1999 соналъул август-сентябралда ккарал рагъулал лъугьа-бахъиназул гӏахьалчагӏазул ракӏалдещвеял
Киданиги ракӏалдаса инаро 1999 соналъул август моцӏ. Гьебмехалда ккарал лъугьа-бахъиназги гьезда дагъистанияз гьабураб гӏахьаллъиялъги цоги нухалда загьир гьабуна нилъер цолъигун гъунки. Гьедин букӏана 1741 соналдаги, Надир-шагьасул аскарал щущахъ риххизарураб мехалдаги.
Хвалил бадивеги балагьун
Гӏумахан Гӏумаханов гьавуна Ансалтӏа росулъ. Армиялда вуссиндал кӏиго соналъ хӏалтӏана колхозалда. Амма анищлъун букӏана милициялъул хӏалтӏи. Ахирги гьеб анищ тӏубана ва гьев лъугьана Махӏачхъалаялъул Ленинский РОВДялде. Гьеб букӏана 1979 сон. Ракӏбацӏцӏадго хъулухъги тӏубалаго, Гӏумаханица нахъа тана мухъилав милиционерасдаса полковникасде щвезегӏан болъаби. 2012 соналда гьев ана отставкаялде. «Милиция ккола халкъалъул матӏу – гьеб пикру дие кидаго букӏана аслияблъун. Дун хӏалтӏана уголовнияб розыскалда – гьеб иш дие цӏакъ бокьулаан», — ян абуна гьес.
1998 соналъул октябралда Гӏумахан витӏана Хасавюрт шагьаралъул милициялъул отделалъе нухмалъи гьабизе. Гьенире гочун рукӏана магӏарухъа гьесул эбел Халунчакарги вацал-яцалги. Рахӏатхвараллъун рукӏаниги, хӏалтӏул къоял унаан шагьаралда гӏадлу-низам гьабулаго. «Жамгӏияб низам цӏуниялъухъ» абураб медалалъеги мустахӏикълъана гьев «махӏачхъалаялъулаб» абураб рэкетиразул къокъа ккуралъухъ. Гьезухъа бахъана 12 туманкӏ ва туснахъ гьавуна микьгояв.
Ракӏалдаса унареблъун хутӏана Болъихъ районалда лъабго чи чӏварав такъсирчи кквеялъул хӏужаги. «Такъсирчи вахчун вукӏана Рикӏкӏвани. Милициялъул къокъаялде данде кьвагьдана гьев. Гьебмехалда гьесулгун гара-чӏвари гьабизе ана дунго. Жаниве лъугьана – нижеда гьоркьоб букӏана 3-4 метр. Амма гара-чӏварулаго, гьевги тохлъизавун, гьесухъа ярагъ бахъун бажарана дихъа», — ян ракӏалдещвезабуна полковникас.
Букӏана гьадинаб лъугьа-бахъинги. Махӏачхъалаялда хӏалтӏул къоги лъугӏун, рокъове унев вукӏана Гӏумаханов. Машина толаан минаялдаса рикӏкӏад. Лъелго унев вукӏана гьев. Цо заманалдаса бахъана къваридабго къотӏносан рекерун рачӏарал гӏадамазул ахӏи: автобусалъул остановкаялда цо чи вугила киналго кьвагьизаризе ругин абун, хӏинкъи кьолев.
Гӏумахан (гьесда тӏадретӏун букӏинчӏо милиционерасул форма) ана гьеб рахъалде. Чӏезабуна юк баччулеб машина ва, лъалхъизабичӏого, дол гӏадамазда аскӏосан бачеян абуна шоферасда. Такъсирчиясде гӏагарлъидал, хехго кӏанцӏана гьесде тӏаде ва кодоса бахъана граната…
Бахӏарчилъигун къохӏехьей магӏаруласе хасиятаб букӏин загьир гьабуна Гӏумахан Гӏумахановас 1996 соналъул январалда Хасавюрт районалъул Первомайское росулъ ккарал лъугьа-бахъиназда гӏахьаллъулелъулги. Хъачагъазул бетӏерлъуда вукӏарав Радуевасулгун гара-чӏвари гьабизе ана гьев. Гьенибе битӏизе бакӏарулеб букӏана хасаб къокъа, амма Гӏумаханица абуна жив ине вугин абун. Цӏакъ захӏматал гара-чӏвариял рукӏана гьел, амма гьелъул хӏасилалда хъачагъаз ихтияр кьуна руччабиги лъималги эркен гьаризе. Гьеб бахӏарчияб ишалъухъ Гӏумахание кьолеб букӏана Бихьинчилъиялъул кӏиабилебги орден, амма гьес инкар гьабуна.
Инсул мина цӏадулъ бугеб мехалда
Цӏумадегун Болъихъе хъачагъаз гьужум гьабунин абураб хабар бачӏараб мехалда, Гӏумахан хъизангун ва эбелгун цадахъ хӏухьбахъулев вукӏана Железноводскиялда. Ватӏаналде къо ккараб заманалда рахчун рукӏун ругьунал гьечӏелъулха магӏарул игитал. Эбелалдаги хъизаналдаги абуна Краснодаралде унев вугилан ва сапар бухьана гӏагараб Рикӏванибе.
Гьеб букӏана 1999 соналъул августалъул къоял. Гӏандадерил ракьалдасан Дагъистан квегъизе рачӏине хиял гьабуна 1996 соналда Первомайское росдал гӏадамал асирлъуде росун рукӏарал хъачагъаз.
«Дун тӏаде щвелалде Гӏанди, Гъагъалъ, Рикӏвани, Гӏашали, Гьунхъа ва Зило росабазул жамагӏаталги данделъун, хӏукму гьабун батана: цониги чи гӏорхъи бахун виччаларо, хӏажалъани яргъидалъун жаваб кьела гӏагараб ракьалда хӏетӏе чӏезе хиял лъурал хъачагъазеян абун. Гьез гьабураб гьеб хӏукму битӏун буго Муни, Чанхъо ва Кванхидалъ росабазул жамагӏатаздеги. Гӏандадерил росабазул жамагӏатаз дида гьарулеб букӏинчӏо – дихъа тӏалаб гьабулеб букӏана, жидер къокъаялъе нухмалъи гьабеян абун», — ан бицана Гӏумаханица.
Полковник Гӏумахан Гӏумахановас тӏоцебесеб къоялъго гӏуцӏана гӏандадерил росабазул ополченцазул цогояб штаб, хӏисабалде босана гӏадамазулгун яргъил сурсаталъул къадар ва гӏуцӏана ротабигун взводал. Болъихъ районалъул щуго росдал вакилзабазда гьоркьоса тӏасарищун, тӏамуна гьел къокъабазул нухмалъулелги – хӏалбихьигун бажари хӏисабалдеги босун. Сордо-къоялда жаниб ополченцазгун росабазул жамагӏатаз хӏадурана гӏагараб ракь тушманасдаса цӏунизе санагӏатал бакӏал. Гьезул гӏаммаб халалъи бахана 30 километралде – Хӏарами габурлъиялдаса Цӏоболгохӏде щвезегӏан.
Гӏандадерил ракьалде гали бегьилалде хъачагъазда ракӏалде ккана гара-чӏвариял гьаризе. Гьезул хьул букӏун батила, габурлъи бахунеб мехалда, жидее кинабгӏаги квалквал гьабиларин гара-чӏвариял гьаруни ва церехун ине жидее рагьараб нухги букӏинин абун.
— Дида гьеб къо, 1999 соналъул 11 август, жакъа гӏадин ракӏалда буго. Кӏочонаро, щайгурелъул къалъудаса хадуб гьеб къоялъ бакъ ккун букӏана. Гӏандадерил ополченцазул цолъараб штабалъул хӏукмуялда рекъон, Ширвани Басаевасулгунги гьесул къайицадахъазулгунги гара-чӏвари гьабизе тӏадкъана мунагьал чураяв Арзулум Илясовасдаги дидаги. Дандчӏвай букӏана Гъагъалъ-Даргъоялда гьоркьоб бугеб Оншитӏлигъун абураб бакӏалда. Хъачагъазул рахъалдаса рачӏана Шамил Басаевасул вац Ширваниги (нижеда абуна гьев Шамилил кваранаб квер кколин абун), Бекӏханги (гьесул фамилия рехсечӏо) ва Радуевасул вакил Хункерпаша Исрапиловги. Гьезда нахъа эхетун рукӏана яргъид гӏуцӏарал хъачагъалги. Гьезулгун ккана лъикӏаб гуреб хабарги.
Гьел гара-чӏвариял ракӏалдещвезарулаго, гьадин бицана Тиловур Хӏайбулаевас:
— Ниж рачӏунел руго Дагъистаналъул ракьалде бацӏцӏадаб динги босун, ва нужее лъикӏаб букӏина, ниж гӏандадерил кӏкӏалахъан эркенго эхере риччани. Ниж нужеда хъваларо, — ян ракӏчӏун кӏалъазе байбихьана Ширвани.
— Нижеда малъаризе ккани, нужехъе ислам киса бачӏараб? — ан суал кьуна нижеца гьезие.
Амма Ширваница абуна: «Гьале гьал мугӏрулги рахун, Махӏачхъала кодобе босила ва доба – Каспий ралъад. Букӏина нилъерго Кавказалъул вилаят», — ан.
Гьелъие нижеца гьабуна гьадинаб жаваб:
— Чан километр бугеб Грозныялдаса Махӏачхъалаялде? А гьенисан – битӏараб нухдасан, нуж гьедигӏан бахӏарчиял рагъухъаби ратаниха. Нужецайин абуни, балагьулеб буго бигьаяб нух. Амма гьелъул жо кколаро. Нужее лъикӏаб буго парахат рокъоре тӏадруссани, — ян.
Гьебмехалдаги тӏасаричӏичӏо гьел. «Кье нижее Мунире, кӏудияб кьоде щвезегӏан бугониги нух! Нужер «беженцалги» разиго къабул гьарила Веденоялда. Киналго шартӏалги гӏуцӏила», — ян нич бахъун кӏалъана Ширвани.
— Дуда кида ва киб рагӏараб гӏандал лъутанин абун? Хиянатчагӏилъунги рукӏинчӏо ниж киданиги, — ян жаваб кьуна дица гьесие.
Гьебмехалда Ширвани тӏаде вахъана ва гьес дида абуна: «Нужеца ополченцал нахъе рачинчӏони, дун ине вуго нужер бутӏрулги мерхьунаго», — ян.
Дицаги гьесда гьадин абуна:
— Цин лъазабе гӏандадерил тарих, хадуб – нужерго, чачаназул. Гьеб тарихалда цониги бакӏалда дуда хъван батани, гӏандадерил ракьалдасан тушман анин абун, мунги вахина гьал мугӏруздаса, — ян.
Ва ниж цоцалъ речӏчӏана, амма ратӏа гьаруна.
Гьеле гьединал гара-чӏвариял рукӏана чачаназул хъачагъазулгун. Гӏасрабаз ракълилабгун вацлъиялъулаб гӏумру букӏана гьал мугӏрузда гӏандадерилги чачаназулги. Гьалбаллъун рукӏана. Цоцазухъе гьоболлъухъе хьвадулаан, къо ккедал, гьоболас гьоболасе кумек гьабулаан. Ма, гьанже ваккана гьаниве цо вахьна, щивали лъаларев Ширвани Басаев, жиндирго «бацӏцӏадаб исламги» босун, ва чӏухӏдарулаго, лъазабулеб буго нижер бутӏрулги мерхьунаго ине вугила живилан абун. Гӏандидисесе яхӏ-намус гӏумруялдасаги хирияб букӏин лъалеб гьечӏоан гьесда.
(Хадусеб букӏине буго)