Гьедин хъвана Дагъистаналъул политикияв ва жамгӏияв хӏаракатчи, хъвадаризе гьунар бугев Ахӏмадпаша Зиявудиновас. Гьал къоязда гьесул тӏубалаан 71 сон.

Гьесул гӏагараб Казбек районалда гьал къоязда тӏобитӏана Ахӏмадпаша ракӏалде щвезавиялъул районалъул захӏматчагӏазул ва поэтасул гьудул-гьалмагълъиялъул данделъи. Гьениб гӏахьаллъи гьабуна А. Зиявудиновгун цадахъ цӏаларал батӏи-батӏиял районаздаса рачӏарал гьалмагъзабаз, филологиял гӏелмабазул доктор Ахӏмад Муртазагӏалиевас. Гьеб дандчӏвай гьабиялъе багьаналъун ккана дагьаб цебегӏан гьесда цадахъ университеталда цӏаларав З. Ильясовас данде бакӏарараб гьесул кучӏдузул «Тӏанхал гъуна хаслихъе» абураб тӏехь къватӏибе бачӏин.

Данделъи рагьулаго, районалъул бетӏер Хӏажимурад Мусаевас кӏудияб къимат кьуна Ахӏмадпашаца, районалда батӏи-батӏиял хъулухъазда хӏалтӏулаго, гьарурал лъикӏал ишазе, захӏматчагӏазе, гӏолеб гӏелалъе патриотикияб тарбия кьеялъулъ гьабураб хӏалтӏуе.

Зикрулагьица ракӏалде щвезаруна республикаялъул Лъайкьеялъул ва гӏелмуялъул министерствоялда хӏалтӏулаго, Ахӏмадпашаца республикаялда рахьдал мацӏал лъазариялде кьолеб букӏараб кӏваралъул, гьесул гӏаданлъиялъул ва гьунаралъул.

Ахӏмадпашал асаразул бицунаго А. Муртазагӏалиевас кӏвар бусинабуна магӏарул адабияталда гьес кколеб бакӏалде, лирикияб тема рагьизе, магӏарул чӏужугӏаданалъул сипатал рихьизаризе авторас хӏалтӏизарулел камилал къагӏидабазде.

Данделъиялда гьединго кӏалъана районалъул депутатазул собраниялъул председатель Гирисхан Гирисханов, Гумбет районалъул Данухъ росдал школалъул директор Мухӏамад Гӏалиев, Казбек районалъул «Чапар» газеталъул редактор Мухтар Чупалаев, краевед Апанди Дадаев, Буртунай школалъул завуч Загьраъ Гӏалиева, росуцояв Нигӏматула Имашов, Хасавюрт шагьаралъул бетӏер Зайнудин Охъмазов.

Ахӏмадпаша Зиявудиновасул кучӏдул цӏалана Буртунай росдал школалъул цӏалдохъан Хӏусейнов Жамалдиница.