Жакъа къоялда тӏолабго дунялалда ругел гӏадамаз щиб кканиги гӏарз гьабулеб буго жидер депрессия бугилан. Экология хванагӏан, гӏадамазда гьоркьоб бугеб гьуинлъи тӏагӏунеб буго, магӏишаталде хадур рекерулел рукӏиналъ, цоцазде чи регӏулев гьечӏо.

Щиб кканиги, абулеб буго дир депрессия бугин, стресс бугин. Щиб жоха гьеб кколеб, ва кин гьелдаса цӏунилелали бицана дунялалдаго цӏар рагӏараб методика ургъарав Хасай Гӏалиевичасул вас Ален Хасаевас.

Гьезул цадахъал гӏелмиял хӏалтӏабаздаса пайда босула космонавтаз, захӏматал лъугьа–бахъинал ккедал, полицейскияз ва цойги хехал идарабазул хӏалтӏухъабаз. Гьезул сах гьарулеб къагӏида лъала тӏолабго дунялалда, гьелда цӏарги лъун буго «Кӏул» (ключ) абун. Щибизеха нилъее къваригӏунеб «Кӏул» ва кинал балъголъаби гьелъ рагьулелали бицана гӏалимчияс.

Стресс кккола нилъер кинабго къаркъала хӏалкъаялда букӏин. Гьединаб заманалда, лъил кинаб унти батаниги, загӏипаб бакӏ унтизе байбихьула. Стресс бугеб заманалда, рокъовги кӏусун, щибго жоги гьабичӏого гӏадан сах гьавун бажаруларо. Гьединав чи кӏалъазе бокьуларого, кидаго къваридго ва ургъалабалъ вукӏуна. Аскӏор ругезеги захӏмат букӏуна унтарав рукӏалиде вачӏинавизе, гьесулгун гьоркьоблъи батизе. Гьединаб хӏал хисизабиялда тӏад хӏалтӏана гӏемерал гӏалимзаби. Гьезда гьоркьосан ккола йога ва цойги батӏи-батӏиял къагӏидаби. Гьединал методикабазул аслияб мурад буго ургъалаби нахъе иналъе кумек гьаби. Гьелдаса хадуб байбихьула нилъер чорхол «механизм» битӏун хӏалтӏизе.

Стресс, депрессия гъолъе ккезе тани, гормоналияб ахӏвал хӏал хисула. Къаркъалаялъухъа бажаруларо къеркьон, унтарав хвалде вачинеги рес буго гьелъ.

Унтарав рукӏалиде вачӏинавизе Китаялда хӏалтӏизабула Тай–Цзи цюань (Тайчи) къагӏида. Гьенир киналго хӏухьбахъулел бакӏазда гӏодориччарал упражнениял гьарулел рукӏуна. Германиялда тӏобитӏун буго аутотренинг абулеб стресс сах гьабулеб къагӏида.

Нилъеда лъалеб бищун бусурбабаз сахлъизе хӏалтӏизабулеб лъикӏаб къагӏида буго как- диналде руссин. Как ракӏбацӏцӏадго балезул гӏемер букӏунаро депрессия, стресс. Гӏемерисез какал ралел руго гӏумрудул пикрабаздаги рукӏун, гӏарцул, магӏишаталъул ургъалабаздаги рукӏун. Гьединал сахлъуларо. Как балалде цебе киналго пикрабаздаса ракӏги бетӏерги бацӏцӏад гьабизе ккола. Аллагьасдехун руссинаризе ккола киналго пикраби. Зикру бачунаго хьвагӏдола гӏемерисел, гьеб буго бищунго чи вацӏцӏалъулеб заман. Какил гӏуж буго квешаб хӏалалдасан чиясул ахӏвал хӏал тӏубанго хисулеб заман.

— Как-диналъги, йогаялъги, Тай-Цзиялъги ва цоги къагӏидабазги дараби гьечӏого гьеб унти сах гьабулеб батани, щайха нилъее къваригӏараб нужеца ургъун бахъараб «Кӏул» абураб методика?

— Хӏажатаб букӏинчӏебани, дир эменги дунги гьеб къагӏидаялда тӏад чӏелароан. «Кӏул» буго «метод управляемый психофизиологической саморегуляцией». Гьебги ургъана космонавтал хӏадур гьарулеб централда. Гьел ругьун гьарулеб централда цӏакъ хӏажат букӏана хехго психологияб рахъалъ цо хӏалалдаса цойги хӏалалде (гьава гьечӏелъуб ва гьеб бугеб бакӏазде гьезул черх ругьун гьабизе) космонавтал ккезаризе. Гьелдаса хадуб 1987 соналда Лъай кьеялъул министерствоялъ къватӏире риччана гӏелмиял хӏалтӏаби, документалиял фильмал ва гьедин хехго рукӏалиде рачӏунеб къагӏида цӏалдохъабазеги рихьизаруна. Гьенир кьолел руго хехго къаркъалаялъул ва пикрабазул хӏал хисизабизе кӏолел упражнения. Гьел руго бигьаял ва хӏалкъай, стресс иналъе цӏакъ нилъее пайдаял къагӏидаби. Цоги методикабазда дандеккун, гьеб буго бищун хехабги. Гьебги хӏалтӏизабизе бегьула захӏматал ахӏвал-хӏалазде ккедал: хӏалтӏудаги, лифталъув хутӏидалги, къварилъи бихьидалги…

Жакъа къоялде щвезегӏан къватӏибе бачӏана 20 монография. Гьединал брошюраби къватӏире рачӏана Франция, Англия, Болгария, Чехословакия ва цойги пачалихъабаздаги. Нижер руго киса–кирго гӏемерал цӏалдохъабиги. Нижеца гьел ругьун гьарула гӏадамал сах гьаризе.

— Дида ракӏалда буго нужер методикиялда рекъон доб заманалъ милициялъул хӏалтӏухъаби ругьун гьарулел рукӏин. Бицунаан кӏудияб залалда жанир киналгоги ракӏарун гьел ругьун гьарунин…

— Гьел гурелги гӏемерал батӏи-батӏиял учреждениязде ахӏула ниж лекциял цӏализе, стрессалда ругел сах гьаризе. Исана къватӏире рачӏарал 10 – 11 классазул цӏалдохъабазул тӏахьадаги академик Матвеевас кьун буго нижер «Кӏул» методикаялдасан босараб чанго упражнение — синхрогимнастика.

-Тохтурасухъе ани, азарго дару хъвала унтарасе. Нужер методика хӏалтӏизеги гьабун, даруги гьекъечӏого чи сахлъизе рес бугищ?

-Депрессия буго стрессалъул хадусеб бутӏа. Апатия, агрессия, стресс, депрессия — гьел киналго руго квешал унтабазул церехъаби. Тохтурасухъе ани гьесда тӏадаб буго дараби хъвазе, гьезин абуни кванирукъ букӏа, ракӏ букӏа ва цоги лугби унтизарула. Гьединлъидал лъикӏаб буго дараби хӏалтӏизаричӏого, нижер упражнениялги гьарун, хехаб къагӏидаялъ гьеб хӏалалдасан рорчӏизе хӏаракат бихъизе. Гьаб буго дарабиги гьечӏого, гӏадан сах гьабулеб бищун лъикӏаб къагӏида.

— Гьеб методика хӏалтӏизабизе бегьуларел унтарал ругищ?

— Космонавтаздасан байбихьун, цӏалдохъабазде щвезегӏан, гьелда тӏадеги къварилъи ккун стрессовый ситуациялде ккаразеги цӏакъ пайдаял руго гьал къагӏидаби. Хасго гьанже гьел методикаби хӏалтӏизаризе байбихьун буго нилъер спортсменаз. Гӏадамазда церерахъиналдеги, къеркьеялда цебеги, хехго рукӏалиде рачӏине хьулгун хӏалтӏизабула гьезги гьаб къагӏида.

Батӏияб мацӏ лъазабулезги бигьаго рагӏаби ракӏалда чӏезаризелъун, ва гъваридго бахчун ругел гӏадамазул хасал гьунарал тӏатинаризелъунги хӏалтӏизабула нижер методика. Цӏалдохъабазе дарсал ракӏалда чӏезариялъеги хӏалтӏизабула гьеб. Жакъа къолде щвезегӏан, кумек гьабизе бегьуларел чагӏи нижеда дандчӏвачӏо.

— Нужер кумек хӏажалъарал ккани, кин нужер центр балагьизе бегьулеб?

— Нижер чанго офис буго Махӏачхъалаялда ва Москва шагьаралда. Гьелъ рес буго гьаб телефоналдеги кӏалъан: 91 48 64 , нужедаго аскӏоб бугеб бакӏ бищизе.