Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союз гӏуцӏаралдаса тӏубана 85 сон

Гьале жакъаги дун памятниказухъ

Нус-нус соназул тарих бугеб Дагъистаналъул адабият. Гьелъул буго хасаб улка – адабияталъул улка. Гьеб улкаялъул хважаинзабилъун кколел шагӏирзабазул ва хъвадарухъабазул цолъи гӏуцӏаралдаса исана тӏубана 85 сон.

Гьеб улкаялда, зобалаздеги цӏабуцӏун, машгьурлъиялъул тӏогьазда, бахӏарчилъиялъул байрахъги парпазабулаго, чӏухӏадго эхетун буго 85 мегӏер. Щибалъул – жиндирго къисаги, къисматги, цӏарги.

Гьанибго – магӏарул адабияталъул мегӏерги. Гьелъул каранда жакъаги кенчӏелел руго даимлъиялде роржун арал Хӏамзатилги, Махӏмудилги, Инхоса Гӏалихӏажиясулги, Чӏанкӏалги, Расулилги, Фазулги, Гӏабасиласулги, Заид Хӏажиевасулги ва цогидалги магӏарул шагӏирзабазулгун хъвадарухъабазул цӏарал.

Адабияталъул гучал мугӏрузул байрам кӏодо гьабулеб къоялъ цӏакъго бокьана магӏарул шагӏирзабазухъе «щвезе», гьезие цоги нухалда ракӏ-ракӏалъулаб баркала кьезе.

Байбихьана Фазудасан. Махӏачхъалаялъул аслияб майданалда аскӏоб бугеб паркалда Фазул памятникалъухъе гӏедегӏулей йиго дун — жакъа гьей гьаюраб хасалил къоялъ.

Хасало гьаюрай гьелъ жиндирго кочӏолаб гъасда танщинаб хинлъи!

Йокьулей шагӏиралъе рачӏарал тӏугьдузул махӏалъухъе йорчӏун ячӏарай гьелъул гьаракьалъ цӏидасанги рикӏкӏунеб бугин кколеб букӏана…

«Мугӏрузул законал»…

Гьезие даим ритӏухъайлъун хутӏарай шагӏиралъулгун къо-лъикӏги гьабун, дун щвана гьебго майданалда, гьитӏинабго ахикь вугев Цӏадаса Хӏамзатихъеги. Цо хӏайранаб лахӏзаталъ гӏенеккана гьесухъ.

Гӏакъилав херасул сатириялъги, юмаралъги, « Гӏумруялъул дарсазги» каранда ракӏгицин кьурдизабуна.

Ва гьале дун магӏарул адабияталъул гучаб мегӏералъул гучаб тӏогьалъул сонги, жакъаги, метерги вугев Хӏамзатил Расулил памятникалда цее. Гӏаданлъиялъ тӏадегӏанлъарав, тӏадегӏанлъиялъ гӏадатлъарав, гӏадатлъиялъ кӏодолъарав, кӏодолъиялъ гьитӏинлъарав, гьитӏинлъиялъ машгьурлъарав шагӏирас цӏидасанги гьикъулеб бугин ккола Ватӏаналда:

— Бице, эбел – Ватӏан, бице Дагъистан, Мустӏахъикъав вугищ дун дур цӏаралъе, — йилан.

Вуго, шагӏир, вуго. Бищунго борхатаб мегӏералъул тӏогьиб дуца парпазабураб магӏарул адабияталъул байрахъ тӏадегӏанлъиялдаги къадруялдаги цӏунун буго Мухӏамад Ахӏмадовас, Залму Батировалъ, Мухӏамад Патахӏовас, Тӏубхӏат Зургьаловалъ, Гӏайшат Малачиевалъ, Сабигат ва Залму Мухӏамадоваз, Баху-Меседо Расуловалъ, Манарша Гӏисаевалъ, Мухӏамад Хӏамзаевас, Хӏамзат Гӏизудиновас ва цогидалги магӏарул ва Дагъистаналъул рагӏул устарзабаз. Зодихъ гвангъун бугеб дур кӏудияб цӏваялда сверухъ ракӏарун ругел гьезул цӏваязги цӏикизабун буго адабияталъул дунял.

Дур шигӏрабазул океаналъул чӏахӏиял карачелабазул кӏудиял ва мустахӏикъал тӏирабилъун ругел гьезул, харда ккараб роол щубалъ гӏадин, рацӏцӏад гьарулел руго цӏалдолезул ракӏалги пикрабиги.

Къадруяб байрамалъул хӏурматалда

Ва цӏидасанги дун нахъюссана. Поэзиялъул театралде. Гьениб кӏодо гьабулеб букӏана хъвадарухъабазул цолъиялъул байрам.

Дагъистаналъул цӏалдолезда адабияталъул байрам баркизе рачӏун рукӏана Россиялъул регионаздаса ва шагьараздаса хъвадарухъабигун шагӏирзаби. Гьединго тадбиралда гӏахьаллъана республикаялъул хъвадарухъабиги, шагӏирзабиги, гӏалимзабиги, журналисталги ва миллияб маданият бокьулел дагъистаниял.

Тадбир рагьана ва нухда бачана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалъул правлениялъул председатель Мухӏамад Ахӏмадовас.

Гьес ракӏалдащвезаруна союзалъул тӏоцересел галаби, бицана гьелъие нухмалъи гьабурал шагӏирзабазул хӏакъалъулъ.

Дагъистаналъул хъвадарухъабазда байрам баркана ва миллияб адабияталъе тӏадегӏанаб къимат кьуна тадбиралда гӏахьаллъарал Россиялъул регионаздаса гьалбадерица.

Гьезул къимат тасдикъ ва ритӏухъ гьабуна гьаб рохелалъги – Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союз рикӏкӏана Россиялъул Хъвадарухъабазул союзазда гьоркьоб бищунго лъикӏаблъун.

Ритӏухълъиялъул хъаравуллъуда

Унго-унгояв шагӏирасул рагӏи кидаго гӏужилаб чӏорлъун речӏчӏулаан ритӏухълъи гьечӏолъиялдаги, рокьукълъиялдаги, хӏалихьалъиялдаги, яхӏ-намус билараздаги. Гьеб жакъаги буго гьедин. Унго-унгояв шагӏир, хъвадарухъан даимго ритӏухъавлъун хутӏула жинцаго тӏасабищараб заз-хъарахъалъулъги, тӏегь-хералъулги цӏураб нухалъе. Гьев хӏинкъуларо гӏумруялъул бураназукъа, къуркьуларо къисматалъе, къоларо хӏалихьалъиялдаса.

Гьединаб нух тӏасабищарал хъвадарухъабаздаги шагӏирзабаздаги нижецаги баркула союзалъ нахъа тараб кӏудияб тарих. Биччанте гьезул рагӏул гӏужилаб чӏор жакъаги хутӏизе хӏалихьалъиялда речӏчӏулеб бакӏаб гьорчолъун.