13 декабрь – Сидрат Мажидова гьаюраб къо

Гьеб букӏана 1972 сон. Доб мехалда дица гӏумру гьабулеб букӏана Шамхал посёлокалда. Шамхалалде гӏемер бачӏунаан Авар театр. Занкӏун цӏун букӏунаан Культураялъул рукъалъул зал театралъухъ ралагьизе рачӏарал шамхалалъулаз ва мадугьалихъ бугеб Богатыревка росдал гӏадамаз.

Доб сордоялъ Шамхалалде рачӏун рукӏана РСФСРалъул халкъияй артистка Сидрат Мажидова гъорлъ йигеб къокъаялъул артистал. Гӏадат букӏана спектакль лъугӏун хадуб артистал лъица букӏаниги кваназе, хӏухьбахъизе рокъоре гьоболлъухъ рачунеб. Гьелин абуни, цо-цо мехалда разилъулаан, цо-цо нухалда гӏедегӏун ругилан, унаан.

Шамхалалда гӏумру гьабун гъол соназ вукӏана Салтӏаса, мунагьал чураяв, Камил ва гьесул хъизан-лъимал. Цӏакъ кечӏ-бакъан хирияв чи вукӏана гьев. Гьес, течӏого рокъоре рачана артистал. Камил лъикӏав гьудул-гьалмагъ вукӏиналъ, дунги ккана гьениве.

Камилил лъади Асиятица лъикӏаб гьоболлъиги гьабуна артистазе. Ва кванан хадуб киназего бокьана Сидратица кечӏ ахӏизе. Амма гьеб къокъаялда цадахъ Сидратие пандур хъвалев чи вукӏинчӏо.

— Хъарамухӏамадил гъове векереха, Камил, гьесул гъоба пандур буго, гьесги Гӏабдулвахӏидицаги кигӏанги лъикӏ гурищ пандуралда бакънал рачунел, — ан абуна Асиятица росасда.

Камил ун хадуб Асиятица бицана Хъарамухӏамад вугин Гьарадирихъа Шамхалалда гӏумру гьабун чӏарав, Махӏачхъалаялда институталда хӏалтӏулев гӏелмабазул кандидат, Гӏабдулвахӏидги, росулъ микьго классги лъугӏизабун, тӏасиял классазда цӏализе гьес жиндихъего вачарав, гьесул гьитӏинав вацгӏал вугилан.

Заманго иналде, Хъарамухӏамад Махӏачхъалаялдаса жеги вуссун ватичӏилан, цадахъ Гӏабдулвахӏидги вачун, пандурги къвалакь ккун, вачӏана Камил. Хадуб, гьабги-гьабги бакъан бачун бажарилищан Сидратица цо-цо сверел кочӏол ахӏун бахъиналде, гӏолиласул килщал пандрида расандана ва Сидратица ахӏулел кучӏдузул хӏасратал бакънал рокъор роржанхъана. Киназго гӏажаиблъи гьабуна, жеги ичӏабилеб классалда цӏалулев гьитӏинав гӏолиласул пандрида бакънал рачине бугеб махщалида.

– Гьале нилъее Хъахӏав Мухтар хисизе чи, — ян махсара гьабуна артистаз Гӏабдулвахӏидие, Махӏачхъалаялде щведал, гьоболлъухъ щвечӏого вукӏунгеянги гьарана гьез гьесда.

Хъахӏав Мухтарин абуни вукӏун вуго жинцаго кечӏги ахӏулев, Сидратица ахӏулел кучӏдузде данде пандурги хъвалев Лъагӏилухъа Мухтар Сайгидхӏусенов.

Ункъо кечӏ ахӏана Сидратица доб сордоялъ нижее, Гӏабдулвахӏидица пандурги хъван. Бищунго нижеца гӏажаиблъи гьабураб жо — къойил Сидратида аскӏорги рукӏунел, гьелъул кучӏдулги гӏемер рагӏулел театралъул артистазе, нижее, къанагӏат радиоялдасан гурони гьел рагӏуларездаса цӏикӏкӏараб асар гьабулеб бугоан гьелъул кучӏдуз. Гьедин махщалида пандур хъвалев чияс дуца кечӏги ахӏулеб батилилан тӏаделъана Гӏабдулвахӏидиде артистал, амма ахӏизе гьаракьги махщелги гьечӏилан, гӏолилас инкар гьабуна.

…Кӏикъогогӏан сон ана гьеб дандчӏваялдаса хадуб. Аскӏосан йихьичӏониги, сценаялдасан гӏемер йихьулаан гьей. Гӏабдулвахӏидилгун, Шамхалалда 10 классги лъугӏун гьев аралдаса, дандчӏвай ккун букӏинчӏо, амма ракӏалда чӏун вукӏана. Дунгоги чанго соналдасан Шамхалалдаса нахъе гочана.

2013 соналъ «Гьудуллъиялъул рукъалъул» фойеялда тӏобитӏулеб «Прессаялъул балалде» ккана дун. Нуцӏихъа жаниве лъугьаравго, берречӏчӏана «Хӏакъикъат» газеталъул бокӏоналда данделъарал Гӏали Камаловасдаги, газеталъул цогидал хӏалтӏухъабаздаги. Гьенирго ругоан нилъер машгьурал музыканталги, театралъул артисталги. Нуцӏихъехун мугъги кьун чӏарав чигун гара-чӏварулей йигоан Сидратги. Аскӏове щведал лъана гьев Гӏбдулвахӏид вукӏин. Гьесда дунги лъана. Сидратида дун ракӏалда ватичӏо. Дида ракӏалдещвана доб Шамхалалда ккараб хабарги, Гӏабдулвахӏидги театралияб яги музыкалияб нухда хӏалтӏулев ватилин пикру гьабуна. Амма гьев политикаялде гъорлъе жуван вугоан.

Гьес лъугӏизабуна тӏадегӏанаб партиялъулаб школа, СССР биххизегӏан хӏалтӏана комсомолалъул гӏуцӏабазда, КПССалъул Гъизилюрт шагьаралъул комитеталда, гьабсагӏатги хилиплъун гьечӏо партиялъе ва хӏалтӏул вуго КПРФалъул Гъизилюрт шагьаралъул комитеталъул тӏоцевесев секретарлъун ва шагьаралъул муниципалияб газеталъул бетӏерав редакторлъун.

Гьайбатаб лъугьа-бахъин гӏадин ракӏалда букӏана дида тӏоцебе Сидрат йихьараб, гьелъул кечӏги аскӏосан рагӏараб, Шамхалалда ккараб дандчӏвай. Гьеб цӏилъана кӏиабилеб нухалда гьейги Гӏабдулвахӏидги рихьидал.

Гьеб ракӏалдещвеялъул хӏакъалъулъ «Хӏакъикъат» газеталде хъвазе пикру ккана дир, мунагьал чураяй Сидрат Мажидовалъул гьаюраб къоги тӏаде щун букӏун.

Дица абилаан, гьелъул росдал школалъе, Хунзахъ Культураялъул кӏалгӏаялъе кьезе мустахӏикъаб букӏинин гьелъул цӏарилан. Махӏачхъалаялдаги бегьилаан даим гьабизе гӏумруялъго лъималазул ролал хӏарай ва халкъалъул рекӏелъ лъимерлъун хутӏарай Сидратил цӏар. Масала, щай бегьилареб гьеб кьезе цониги ясли-ахалъе? Нилъеца къимат гьабичӏони нилъерго адабияталъулги, маданияталъулги, тарихалъулги, цогидаз гьабиладай?

Ракӏалде ккола, гьаб пикруялъул рахъкквелин театралъул коллективалъги, республикаялъул культураялъул министерствоялъги, Хунзахъ районалъул администрациялъги.