Дагъистаналъул урологияб централда гӏадамал сах гьаризе тӏадегӏанаб даражаялъул специалисталго гӏадин буго гьанжезаманалъул тӏалабазда рекъонкколеб тӏагӏел-алатги. Щибаб анкьалъ республикаялъул батӏи-батӏиял районазда гьеб рахъалъ бугеб ахӏвал-хӏалалъухъ балагьизе къватӏире рахъуна Дибирдада Хӏажиевас нухмалъи гьабулеб централъул хӏалтӏухъаби.
Унтарал росула учеталде ва гьел сах гьаризе рачуна тахшагьаралде. Хӏатта, Россиялъул бищунго церетӏурал урологазулгун тӏоритӏула цӏакъго унтразул бугеб ахӏвал-хӏалалъул ва гьезие лъураб диагнозалъул хӏакъалъулъ бицарал видеоконференциялцин. Унтарал сах гьарулелъул хӏисабалде росула гьезул малъа-хъваял.
Гьал къояздаги республикаялъул урологияб централъул тохтурзабаз видеоялдасан бухьен гьабуна Москваялъул специалисталгун. Гьаб нухалъ гьоркьоб лъуна 37 сон барай ургьисалаби (почкаби) унтун рехсараб сахлъи цӏуниялъул идараялде ячӏарай гӏадалъул диагнозалда тӏасан суал. ДРялъул урологияб централъул тохтурзабаз бихьизабун бугоан гьелъие операция гьабизе кколин. Москваялъул махщелчагӏиги нилъер тохтурзабаз къотӏараб хӏукмуялда тӏадрекъана. Больницаялда вегун вугев чанго унтарасул бицана видеоконференциялда. Палхӏасил, нилъер тохтурзабаз ва хӏалбихьи бугел Москваялъул специалистаз унтаразе лъурал диагнозал данде ккана.
ДРялъул урологияб централъул бетӏерав тохтур Дибирдада Пайзулаевас нижее бицана Лопаткинил цӏаралда бугеб НИИялъгун цадахъ рекъон Дагъистаналда гӏумруялде бахъинабулеб бугеб программаялъулги.
«Гьелда рекъон урологияб централъул хӏалтӏухъаби щола батӏи-батӏиял районазде, росабалъе ва бакӏазда ругел гӏадамазулгун гьарула гара-чӏвариял, цӏехола чорхол сахлъиялъул хӏал. Палхӏасил, тӏатинарула унтарал. Захӏматаб хӏалалда ругезе гьабула хехаб кумек. Цогидалин абуни рикьун къокъабаздегун, гьезул ахӏвал-хӏалалъухъги балагьун гьарула сах. Гьедин жакъа къоялъ нижеца учеталде восун вуго 12 азарго чи», — ян бицана Дибирдада Пайзулаевас.