Мун, хъущтӏун аниги, гӏодоб ккун гьечӏо,

Гӏедегӏе, Дагъистан, тӏаде борхизе.

Дагьаб тараниги, тӏагъур бортичӏо

Чӏухӏун балагье мун дуниялалъухъ.

Залму Батирова («Дагъистан»)

Араб анкьалда Поэзиялъул театралда Дагъистаналъул халкъияй шагӏир Залму Батирова дандчӏвана жиндирго цӏалдолелгун. Шагӏиралъул шигӏрабазул кӏудияб цӏадухъе ракӏарун рукӏана магӏарул адабият бокьулелги, гьелъул гьудул-гьалмагълъиги, къаламцоялги.

Гьеб цӏаялъул бищунго канал хӏенхӏаллъун шагӏиралъе рукӏана ва руго жиндирго цӏалдолел.

Шагӏиралъ цӏалдолезе цӏалана цӏиял шигӏраби, бицана жиндирго адабияб дунялалда зваргъелеб бугеб пикрабазул цӏурмил сариназул.

Тӏоцебесеб иргаялда, магӏарулаз лъай-хъвай гьабуна гьелъул тӏахьазул выставкаялъулгун.

Гьалеха цӏалдолезда цебе – шагӏиралъул шигӏрабазул гъамас. Гьенир цокӏалго сокӏкӏун руго магӏарулазул ракӏал асир гьарурал саринал. Жакъаги шагӏиралъ гьурщизе руго шигӏрабазул хулжал.

Тадбир рагьана ва нухда бачана ИЯЛИялъул профессор Мухӏамад Мухӏамадовас. Гьес бицана шагӏиралъул махщелчилъиялъул, къватӏире риччарал тӏахьазул хӏакъалъулъ. Шагӏиралъ цӏалана жиндирго кучӏдул, гара-чӏварана цӏалдолелгун.

Залму Батировалъул кучӏдул цӏалана Дагъистаналъул мустахӏикъав артист Хирамухӏамад Хирамухӏамадовас, тележурналист Хатимат Мухӏамадовалъ, Магӏарул театралъул гӏолохъанав актер Мухӏамад Дудуевас ва ДРялъул мустахӏикъав артист Мухӏамад Гӏабдулатӏиповас, Ленинкенталъул №35 школалъул цӏалдохъабаз.

Шагӏиралъе музыкалияб салам кьуна ва гьелъул рагӏабазда кучӏдул ахӏана Дагъистаналъул халкъиял артистал Тӏагьир Къурачевас, Абакар Гӏумархӏажиевас, Гӏабдула Мухӏамадмирзаевас, Хадижат Жамалудиновалъ.

Цӏидасанги магӏарул адабияталъул гъасда пархана цӏияб цӏа. Гьеб батила шагӏиралъул рекӏел цӏа. Гьеб цӏадулъ къаламги ччун хъварал шагӏиралъул кучӏдулгун цадахъ ругел релъи-магӏуялъги, рохел-пашманлъиялъги, бухӏиялъги, рухӏелалъги, угьиялъги, ахӏиялъги магӏарулазул пикрабазул цӏумур цӏидасанги зваргъезабуна гьеб сордоялъ.

Биччанте Залму Батировалъул асарал магӏарулазул ракӏазулъе гьоцӏолъун тӏинкӏизе рокьиги ритӏухълъиги.

Пикрабаца цӏумур бухулеб буго,

Чӏаголъи лъугӏараб лъикӏлъи борчӏизе.

Ургъалица гӏакӏа ахӏулеб буго,

Ургъел гьечӏелщинал ригьинаризе.