Махӏачхъалаялда тӏобитӏараб ополченцазул данделъи тӏобитӏиялъе аслияб гӏилла букӏана «1999 соналъул ополченцазул ветераназул союз» абураб Дагъистаналъул регионалияб жамгӏияб цолъи гӏуцӏи ва гьелъул нухмалъулел идараби тӏасарищи. Цӏияб цолъиялъул учредителаллъун ккола Гӏумахан Гӏумахановги, Гӏарапат Къурбановаги, Мухӏамадхӏажи Гъалбацӏдибировги.
Отставкаялда вугев полициялъул полковник, «Бихьинчилъиялъул орденалъе» кӏицӏул мустахӏикълъарав Гӏумахан Гӏумахановас гьадин бицана цӏияб цолъи гӏуцӏиялъе ккарал гӏиллабазул хӏакъалъулъ:
— РФялъул президентасул «Ополчениялъул ветеранасул хӏакъалъулъ» абураб указ къватӏибе бачӏинелдего, цо-цоязухъа бажарана жалги ополченцал ругин абураб гьересияб удостоверение босун. Нилъеда киназдаго, ай хӏакъикъиял лъугьа-бахъиназул гӏахьалчагӏазда, цӏакъ лъикӏ лъала, кинаб багьа кьезе ккарабали. Гӏандадерил габурлъиялдаса ине къасд гьабурал хъачагъазул къокъабазе нух къалеб мехалда. Ватӏаналъул гӏорхъи цӏунулаго, гьенив къурбанлъана анкьго дагъистанияв.
Мех-мехалда рицунел рагӏула чачан халкъалъул рахъалъ рекъечӏел харбал. Дица ракӏчӏун лъазабулеб буго: чачан халкъалъ гуро рижизарурал Басаевалгун Масхадовалги, Удуговалгун Дудаевалги ва Хаттабалги. Гьел куцана дора, нилъер улкаялъул гӏорхъи тун къватӏир. Нижеда доб заманалда мухӏканго лъалаан, Ведено районалъул Даргъосан гӏандадерил ракьалдехун хъачагъазул къокъа бачӏине бугеблъи. Гьел баянал нижехъе щвезаруна чачаназ. Нижеда лъала, хъачагъазе нух къаялъул мурадалда, Харачӏоялдаса руччабиги лъималги нухда регун чӏараблъиги. Нилъеца гьелъухъ баркала кьезе ккола гьезие. Гьелде тӏадеги, дол соназда Чачаналъул муфтиясул хъулухъалда вукӏарав Ахӏмад-хӏажи Къадировасги Дагъистаналъул халкъазда гьарана тӏасалъугьаян абун. Халкъазул вацлъи цӏуниялъе гӏоло гӏумруги кьуна гьес, — ян.
Хасавюрт районалъул Аксаялдаса Гъасулбег Мухӏамадовасул пикруялда рекъон, цӏияб жамгӏияб цолъи лъугьине ккола халкъал гъункизарулеб идаралъун.
— Нилъер хӏаракаталъул аслулъун лъугьине ккола гӏолеб гӏелалъе тарбия кьей, гьелъулъ ватӏаналде рокьи куцай. Гьединаб ишалъе мисаллъун рукӏине ккола ополченцал, — ан абураб гьесул пикруялда тӏадрекъана Гъизляралдаса Ахӏмадпаша Амирилаевги.
«1999 соналда Болъихъе вачӏун вукӏана министр Сергей Степашин. Гьес улкаялъул нухмалъулесда лъазабуна, Дагъистан нилъер кодоса анин абун. Степашиние гӏадин, хехго кверал эхеде рорхизе ва бокьараб ккагиян абун чӏезе ихтияр букӏинчӏо нижер. Гӏагараб магӏарухълъиялде тӏаде щун букӏана захӏматаб къо. Гьебмехалда тӏолабго халкъ бахъана ватӏан цӏунизе», — янги бицун, дол соназул лъугьа-бахъинал ракӏалдещвезаруна гӏалим Гӏумар Абулайсовас.
— Гумбет районалъул ракьалде хъачагъал лъугьинчӏо. Нижин абуни, 150 чи гъорлъ вугеб къокъаги гӏуцӏун, гӏандадерида хьолбохъ эхетана. Гьеб букӏана магӏарул росабалъа гӏадамал чед-хинкӏалда хадуб росу тун рахъараб заман. Ватӏаналде щвараб балагьалъул хӏакъалъулъ хабар рагӏарабго, киналго тӏадруссана Дагъистаналде ва ватӏан цӏунизе рахъана, — ян бицана Гумбет районалъул Цӏиликь росулъа Мухӏамад Гӏабдулмуслимовас.
Данделъиялъул ахиралда рищана цолъиялъул нухмалъулел. «1999 соналъул ополченцазул ветеранал» абураб ДРООялъул президентлъун вищана Гӏумахан Гӏумаханов, вице-президенталлъун – Гӏарапат Къурбановаги Ахӏмадпаша Амирилаевги, Попечителазул советалъул председательлъун – Гъасулбег Мухӏамадов.