Мухӏамад ва Юсуп Султӏановал

7 декабралда Махӏачхъалаялда (Пушкинил къватӏ) тӏобитӏараб росдал магӏишаталъул ярмаркаялда гӏахьаллъана 200-гӏанасеб СПКязул, КФХязул, ЛПХязул, росдал магӏишаталъул нигӏматал къачӏалел предприятиязул вакилзаби.

Ярмаркаялда гӏахьаллъи гьабуразда гьоркьор рукӏана гӏиял хӏан гьабулелги, форель ччугӏа гӏезабулелги. Масала, «Джурмут-I» СПК. Ччугӏил магӏишаталъул хӏалтӏухъан Мухӏамад Гӏумаровасулгун, гӏиял хӏан гьабулел Мухӏамадилгун ва гьесул вас Юсуп Султӏановазулгун гьабуна къокъабго гара-чӏвариги.

Мухӏамад Гӏумаров

— Мухӏамад, форель тайпаялъул ччугӏа гӏезабизе байбихьиялъе гӏилла щиб ккараб?

— Цебе нижер букӏана ункъо росдае (Белъелда, Гъерел, Гӏулгьеб, Гъоркьнуб) гӏахьалаб, Ленинил цӏаралда букӏараб колхоз. Заманалда рекъон гьеб сверана «Джурмут-I» СПКялде ва гьениб хӏалтӏиги гӏуцӏун буго умумуздасан щвараб махшалида рекъон. Салда росулъ буго хасалоцин цӏер къалареб лъар. Гьениса лъимги бачун гӏуцӏана форель гӏезабулеб комплекс.

Лъабабилеб сезон буго нижеца гьеб гӏезабизе байбихьаралдаса. Лъагӏалида жаниб гӏезабула гӏага-шагарго 300-500 кг ччугӏил. Жакъа гьаб ярмаркаялда нижеца гьеб бичула килограммалъухъ 410 гъурущ хӏисаб гьабун, ай базаралда бугелдаса 30 проценталъ учузго.

— Магӏарухъ форель гӏезаби пайдаяб хӏалтӏи бугищ?

— Гьеб буго лъикӏаб хайир щвезе ккани тӏад саламатал харжал гьаризе кколеб хӏалтӏи. Гьаб ишги гьабуларо тавакалав, хӏалтӏи лъалев чияс гурони.

Дагъистаналда гӏемер хутӏун гьечӏо гӏиял хӏан гьабулел магӏишатал ва гӏадамал, амма жидеца цӏунун бугин гьеб ишилан бицана Мухӏамад ва Юсуп Султӏановаз.

— Гӏи бечӏчӏиги хӏан гьабиги бигьаяб пиша гуро. Тӏаде гӏолеб гӏелалъе бокьулищ гьеб гьабизе?

— Гьаб пиша тӏасабищулеб батила 10 вехьасда гьоркьоса цояс. Нижер магӏишаталда буго гочинабун хьихьулеб лъабазаргогӏанасеб бечӏчӏулеб гӏиялъажо. Гьел речӏчӏулеб заман ккола июнь-июль моцӏал, лъагӏалида жаниб цо лемагалъ кьола 25 литргӏанасеб рахь. Цо килограмм хӏанил гьабизе ккани хӏажалъула щуго литр рахьдал.

Ярмаркалда нижеца хӏан бичулеб букӏана 850 гъурщиде килограмм хӏисаб гьабун. Базаразда гьелъул багьа буго 1200 гъурущ.

Палхӏасил, ярмаркаялде вачӏун вукӏана гӏезегӏан чи ва гьезул щивав разигоги хутӏанин абизе бегьула.