(Сапаралдаса хъвай-хъвагӏаял)

Гӏисинккун гӏазуги балеб, лъикӏаланго цӏоройги бугеб къоялъул бакъанида щвана ниж Буйнакск шагьаралде.

Сапаралъул кӏиго мурадги букӏана — шагьаралъул къо кӏодо гьабиялъулгун «Комфортная городская среда» абураб программаялда рекъон бараб фонтан рагьиялъул рохалилал тадбиразда гӏахьаллъи гьаби ва шагьаралъул бетӏерасулгун дандчӏвай тӏобитӏи.

Гьава-бакъалъул согӏал шар-тӏазухъ балагьичӏого, гӏемераб халкъ бакӏарун бугоан шагьара-лъул аслияб майданалде.

Аваданаб чӏиргъи-хъуялъ кодоб босун бугоан тӏолабго сверухълъи. Рахъ-рахъалда чӏван ругоан Дагъистаналъул тӏоцебесеб тахшагьар Темир-Хан-Шураялъул, ай гьанжесеб Буйнакскалъул гӏумрудул, гӏемерсоназулаб тарихалъул хӏа-къалъулъ бицунел батӏи-батӏиял тӏагӏелаздалъун, хӏалтӏул алатаздалъун, суратаздалъун ва экспонатаздалъун бечед гьарурал чадирал.

Лъим гӏадин гӏагараб шагьара-лъул тарих лъалей ва бицуней цо берцинай гӏаданалъги кьолеб букӏана ракӏазе хинлъи.

Кинаб чадиралде аскӏоре аниги, адабалда, рохалида ва рекӏелъ цо гьуинлъигун къабул гьарулел рукӏана буйнакскиялъулаз хӏукуматалъул вакил, коррупциялъул тушман Гӏалибег Гӏалиевги гӏадатияв журналист — дунги. Ахирисеб чадир бищунго бокьана нижее, щай абуни гьеб букӏиндал кванил батӏи-батӏиял нигӏматаз цӏун. Гӏемераб заманалъ хӏалбихьичӏеб мугьалдаса байбихьун, хӏанчӏил рахь хутӏизегӏан, бокьараб нигӏмат букӏана гьениб.

Гъираялдакиналготӏагӏамазул хӏалги бихьун, гьаругьинан рачӏана шагьаралъул чӏухӏилъун лъугьине рес бугеб фонтаналде аскӏоре.

Лъабго берцинаб хъабаялда жаниса чвахунги бачӏун, хадуб аза-азар тӏирабаздеги сверун эхеде гьаваялде унеб бугоан лъим. Кутакаб асар гьабуна, жинда тӏад чанго миллионги хвезабун гӏуцӏараб, жиб рагӏабаздалъун бицинеги борцинеги рес гьечӏеб, гьайбатаб, берцинаб проекталъ.

Гьале бищунго рохалилаб лахӏзат — гьитӏичаз къотӏана фонтан рагьиялъул чӏоло.

Байбихьана ихтилат-кеп, кечӏ-бакъан. Киса-кибго букӏана байрамалъулаб ахӏвал-хӏал, хӏеренаб калам, кутакаб чӏаголъи.

Хадуб цо чӏурканаб кафеялда кӏодо гьабуна гӏемерал моцӏаз гьабураб кӏудияб хӏалтӏи.

Гьенив камурав чиги чиновниказул вукӏинчӏо — Дагъистаналъул бетӏерасул полпред Гӏабидин Хъарчигъаевасдаса байбихьун шагьаралъул лъай кьеялъул управлениялъул гӏолохъанай начальникалде щвезегӏан.

Магӏнаял кӏалъаял, ракӏ-ракӏалъулал баркиял, берцинаб гӏодорчӏей. Бахиллъана дун гьеб сордоялъ Буйнакскиялъул чиновниказул гъункиялда, цоцадехун бугеб адабалда.

Гӏагараб шагьаралъул гьайбатаб букӏинеселъухъ ракӏунтун ва гъираялда бицунеб букӏана хабар лъарагӏасги, магӏаруласги, даргиясги, лезгиясги, тумасги, нугъаясги, гӏурусасги.

Гьаниб цолъун буго тӏубараб Дагъистан, лъицаго гьикъулеб гьечӏо лъилго миллат, мацӏ, цӏар.

Гьал киналго руго некӏсияб Шура шагьаралъул тарихги лъалел, гьанжесеб Буйнакск цебетӏезабизе гъираги бугел, гьелъул гӏумруялъулъ жидерго лъалкӏги тезе бокьарал гӏадамал.

Гьанир, тӏул бикьарав кӏиго вац гӏадин, аскӏор гӏодор чӏун руго шагьаралъул ва районалъул бутӏрул. Гьезда сверухъ буго гъункараб, захӏмалъабазда цебе бетӏер къулулареб, къуватаб команда.

Гьаб шагьаралда ана иманги, гӏадлуги, гӏаданлъиги бугев инсан, машгьурав спортсмен, Лъаратӏа районалдаса магӏарулав Исламудин Нургьудаевасул лъимерлъи ва гӏолохъанлъи.

Ахирал соназда Махӏачхъалаялда рахӏатаб гӏумру гьабулев вукӏарав Исламудинида гьудул-гьалмагъзабаз, гӏемерал лъале-хъвалез гьарана гӏагараб шагьаралде тӏадвуссаян ва гьелъие нухмалъи гьабеян. Исламудин вуссана, гьесда гӏадамаз божилъи гьабуна шагьаралъулги жидергоги къисмат. Ва мекъи ккечӏо халкъ…

— Хӏарщул цӏураб, хӏалалъ гӏадамал тӏасан хьвадулеб, дунгоги гӏемер хьвадараб лъимерлъиялъул нухде хъил тӏезе рагӏи кьун букӏана дица диего, — ян бицунеб буго И. Нургьудаевас данделъаразда. — Аллагьасулги, нужерги, хӏукуматалъулги кумекалдалъун дида кӏвана гьеб къватӏалъул тӏубанго сурат хисизабизе. Жакъа гьенисан рохалида хьвадулел дир яцаз ракӏ-ракӏалъ, къвалги бан, дие баркала кьола. Гьелдаса кӏудияб рохелги шапакъатги щибха букӏинеб чиясе?!

Гьединги абун, шагьарцоязда байрамги баркун, гьезие икъбалги, рекъелги, рокъоб баракатги гьарун, лълъар борхана Исламудин Нургьудаевас.

Гӏемерал лъикӏа-лъикӏал пикрабиги къасдалги руго гӏолохъанав мэрасул.

Спорталдаго гӏадин, политикиябгун жамгӏияб гӏумруялъулъги бергьенлъаби росизе ва цӏи-цӏиял гӏорхъаби рахине хиялгун цеве унев вуго гьев.

Нух битӏаги дуе, магӏарул яхӏ бугев бихьинчи!