Цеве ДРялда УФСИНалъул нухмалъиялда вукӏарав Муслим Даххаев туснахъ гьавуна дагьалъ цеве Ростовалда.

Гьелдаса хадур жанир лъуна Ростовалде цогидаб хъулухъалде витӏизегӏан Махӏачхъалаялда гьесда цадахъ хӏалтӏулел рукӏарал гӏадамалги (кинавниги 11 чи, гьезда гьоркьоса лъабгоял рукъалъул туснахъалда руго).

Гьанжегӏагар гьезухъе щвана Гӏумар Гӏумаров. Гьев ккола гӏумруялъ гьебго системаялда хӏалтӏулевги вукӏун гьанже ДРялъул Жамгӏияб палатаялда цебе гӏуцӏараб ОНКялъул нухмалъулев. Туснахъазда лъурал, полициялъул отделазде рачун гӏакъуба кьурал гӏадамазда хадуб халккола гьеб комиссиялъ.

«Хӏакъикъаталъул» редакциялда гьадинаб хабар ккана Гӏумар Гӏумаровасулгун нижер.

— СИЗОялда ругел УФСИНалъул хӏалтӏухъабазул щивав тӏамун вуго цо-цо чи вукӏунеб камераялъув. Лъугьа-бахъунеб жо лъазе я газетал гуро гьенир, советияб заманалдаго рукӏарал басриял тӏахьал гурони. Я сагӏат гуро, какил гӏужниги лъазе. Телевизоралги риччалел гьечӏо гьенире, холодильникалги гьечӏо. СИЗОялъул складалда абуни лъебергониги телевизор буго бегун. Тӏасахун кьураб буюрухъ рагӏула гьединаб. Щибниги биччагеян. Гьединал шартӏаздеги ккезарун гьел мукӏур гьаризе къваригӏун рагӏула гӏайибалъе. Амма 2006 соналда къабул гьабураб хӏукмуялда рекъон, инсанасул ихтиярал цӏуниялъул рахъалъ Европаялъул судалъ гьединал хӏужаби рикӏкӏуна чиясе гӏакъуба кьейлъун.

Улкаялъул законалда рекъонги кьезе ккола гьезие телевизоралги, холодильникалги, цогидабги. Щайгурелъул гӏайибиял ругилан жеги хӏукму къотӏун гьечӏелъул гьезие. Щиб лъалеб, метерисеб къоялъ ритӏухъ гьаризеги рес буго гьел. Гьеб мехалда щибилан доз закон цӏунулезда абизе кколеб?

Валлагь, дицани абуна гьединал тӏадкъаял кьолел прокуратураялъулги цӏех-рехалъул комитеталъулги хӏалтӏухъаби гьанир жанир тӏамураб мехалда гьезиеги гӏуцӏейин гьединал шартӏал.

— Телевизоралги холодильникалги гьечӏолъиги гуребги, цоги сунда тӏасан гӏарзал ругел гьезул?

— Гьезде гӏунтӏизарурал гӏайибалги руго гӏакълуялда данде кколарел – Даххаевасда хурхун показаниял кьуни, жидеца нуж къватӏире риччалин абулеб буго.

Масала, анлъго судимость бугев чияс показаниял кьолел руго тюрьмаялъул начальниклъун вукӏарав Давуд Давудовасда хурхун. Къандалъоги ургуги кьуралъухъ туснахъ гьаруразухъа ришваталъе 300 азарго гъурущ босун бугин гьесилан.

Дун гьеб системаялда хӏалтӏулеб заманалда гӏадат букӏана чи жанив тӏамичӏого вукӏинелъун следователас чанго батӏияб рахъ хӏисабалде босулеб. Гьанжейин абуни тӏаса ккезабизелъун хӏалтӏулел руго гӏемерисел.

Палхӏасил, ОНКялъул председатель хӏисабалда дихъе рачӏарал гьезул гӏарзал ДРялъул прокуратураялдеги Москваялде РФялъул Цӏех-рехалъул комитеталдеги ритӏизе руго дица.

— Гӏакъуба кьолеб бугищ гьезие?

— Гьебни гьечӏо. Амма гӏадатиял чагӏазе кьолеб бугоха. Масала, дагьалъ цере тӏибитӏизабун букӏана Дагъистаналда боевиказе кумек гьабулел ратарал чагӏи ккунилан – Жабрагӏил Ибнухӏажаровги Мухӏамадхӏажи Мухӏамадовги. Дида рихьана гьел. Амма мукӏур гьаризе къваригӏун кутакалда гӏакъуба кьун бугоан гьезие.

— Мунги гьебго системаялдаса чилъидал…

— Дун вуго советияв милицияв. Нижеца гьединал жал киданиги гьарулароан. Доб мехалда нижеда чӏванкъотӏун лъалаан тушман щив, гьудул щивали. Къойилго гӏадин чӏвалел гӏадамалги рукӏана доб мехалда – нижералги диниял экстремисталги. Амма гьелъулъ цо ритӏухълъигӏаги букӏана.

Заман щун буго нилъерго Дагъистаналъул букӏинеселъул пикру гьабизе. Лъималазул пикру гьабизе нилъ кватӏана, гьезул лъималазулгӏаги ургъел гьабизе ккеларищ нилъеца? Республикаялъул нухмалъиялъги кутакалда гӏадахъ босизе ккела кидаго гьеб пикру.

Абухъего, нухмалъулезул хӏакъалъулъ. Масала, Чачаназул нухмалъулев Рамзан Къадиров бащдаб лъагӏалидаса бащдаб лъагӏалиде щола туснахъазде. Амма нилъер нухмалъулел ахираб 10-15 соналда жанир цониги нухалда щвечӏин абизе бегьула туснахъазде. 90 проценталъниги дагъистаниялги гьечӏищха гьенир жанир. Тӏалъиялда бараб жо гӏемер букӏуна. Гьелги гъорлъе журани, иш бигьалъула. Гурони, жанир тӏамун гӏадамалгун, кьун гьезие гӏакъубагун, масъала тӏубаларо. Дора жанир цӏакъ гӏемер руго гӏолохъанал васал. Гьединго гӏиси-бикъинаб жо бикъунилан анцӏго-анцӏила хадур сонал кьурал гӏадамалги.

— Гӏумар, дандчӏван рукӏаго цогидал туснахъазулги гьикъилин. Масала, гӏемер гӏарзал рукӏуна къватӏиса пачалихъаздаса гӏадамал заманаялъ жанир тӏамураб Махӏачхъалаялда бугеб централда тӏасанги. Цо чи вукӏана бицунев щибниги гӏиллаги гьечӏого чӏезарун ругила жал гьенир тӏубарал моцӏаца. Анкьго моцӏ бараб лъимерги гьелъул эбелгицин ругила жидеда гъорлъ. Аслияб куцалда Азербайжаналдаса, Тажикистаналдаса, Узбекистаналда чагӏи ккола гьел, гӏиси-бикъинаб гӏайиб ккун, гъалмагъир гьабун гьенир тӏамурал. Тӏад къотӏараб гӏакӏаги бецӏун риччан тани бегьуларелищ гьел жиде-жидер ватӏаналде? Тӏадежоялъе пачалихъалъе гӏезегӏан заралги кколеб гьечӏищ гьелщинал гӏадамал чӏорого кваназарун, рега-рахъинарун?

— Битӏараб буго. Амма гьеб рахъалъ законал руго рагӏа-ракьанде щвечӏел. Масала, гьаниса нахъе ритӏизеялъе гӏоло гьезие билетал росизе кколел руго хасал тендералги лъазарун. Тӏадежоялъе чанго батӏияб хъулухъги буго гьезулгун хӏалтӏи гьабулеб (полиция, миграциялъул хъулухъ, прокуратура, судазул приставал). Цоязда тӏадкъан тун букӏарабани.

— Чан чи гьенив вугев гьабсагӏаталда?

— 90 чи вукӏана дагьалъ цеве. Гьанже 87 хутӏун вуго. Гьезул 50 чияс гьарулеб буго жалго риччайила жал белтал росизе. Гьезул ракӏсвакан букӏинарищ гӏадада гьанир чӏун? Амма тендерал лъазаризе кколилан чӏезарун руго гьел гӏадамал. Хутӏаразул паспортал гьечӏо.

— У, дихъеги кӏалъана гьединав цо чи Рустам Гӏалиев. Жив 13 соналъ цевего вачӏун вукӏанила Азербайжаналдаса Дагъистаналде. Лъабго соналдасан туснахъалъуве кканила. Гьениб анцӏго сонги бан гьанже къватӏиве виччан вугила. Гьеб заманалда жаниб 13 соналъ цебего гьесухъ букӏараб СССРалъул паспорталъул болжалги лъугӏун буго, гьесда гьабилеб жо лъаларого миграциялъул хъулухъги буго. Документ гьечӏого нахъе витӏизе бажаруларелъул гьев.

— Нижеца кумек гьабулеб буго гьесие. Киса-кибего хъвалеб бугоха.

— ОНКялде туснахъаз рахъулел гӏарзал гӏемерисеб мехалда сунда тӏасан рукӏунел?

— Цӏех-рехалъул хӏалтӏуда тӏасан букӏуна гӏарз. Масала, ичӏго моцӏида жанив цониги нухалда туснахъалде ваккичӏев следовательги вуго. Дагьалъ цевегӏан щун вукӏана Гъизляралъул

ГОВДялда следовательлъун хӏалтӏулев вукӏарав чиясухъе. Микьго моцӏ бугин следователь жиндихъе ваккичӏелдасайин бицана гьес.

Гьединго колониязда кьолеб кванида тӏасанги букӏуна гӏарз. Тюбеялда ругел туснахъазда чӏалгӏун бугоан къойилго кьолеб картошка.

ИКязда ругел къватӏиса пачалихъаздаса гӏадамал руго гӏарзахъдулел жидее судияз жидее УДО бихьизабулеб гьечин, жал туснахъалда хӏалтӏун гьечӏилан (УДО – условно-досрочное освобождение – ред.).

— Бугищха гьезие доба жаниб хӏалтӏи?

— Гьебни буго – богорокъор, мастерскаязда. Пенсионерал хӏалтӏичӏониги бегьула.

Туснахъ гьаруразда гьоркьор гӏемер руго столал-бакӏал, партаби гьаризе махщел бугел чагӏи. Амма цӏалул идарабазниги гьезие заказал кьолелани. Кьолароха. Бищун лъикӏаб букӏинаан советияб заманалда гӏадин пачалихъалъ заказал кьун, гьез тӏуразаруни. Гьединго гордал гьарулел чагӏиги руго дора. Амма кин гьез гьел ричилел? Масала, гордал гьарурал чагӏи рачӏунаха духъе рокъоре гьел лъезеги. Туснахъал кин дораса къватӏире рачине гьел лъезе? Тӏадежоялъе туснахъазул цӏар бахъарабго кьурун тӏадруссине бегьула щибниги жоялъе заказ кьезе къваригӏарал гӏадамалги. Туснахъазда иш лъугӏарал гӏадамал рукӏунин абураб пикру бугелъул гӏадамазул. Амма гьеб мекъи буго. Кутакалда батӏи-батӏиял чагӏи руго дора.

— Гьадал дуца байбихьуда бицен гьабурал туснахъазул хӏакимзаби кквеялъ кинаб асар гьабураб УФСИНалъул хӏалтӏуе?

— Гьабунин рикӏкӏуна дица. Кутакаб кьаби щвана УФСИНалда. Ункъо туснахъалъул начальниклъидалха жанив тӏамурав. Туснахъалъул начальниклъун тӏамизе хӏадурарав чи гьечӏо гьабсагӏаталда. Чанго соналъ тӏатӏалаго хӏадуризе кколаан гьел. Дида рагӏана хутӏарал хӏалтӏухъабиги нахъе инехъин ругилан. Бокьараб коллективалда вукӏуна дагьа-макъабниги гӏайиб бугев чи. Гьединго гьезулги гӏунгутӏаби ратарал къагӏида. Амма гьезде гӏайиб гӏунтӏизабулеб куцалда иш батиларин ккола дида (цӏех-рехалъул пикруялда рекъон, гьел чагӏаз кӏудияб хӏилла гьабун буго бюджеталъул гӏарцуе – ред.).