«Балъгояб даптар» тӏехьалдаса
— Щайтӏабацагун будалааз лъимал рачун иналъул харбал дида гьитӏинаб мехалдаго рагӏун рукӏана. Дир кӏодоца бицунаан цо гъоркьнусесда Маала раса абураб магӏарда ватун вугила цо гӏажаибав, нилъер лъималаздаса батӏияв вас, — ин байбихьана ункъачоца.
— Сундулъ букӏараб гьесул батӏалъи?
— Живго гьев вас вукӏунха батӏияв, нилъер лъималазда релълъарав гурев. Гьесда тӏад букӏун буго чундузул цӏаказдаса гьабураб ретӏел, бетӏералда харил гьабураб тӏагъур, кодобин абуни жеги тӏасан рас гъенон бахъичӏеб керчаб ритӏучӏил лълъаралдаса гьабураб тӏил, мугъзада махил гъотӏол макъаралдаса гьабураб таргьа.
— Мун щив? Лъил вас кколев мун? — ин гьикъун буго гъоркьнусес гьеб сверухъ анцӏ-анцӏ верстаз я росу, я кули-мархьу гьечӏеб, дуниялалдаса тӏураб бакӏалда ватарав гӏажаибав васасда. Гьес бацӏцӏадаб чӏурмутӏалъул лугъаталда абун буго:
— Дун вуго Цӏодорил Ибрагьимил вас… Дир эбел хун йиго дун гьавураб мехалда, эмен дун гьавилелдего хун вуго, дун будалагӏаца жидехъего вачун вуго… Вугоха мугӏрузда ва парсазда бисалги, ритӏучӏалги цӏунизе тун. Дун ана гьанже… — янги абун битӏараб бакӏалдаса уневгӏанги бигьаго цо парсазухъ эхеде ун вуго гьев вас. Хадув валагьарав гъоркьнусевги тун накӏкӏазукье тӏерхьун вуго.
Гъоркьнусев квешго хӏинкъун вуго гьеб сураталдаса. Хӏалихъего щун вуго рехъенгун гӏиял къавуде ва квешго унтизавун вуго, черхалда сири бан, цин квачан, цин хӏалуцун. Гьесул берда цевеса унев вукӏинчӏо гьадав гӏажаибав васги, кьураби, хъинсал, тӏад гӏодобнакӏкӏ лъураб дунялалдаса тӏурал, рикӏкӏадал мугӏурул ва гъулдул. Кӏочонеб букӏинчӏо гьев васасул тамашаяб, бичӏчӏизе захӏматаб гьимиги, «Дун Цӏодорил Ибрагьимил вас… Ц!одорил Ибрагьим…Цӏодорил Ибрагьим!!!» абураб жо багъулеб букӏана гӏаданиб. Жеги ас гӏажаиблъи гьабуна гьеб гӏажаибал, кибниги рагӏичӏеб Цӏодор абураб некӏсияб, ислам бачӏинелде букӏараб, кибниги рагӏичӏеб цӏаралда.
Хадусеб къоялъул бакъанида гьав хисизе вачӏарав херав вехьасул рахӏат хвана гъоркьнусев вихьараб сагӏаталъго. Ва гьес вачӏинахъего абуна:
— Щиб ккараб дуй? Мун лъалеб хӏал гьечӏо гьурмахъ балагьун??? Гъоркьнусес гӏодове виччан бицана жинда бихьарабщиналъул ва гьев гӏажаибав васасул.
— Цӏодорил Ибрагьимилая? — янги абун тӏилица ракьги бухъун, пикраххун гӏодове валагьун чӏана херав вехь.
— Щай мун вуцӏцӏун чӏарав? — ин тӏаделъана гьесдаса цо кинаб бугониги баян щвезе бокьарав гъоркьнусев.
— Дида кӏудияздаса рагӏун букӏана гьитӏинаб мехалда цо Цӏодорил Ибрагьим абурав некӏсияв чиясул бицунеб. Дица гьеб маргьу гӏадин къабул гьабулаан. Гьелдаса нахъе киданиги гьеб цӏар рагӏунцин букӏинчӏо, — ян ургъалилъе ккарас гӏадин гъванща хъасана херас. Бихьулеб букӏана гьес жинда гьитӏинго рагӏараб къиса ракӏалде щвезабулеб бугеблъи ва гӏодове виччан байбихьана харбиде:
— Гъоркьнуб росулъ вукӏун вуго Цӏодор абун цӏарги бугев цо цӏакъ гӏужилав чанахъан. Цохӏо вас гурони тӏокӏал лъималги рукӏун гьечӏо. Васасдаги цӏар Ибрагьим букӏанин бицунаан. Хабар букӏун буго Чӏурмутӏалда, чанавеян къватӏив вахъун, киданиги чӏового, жо чӏвачӏого Цӏодор рокъове вуссун гьечӏин абун. Битӏахъе хӏанчӏил бадиб гулла речӏчӏулев гӏужилав чанахъан вукӏун вуго гьев. Рукъ букӏун буго гьесул бечедаб, хъизан гьитӏинаб, цагърал цӏун бугӏаги, чӏалда мохмохгун чанил гьаналъ цӏурал рагъиялги ругев, рес рекъараб яшавалда вугев чи вукӏун вуго Цӏодор. Амма кигӏан гӏемер гьеб бугониги чанаве ин толеб букӏун гьечӏо. Цо динияв чияс абун рагӏула гьесда дуе кколелдаса цӏикӏкӏунги Бетӏергьанас ризкъиги кьун буго, хьихьун бажарилареб гӏадаб хъизанги гьечӏо, гӏей гьабе гьел чундул чӏваялда. Гьелдаса дуда цо баракат гьечӏолъи бихьизе гурин. Цӏодорица херасул гӏакълу гӏадахъ босун гьечӏо ва гӏамал кӏодого реххун буго: «Аллагьас дие кьун цӏодораб берги, гӏужилаб кверги дие къварагӏарабгӏан чан гьабизе» ян.
Пашманлъун вуго херав чи гьесул пахруяб жавабалъухъги гӏенеккун. Гьесда бичӏчӏулеб букӏана гьеб гӏурхъичӏвай гьабунгутӏиялъ цо баракат гьечӏолъиялде вачуневлъи.
— Кӏинав Цӏодорха гьев вукӏунев гьединаб ахӏмакълъи букӏун батани, — ян гьикъула гъоркьнусес гьоркьоб хабарги къотӏизабун херав вехьасда.
— Гьеб Цӏодор абураб цӏар гьесие чанахъанлъиялъе бугеб лебаллъиялъухъ кьурабин кколеб буго дида. Гӏемер цӏодорав вукӏун гьечӏо гьев балагьараб мехалда. Цо гӏазул гъал бараб квачараб хасалил къоялъ чанаве вахъуна Цӏодор. Парсаздаса унеб чӏедераб сухъмахънухда гӏазуца бахчараб цӏер халлъичӏого гӏодовги ккун, гьениса гъоркье кӏкӏалахъеги реххун хола гьев. Росуцояз бакъаниде вукъула гьев хабзалалъ ва киназго цо кӏалдиса гӏадин абулеб букӏун буго гьадаб херас гьабураб бадибчӏвай гьалъие букӏун бугин. Гӏенеккичӏо Цӏодор кӏудиясул гӏакълуялъухъ абун. Гьесул вас Ибрагьим гӏола кӏудияв. Гьевги уна гьадабго инсул нухдаса. Бихьун чан толарев чанахъан вахъуна гьесулги. Гьесдаги абун буго ригь арал чагӏаца гьеб пишаялъ къор гъунин дур инсуеги, дагьаб гӏорхъичӏвай гьабе чанахъанлъиялъе абун. Гьесда рагӏулеб букӏун гьечӏо кӏудиязул гьаракь. Гӏужда речӏчӏизе бугеб гьунаралъги, цоял цояздаса берцинал ас чӏвалел бисазги тӏубанго икъбалалъ мехтун ва беццлъун вукӏун вуго Цӏодорил Ибрагьим. Цо хасалихълъиялъул бакъ щолеб сагӏаталъ жиндирго юргъачу кьололев вукӏун вуго Цӏодорил Ибрагьим иргадулаб чанаве сапар бухьине. Гьесда мажгитул кӏалтӏа дандчӏвала гьасул инсуеги бадибчӏвай гьабурав гьадавго хъахӏаб магжилав.
— Жакъа рузман къо бугоха, Ибрагьим, — ин абула херас.
— Батани метер щамат бачӏине батилаха, — ян херасдехун рагӏиги реххун, тӏерхьун уна Ибрагьим къваридаб къотӏноса росу тун къватӏибе унеб нух ккун.
Некӏсияб Чӏурмутӏалъул биценазда рекъон, рузман къоялъ киналго чундул хьихьулел рагӏула мугӏрузда ругел нилъер беразда рихьуларел будалааца. Гьез цӏунулел рагӏула чундул тӏабигӏаталъул квешлъабаздаса ва чанахъанасул хъантӏараб бералдаса. Киналго хутӏарал къоязда чанахъанлъи гьабуниги, рузман къоялъ гьеб гьаби кинго бегьизабуларо. Гьеб буго хасаб къо. Гьеб къоялъ чундул цӏунун будалаазул ясал рукӏунин абиги буго. Рузман къоялъ чаниде ишан босарав, чӏварав чиясе баракат гьечӏолъи, цо балагь ккечӏого хутӏуларин абураб жоги гӏасрабаца букӏана халкъалда гьоркьоб. Щаялиго рузман къоялъ ун вуго Цӏодорил Ибрагьим чанаве. Цо квешал парсал ругеб магӏардаса битӏахъе борохь гӏадин хъурщун ваккула гьев цебехун бугеб кӏкӏалахъе. Битӏахъе гамачӏ речӏчӏизе кӏолеб манзилалда цебе тӏегь кваналеб мугӏрул бис батула гьасда. Цояб бис букӏуна кӏудияб, квегӏаб лълъаралъул бегӏерлъиги тӏаса бекараб. Кьурабалъа, парсахъа рахъулаго кьабун бегӏерлъи бекула гьезул цо-цо мехалда. Цогидаб букӏуна жеги гьитӏинаб, гӏолохъанаб бис. Ибрагьимил хъантӏараб бералъ битӏахъе цебесеб ратӏаялда босула ишан — гулла рекӏеда щолеб хӏалалъ. Бахъула кьвагьи. Сверухъ ругел кьурабаца цоцахъеги реххун кӏкӏалал тӏинда бугеб гӏарцул лъаралда жанибе тӏерхьун уна тункӏил гьаракь.
Гьитӏинаб бис кӏанцӏун цо парсида рещтӏуна ва щобде нахъе тӏерхьун уна. Кӏудияб бисалъ биччан уна гьабугьинан ракьалде бетӏер ва хадуб лълъурдузул бакӏлъиялъ цӏараб гӏадин чанго саженалъул борхалъудаса гъоркье бортун уна. Туманкӏул кӏкӏуй Ибрагьимида тӏаса босарабго бахъун бачӏчӏуна цо квешаб, ракӏ гъанцӏизабулеб гӏадаб чӏужугӏаданалъул гьаракь ва хадубго гӏоди, гьеб гьаркьица кӏкӏалал ва щобал цӏола битӏахъе. Ибрагьим хӏинкъиялъул кутакалъ дагьаб жо хутӏана хъуштӏун жинца гъоркье тӏамураб бисалда хадув кӏкӏалалъе вортизе. Гьев хвасар гьавуна кьурда жаниса баккараб цо цӏцӏвин хъарахъалъ, гьелда ххурхун кьурда черхги цун, цӏоро-гъорон хутӏана гьев лахӏзаталъ. Амма дой гӏодулел чӏужуялъул гьаракь къотӏулеб букӏинчӏо ва гьелъ битӏахъе чӏорал гӏадин чӏурмутӏалъул лугъаталда реххизе байбихьана хьандолел рагӏаби: «Гуч бекараб тӏаму кӏва рукъиб щвезигӏан тараб гӏумру батлугуяс» (Лълъар бекараб ана гъоркье тӏамун рокъове щвезегӏан гурони гӏумру батугеяс).
Ибрагьим гьеб гьаркьица чара хун битӏахъе кьурдехун рекӏарав чи гӏадин хутӏана. Хадув дагь-дагь ккун хӏалихъего чӏедераб сухъмахъккун гъоркье, битӏараб бакӏалде рещтӏана. Хӏинкъиялъ жинца чӏвараб бисги кӏочана гьесда, хехго чодеги вахун, лъутӏана рокъове. Рокъове щварабго гьев чӏаго хутӏана битӏун гьаб хабар росуцоязе бицинегӏан. Гьабги бицун бакъанида цӏар лъезе лъалареб унтуца цин квачан, цин хинлъун, черхалда гъар-гъар бан сородулаго босана гьесул рухӏ.
Цӏодорил Ибрагьим къанщараб заман букӏун буго кватӏараб хасалихълъи. Гьесул кинабго боцӏи букӏун буго хасел тӏамизе херги бецун Сугърухъ абураб колохъ тун. Лъимаде йигей Цӏодорил Ибрагьимил чӏужуги уней йикӏун йиго гьение гӏачиязе хъулухъ гьабизе. Цо нухалда гьей Сугърухъе щвараб сордо кӏудияб гӏазуги бан росдадасаги, хутӏараб дунялалдасаги тӏун колохъ хутӏун йиго гьей чӏужу. Бицуна гьелда хадур Сугърухъе гъоркьнусел араб мехалда ятун йиго хварай Ибрагьимил чӏужуги, чӏобогояб киниги — янги абун, жиндирго рехъада аскӏове ун вуго херав. Гӏолохъанав вехь, гьес бицараб хабаралъ ва жинда бихьаралъ кверде восарав, гьалгъан пикрабалъ хутӏун вуго гӏурдада вегун ва цӏвабазаца гвангъизабураб зодовеги валагьун.
***
— Гьеле дида рагӏараб жо. Щиб гьениб букӏараб, щиб букӏинчӏеб гӏицӏго Аллагьасда лъала, — ян квер хьвагӏана ункъачоца гъоркьнусезул щайтӏабазул, будалагӏазул ва чанахъабазул къисаги бицунаго.