Сагьада ккола Цӏунтӏа районалъул бищун ахада, Цӏумада районалда гӏагарлъухъ битӏахъе Микьуда ва Тушетиялдасан бачӏунеб кӏиго гӏор Гӏанди гӏурулъе жубалеб бакӏалда тӏадехун бугеб росу.

Мухӏканго чӏезабизе кӏоларо росдае тӏоцебе кьучӏ лъураб заман. Амма чӏванкъотӏун лъалеб жо буго, гьижрияб тарихалда цебе гьениб гӏадамаз гӏумру гьабулеб букӏараблъи. Гьелъие нугӏлъи гьабула ракьулъ ратулел насраниязул диналъе хӏажалъулел гӏемерал тӏагӏелаз. Гьеб гьенибе бачӏун батила Гуржиялдасан, исламалда цебесеб заманалдаго. Гьабсагӏатги Сагьада росу бугеб бакӏалда аскӏоб «Уволъ» килисаялъул кӏалтӏа буго бикӏун гьабураб кӏамуриялъул сипаталъул лъабго метраялдасаги гӏебаб ганчӏил гьецӏо. Цӏунун хутӏун буго гьелъул хӏакъалъулъ гьадинаб биценги.

Сагьада росу букӏана, Надиршагьасул заманалда 1614-1619 соназда Гуржиялдасан Цӏунтӏе гьужумалги гьарун, росаби риххизегӏан, лъабго бакӏалда: Уволъ, Хӏари, Микьуда. Уволъ росу букӏана Цӏумадехун балагьараб Уволъ абураб габурлъиялда, аслияб бетӏербахъи гӏуцӏун букӏана хурухъанлъиялда. Хӏари росу букӏана рекьулел хурзал дагьаб, боцӏухъанлъигун чанахъанлъиялдалъун бетӏербахъулеб. Микьуда росу букӏана сундуего санагӏатаб: росдада сверухъ хурзалги, гьобо сверулеб лъимги, Бехъакь, Жидилъ, Кидира кулабиги, гӏатӏидал рецулел харибакӏалги, росдаде тӏаде балагьун гӏатӏидаб мегӏерги бугеб, цӏорорал иццалги ругеб эркенаб кӏудияб росу. Гьел росаби бакӏ-бакӏалда батӏаго рукӏаниги, букӏана гьезул жамгӏияб цолъи. Садакъа-хайратги цо букӏунаан, рохел-гӏатӏилъи, ургъел бикьи, гӏакълу дандбай цо букӏунаан, ригьин-цӏаги цоцалъ жубараб букӏунаан.

1614 соналда Ираналъул шагь Гӏабас абулев чияс Гуржия мукӏур гьабун букӏана ва, гьенисан вачӏун, дидоязде (цӏунтӏадериде) щвезабуна кӏудияб кьаби. Амма сверухъ ругел магӏарулазул кумекалдалъун бажарана къажарал нахъе лъутизаризе. Надиршагьасул гьеб гьужумалъул хӏасилалда цӏунтӏадерие камуна гӏемерал сахал гӏолохъаби. Гьесул рагъухъабазул гӏемериселги хутӏана кьалул майданалдаго. Гьелъул рецӏел босизе кӏудияб аскаргун 1619 соналдаги Цӏунтӏе гьужум гьабуна гьес. Гьаб нухалъ рагъ букӏана ращалъи гьечӏеб, цереккарал росаби рухӏулаго, гӏадамал чӏвалаго ва асир гьарулаго, гьел швана Увалъги, Хӏариги ва Микьудеги. Кигӏан дандечӏун рагъаниги, чӏварав чӏван, ворчӏарав ворчӏун, рукъзалги росуги тезе ккана увалъезги хӏарисезги. Цӏакъго кӏудияб кьаби щвана Микьуде: хералги ручаби-лъималги хутӏизегӏан, киналго данде рагъун хвана, кирниги инчӏого, гьелдаса нахъе шагьар гӏадаб букӏараб росдал хутӏана кули гӏадаб жо. Уволъаги Хӏарисаги арал гӏадамаз 8-9 соналъ гӏумру гьабуна цояз Чалияхъ, цогидаз Хъваршини, лъабабилез Хӏамайикьахъ росабалъ. Хадуб дагь-дагькун жидерго ватӏаналде тӏадруссана. Цӏияб росу гьез бана гьабсагӏаталда Сагьада росу бугеб бакӏалда.

Гьелдаса нахъе Сагьада росу букӏана эркенго, лъилниги тӏадецуй гьечӏого. Росулъа гьижра гьабун инчӏо цониги чи, я Турциялде яги цогидаб бакӏалде. Имамзабазул заманалъул рагъазулъ кутакаб жигарчилъи бихьизабуна гӏолохъзабаз. Сагьада-Микьуда росдал 100 гӏанасеб цӏараки бугеб бакӏалда букӏана имамзабазул рагъда шагьидлъарал гӏолохъабазул 60 назарат (зани), гьел ракӏалдещвезе жив-живасул цӏарги, тарихги, шагьидлъараб бакӏги бихьизабураб. Амма жакъа гьелде кьолеб кӏвар дагь буго, гьел риххун, дагьлъулел руго. Шамилил заманалда кидаго гьевгун рукӏана гьесул муридзаби Микьудаса Гӏисагӏалихӏажиги Хирансухӏажиги. Шамил Калугаялде ун хадуб рокъор рукӏарал гьел, Шамил хӏежалде араб соналъ, ахирисеб нухалъги гьевгун дандчӏвазеян абун, хӏежалде ана ва, мурадги тӏубан, нахъги рачӏана. Хирансухӏажияв вукъун вуго Сагьадеги вачун, амма лъалеб гьечӏо гьесул хоб бугеб бакӏ. Гӏисагӏалихӏажияв Микьуда вукъун вуго, гьесул хоб гьабсагӏатги лъалеб буго.

1854 соналда цӏунтӏадерица Шамил имамасул нухмалъиялда гъоркь кутакаб гьужум гьабуна Кӏахетиялде. Шилда росу бахъун хадуб цӏунтӏадерил гъазизаби кӏанцӏана Цинандали. Гьеб рагъуль гӏахьаллъи гьабуна Сагьада росдал гӏолохъабаз. Сагьдаса Гӏалисултан абурав багьадурас цохӏо жинца кверде босана Чавчавадзел хъизан, чӏужу-лъималгун цадахъ. Нахъруссун рачӏунаго, Цӏунтӏадерил Шагьикь – Гениялъ росулъ дидоязул гъазизабаз жидее кколеб давлаялъул пай тӏалаб гьабидал, хӏажат гьечеб дагӏба-къецӏ ккана. Ахиралда Гениялъа кӏудияв гӏалимчи Хъвархъвариласул хӏукмуялда рекъон, дидояз жидерго давлаялъул пай басана.

1858 соналда Китӏури ккараб рагъда кутакаб гӏахьаллъи гьабуна сагьадисез. Сагьадиса гӏужихъан (чанахъан) Квацилав абулев чияс гӏужие росулел рукӏана офицерзаби. Гьел рагъазулъ шагьидлъана сагьадисезул цевехъан Квацилав. 1877 соналъул 10 октябралда Цӏихо къварилъухъ шагьидлъана сагьадерил бахӏарзал. Гьезда гьоркьов вукӏана Микьудаса Давудил инсул вац Гӏабдурахӏманги. Давудил эмен Хӏамзат, борхатаб бакӏалдаса гъоркье вортун, бохги гъурун, чода ваччун вачӏун, тӏокӏав къватӏив вахъуларев инвалид лъугьун вуго (гьаб хабар бицунеб букӏана нижер кӏудияв эмен 100 сонил ригьалде вахарав 1960 соналда хварав Давудица).

1917 соналда пача тӏаса рехун хадуб, Сагьада росдал жамагӏаталъ, дандечӏей гьечӏого, къабул гьабун буго цӏияб хӏурият, рохьахъ хъачагълъиялде цониги чиги ун гьечӏо, гьелъ батила СССРалъул заманаялда росулъа цониги чи ккун гьечӏо репрессиялде. Гьижра гьабун росулъа Турциялде къватӏире аралги гьечӏо.

Гитлерил фашизмалде дандеги сагьадисез жидерго бутӏа лъуна, жидеего бокьун гӏарзаги хъван, рагъде аразда гьоркьор руго: Идрисов Ангута, Давудов Гӏабдурахӏман. Рагъулъ гӏахьалъи гьабуна Микьудаса Гъазиев Мухӏамадица (Мирза), Хӏамзаев Мусалав. Къасум абурав, сельсоветалъул секретарлъун хӏалтӏулев вукӏарав, сагьадисев армиялде унел Цӏунтӏа районалъул гӏемерал призывникалгун, Гуржиялдехун ине, Кодор габурлъиялда гӏансиялъ гъанкъарал 42-язда гьоркьов вукӏана. Гьеб бакӏалда 1942 соналда цо минуталда хвана, тӏаде тушман кӏанцӏидал, ватӏан цӏунизе унел цӏунтӏадерил бищунго сахал гӏолохъаби.

1944 соналъ Чачаналде гочинаридал ниж рукӏана «Тавзани» Сагьада, Микьуда, Силди, Гьакъо росаби цадахъ. Гьениб гьава-бакъ рекъечӏого, гочинабураб 100 гӏанасеб цӏаракиялъун бащдал хвана, бакъул унти ккун. Цебе магӏарухъго гӏадинго гӏараб гӏелму малъи гьоркьоб къотӏизе течӏо Сагьадаса Хӏамзатил Гӏалица. 1958 соналда гьениса гочинегӏан, Аллагьас гьелъие кинабгӏаги квалквалги биччачӏо. Дир эменги, хадубккун жиндаса гӏемерал мутагӏилзабазе баркат бахарав Сагьадаса Хӏамзатов Мухӏамадрасул, вукӏана Чачаналдаго Хӏамзатил Гӏалица гӏелмуялъе кьучӏ лъураздасан. Сагьадаса Гӏалилги вукӏана лъикӏав лъай бугев вас (гӏалимчи) Хӏамзат.

1958 соналда Чачаналдасан нахъвуссун хадуб, гьев рещтӏана жиндирго росдал гӏадамалгун Хасавюрталъул Муцалаул советалда бачӏараб цӏияб росу базе бакӏ кьураб Сагьада поселокалда. Гьеб заманалда гьенир рахъана машгьурал мутагӏилзабиги гӏалимзабиги. Масала, Метрадаса Гӏабдулгӏазиз, гьесулго эмен Хӏусен; Алмахъалда дибирлъун вукӏарав Абусупянил Расул, гьединго гьебго мухъалда дибирлъун вукӏарав кӏудияв Хӏасан, Шодродаса Мухӏамадамин, Эчедаса Идрис, Махӏачхъала шагьаралъул Малыгинил къотӏноб бугеб мажгиталъул имамлъун хӏалтӏарав, Цӏунтӏа районалъул имамлъун вукӏарав Къурбанов Мухӏмад, гьабсагӏат Хасавюрт районалъул Муцалаулалъул Цӏияб Сагьада поселокалда вугев Сагьадаса Хӏамзатов Мухӏмадрасул, Хасавюрт районалъул Кокрекалда вукӏарав Хӏасанил Мухӏамад, Къарланюрт станциялда вукӏарав Рилъиса Хӏамзат, Силдиса Амирхӏамза ва гьесулго эмен, 20 соналъ Гъизляр шагьаралъул мажгиталъулги имамлъун вукӏарав Дибиров Мухӏамад.

Светияб цӏалиялъул рахъалъги Сагьада росу нахъе ккараб гьечӏо. 1920 соналдаса нахъе хӏалтӏулеб буго цин байбихьул, хадуб микьгосонилаб, хадубги гьоркьохъеб школа. Буго росулъ медпункт, клуб, библиотека. Бахъун буго росулъе машинадул нух. Гӏезегӏан руго районалдаги район тун къватӏирги жавабиял хъулухъазда хӏалтӏулел росдал гӏолохъабиги, ниж гьездаса рохаралги руго. Аллагьас гьезиеги тавпикъ кьеги, росдал жамагӏаталъулги жидее тарбия кьуразулги божилъиги ритӏухъ гьабун, ракьалда ритӏухълъиги цӏунун, церехун ине!