьенир тӏоритӏулел тадбиразде, бицуна гӏуцӏиялъул руччабазул хӏакъалъулъ. Ракӏалдеккана «Гьидаяталъулгунги» гьудуллъи гьабизе. Гьелъие нухмалъи гьабулеб буго Буйнакск районалъул Чӏикӏаб росулъа Загьра Гӏалинчиевалъ.
Дие рес ккана гьеб гӏуцӏиялъ тӏобитӏараб дандеруссиналдаги гӏахьаллъизе. Бицине бокьун буго гӏумруялъул рухӏиял школаллъун жакъа къоялда ругел гьел гӏуцӏабаз тӏоритӏарал тадбиразул хӏакъалъулъ нужееги бицине, хӏурматиял цӏалдолел.
Кӏиябго гӏуцӏиялъул кӏудияб пайда буго гӏолил ясал цӏияб гӏумруялде куцаялъе. Цӏакъго хӏабургъараб ва цӏар лъез лъалареб гьаб заманалда гьениб гӏолилазе щолеб буго рухӏияб бечелъиялъул цӏураб лъай. Гьелдаса къваригӏараб щибго гьечӏо жакъа нилъее – магӏарул яхӏ-намусги, эбел-инсул къадруги, вацазул цӏарги цӏунарал мусудул. Гьеб кинабго лъадарула «Муслиматалъулги» «Гьидаяталъулги» гъасда.
Дуда эбелалъул берал рихьанищ?
Эбелалъул хӏакъалъулъ бицине бегьула щибаб секундалъ. Гьелъул гӏумруялъул щибаб лахӏзат гьуин гьабула лъимералде бугеб хӏасраталъ. Эбелалъул хӏакъалъулъ кечӏ хъвачӏев чиги дунялалдаго цониги ватиларо. Ноябралда цӏакъго гӏемер тӏоритӏула эбелалъе сайгъат гьарурал тадбирал. Гьединал къояз цӏидасанги къалъула нилъее эбелалъул бакъ. Гьелъул щибаб чӏоралъулги буго кӏиго къисмат – цо эбелалъул, цогидаб – лъимералъул. Гьеб кӏиябго цолъун лъугьунеб хӏикматай хӏурулгӏиналъул рокьул хӏакъалъулъ бицине данделъун рукӏана руччабазул «Муслимат» цолъиялде. Гьелъул нухмалъулей Хадижат Шихгӏалиевалъул квербакъиялдалъун тадбиралде гӏахьаллъизе рачӏун рукӏана республикаялъул районаздаса гӏемер лъимал ругел руччабиги.
Тадбиралда гӏахьаллъарал гӏуцӏиялда цебе рагьараб рухӏияб берцинлъиялъул школалъул ясал-цӏалдохъабаз рикӏкӏана, цӏалана эбелалъул хӏакъалъул кучӏдул, ахӏана нашидал.
Байрамалда гьединго кӏалъана магӏарулазе хирияй шагӏир Тубхӏат Зургьаловаги. Гьелъ бицана жиндирго эбелалъул, гьелъ кьурал ва жеги рекӏелъги цӏунун, жиндицаги жиндирго ясазе кьолел ругел гӏумруялъул дарсазул хӏакъалъулъ.
Дандеруссиналъул гӏахьалчагӏазе кӏудияб асар гьабуна «Эбелалъухъ чӏвараб чӏегӏераб дир кӏаз» абураб тӏехьалдаса гьелъ цӏаларал кучӏдуз.
— Гьеб букӏана дир гӏумруялъул цӏакъго бакӏаб ва захӏматаб лахӏзат – эбелги, дунги, хвелги. Эбелалда чӏвалеб букӏун батила жиндего аскӏобе гӏагарлъулеб бугеб хвалил махӏ. Гьеб бичӏчӏарай гьелъ ахӏулеб букӏана дие жиндирго ахирисеб кечӏ — кинидахъ кечӏ. Кӏудияв шагӏир Хӏамзатил Расулица абулаан эбелалъул хӏакъалъулъ кучӏдул киналго пашманал рукӏунилан. Гьанир ругел гӏолил ясаздаги гьарула дица улбузе бутӏрул къуле, гьел чӏаго ругеб мехалда, — йилан малъа-хъвай гьабуна гьелъ.
Кӏалъазе рахъарал гӏемер лъимал ругел улбузги бицана чӏужугӏаданалъул борчги налъиги Тӏадегӏанасда цебеги тӏубазабизе ккеялъул хӏакъалъулъ. Байрамалда цо хасаб нур базабун букӏана гӏуцӏиялда цебе бугеб «Аманат» школалъул гӏисинал гьунарчагӏазги. Гьезги рикӏкӏана хӏасратай баба кӏодо гьаюрал кучӏдулги, ахӏана нашидалги.
Гьел лахӏзатаз дида цере рачӏунел рукӏана харабазул рукъзабахъ ругел хараби. Рачун гьенире лъималаз щвезарурал гьезул гьурмазда бугеб пашманлъи лъималазда гурони гьениса бачахъизе кӏолареб. Гьеб батизе ккола лъималаз улбузе нахъбуссинабизе кколеб хинлъиялъул пашманлъиялде сверараб свараб кьер. Гьединго цересаго унел рукӏинчӏо, улбузухъ чӏикӏдилаго, лъималазул рукъзабахъ гӏумру тӏамулел ругел талихӏбиларал лъималги…
Хрусталалъул гъамсал
Гьединаб цӏаралда гъоркь Махӏачхъалаялда, «Россия» рекӏелгъеялъул залалда Мухӏаммад авараг (с.гӏ. т.в.) кӏодо гьавураб тадбир тӏобитӏана «Гьидаят» гӏуцӏиялъ. Зал кьабгӏун цӏун букӏана тадбиралде рачӏарал руччабаз. Гьезда гьоркьор гӏемер рукӏана гӏолил ясал ва школазул цӏалдохъаби-ясалги.
Хрусталалъул гъамсал – гьедин абулеб букӏун буго аварагас руччабазде. Нилъер магӏарухъги абулеб рагӏун букӏана гьезде цӏорол сурахӏийилан. Цо дагьабниги кьватӏани, къачӏазе рес гьечӏеб. Гьелъул магӏна киназдаго лъалеб батиларищха. Бугониги, бокьн буго цоги нухалда такрар гьабизе – цо нухалда ккараб гъалатӏ гӏумруялъего рогьолъун хутӏулеб буго. Гӏуцӏиялъул ясаз ахӏана авараг кӏодо гьавурал нашидал. Тадбиралъул гӏахьалчагӏазе рес щвана бусурбабазе бищунго хирияв аврагасул гӏумруялъул дарсазухъ гӏенеккизе. Гьесул рухӏияб бечелъиялъул бицунел сценкаби рихьизаруна «Гьидаяталъул» цӏалдохъабаз. Бихьиназул рольги гьез жидецаго хӏалеб букӏана. Гьезухъа бажарана тадбиралъул гӏахьалчагӏазда цебе аварагасул сипат-сурат чӏезабун. Квешлъиялде дандегицин лъикӏлъи гьабизе бажари, мискинзабазе кумек гьаби, садакъа кигӏан кӏваниги, гӏемераб гьаби, эбел-эмен рази гьари, гӏагарлъигун, гьудул-гьалмагълъигун гьуин рукӏин…
Умматилан ахӏделев вукӏарав гьесул гьаракь рагӏулеб гьечӏо жакъа напсилан ахӏделеб бугеб агьлуялда.
Гьенир сайгъатал ва дипломал кьуна гӏуцӏиялъ тӏоритӏарал къецазда гӏахьаллъарал ва бергьарал ва призалъул бакӏал ккуразе.
Гьединго сертификатал кьуна Къуръан цогидазда малъизе гьанже жидееги рес щварал руччабазеги.
Гьединал тадбиразул баракатги гӏемер букӏуна. Гьениб батула гӏумруялъ кьолеб захӏматаб суалалъе жавабги, лъугьуна ракӏазе бигьалъиги, ратула рилизехъин ругел нилъгоги. Ва ахир-къадги ккола битӏараб нухдеги.