16 декабралда «Хӏакъикъаталъул» редакциялде бакӏарараб интеллигенциялда гьоркьов мацӏ батӏияв чи гӏицӏго информациялъул, бухьеналъул ва массовиял коммуникациязул министр Сергей Снегирёв гурони вукӏинчӏо.

Хутӏаралщинал рукӏана батӏи-батӏияб хъулухъалда ругел ялъуни батӏи-батӏияб гьунаралъул бетӏергьабилъун кколел магӏарулал.

Масала, магӏарулазул цевехъан, промышленносталъулгун энергетикаялъул министр Сайгидпаша Гӏумаханов, академик Шамил Гӏалиев, халкъазда гьоркьосеб Шамилил фондалъул нухмалъулев Гӏалиасхӏаб Хархачаев, медицинаялъул гӏелмабазул доктор Ахӏмад Гӏазизов, Авартеатралъул директор Мухӏамадрасул Мухӏамадрасулов, филологиял гӏелмабазул доктор Мухӏамад Мухӏамадов, композитор Каримула Гӏабдулаев, машгьурав тарихчи – Хунзахъа Гӏалибег Хъазамбиев, педагог ва жамгӏияв хӏаракатчи Шамил Мухӏидинов, шагӏирзаби – Залму Батирова, Тубхӏат Зургьалова, жамгӏиял хӏаракатчагӏи Мухӏамад Шамилов, Мухӏамад Къебедов, Гъайирби Гъайирбиев ва жеги гӏезегӏан гӏадамал.

Миллияб басмаялда дандчӏвалел цо-цо суалазда тӏасан байбихьуда гьез кӏалъа-басай гьабуна министр Снегирёвасулгун.

Грант сундуе хӏалтӏизабилеб?

Хадуб Сайгидпаша Гӏумахановас бицана гьеб дандеруссиналъе гӏиллалъун ккараб цо хӏужа бугила федералияб централъ Дагъистаналъе кьолеб бугеб грант (I, 2 млрд гъурущ) сунда тӏад харж гьабилебали дандбай.

Гьедин цояз абуна магӏарухъ росаби чӏунтиларедухъ гьарулел хӏалтӏабазде буссинабизе бегьилин гьеб, цогидазда лъикӏаблъун бихьана рахьдал мацӏал цӏуниялда, лъай камил гьабиялда тӏад харж гьабизе. Рукӏана цойги пикрабиги.

Гьединлъидал Сайгидпаша Гӏумахановас абуна рачӏайин нилъеца щивасул гьел пикраби къалмиде росулеб хасаб комиссия гӏуцӏизе, цинги гьелъул хӏасил республикаялъул тӏалъиялда цебе лъезе.

Автономиялъул цӏияв нухмалъулев

Гьелдаса хадуб гьоркьоб лъуна магӏарулазул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев вищиялъул суал.

Киналго разилъана гьеб хъулухъ ДНЦялъул ИЯЛИялъул директорлъун вукӏарав Мухӏамад Мухӏамадовасда тӏадкъазе.

2013 соналда автономия гӏуцӏараб мехалда гьелъул тӏоцевесев нухмалъулевлъун вукӏана Сайгидпаша Гӏумаханов.

2015 соналъул декабралда гьев хисана тарихчи Шагӏбан Хӏапизовас (Маркъо Шагӏбанов).

Исана декабралда гьес лъазабуна жиндие тарихалда тӏадчӏезе заман гӏолеб гьечӏила, гьединлъидал автономия цогидасда тӏадкъани бокьилаанилан.

Гьелъие малъа-хъваял гьарулеб мехалда «Дагъистан» журналалъул бетӏерав редактор Мухӏамад Бисавгӏалиевас абуна кӏвар бугел темабаздаса тӏасан батӏи-батӏиял проектал ургъани лъикӏ букӏинила автономиялъ. Масала, магӏарул росабазул, некӏсиял кучӏдузул, тӏахьазул проектал.

Туркиялдаса гьобол

Гьеб мажлисалда вукӏана Туркиялдаса гьоболги – гӏурусазулгун кавказиязул рагъ лъугӏун хадур Дагъистаналдаса гочарал магӏарулазул наслуялъул чи Мухӏамад (Мехмет) Айдемир.

Яловаялда гӏумру гьабулел Северияб Кавказалдаса гӏадамазул диаспораялъул нухмалъулевги ккола гьев.

Гьесулги дора гӏумру гьабулел кавказиязулги квербакъиялдалъун санайилго лезгинкаялъул фестивалал, умумузул гӏадатал рихьизарулел дандеруссинал тӏоритӏула Туркиялда.

Сайгидпаша Гӏумахановас бицана кватӏичӏого Туркиялда тезе ругила Шамилил фондалъулги магӏарулазул миллиябгун маданияб автономиялъулги вакилзаби. Яловаялда базе рагӏула Дагъистаналъул культурияб центр. Шагьаралъул нухмалъиялъ гьелъие ракьги бихьизабун бугила.

Гьединго хӏадурун буго Стамбулалда лъезе Шамил имамасул бюстги.

Мухӏамад Айдемирица бицана гьабсагӏаталда Дагъистаналде вачӏиналъе гӏилла – ДГУялъулги Яловаялъул университеталъулги къотӏи ккун буго кӏиябго рахъалъул гӏолилал цӏализе цоцахъе ритӏизе. Хасго магӏарул мацӏ къваригӏун бугин жидее жидерго лъималазда лъазеян вукӏана гьев. Жинцагоги мадар гьабулеб бугоан гьеб бицине. Амма жиндир васасда лъалеб гьечӏила гьеб. Гьеб мехалда гӏурус мацӏалъ Сайгидпаша Гӏумахановас махсара гьабуна инсуда аскӏов эхетарав Мухӏамадил васасе — бихьулищин, Гъази, гӏурус гуреб, магӏарул лъазабизе кколеб букӏун бугин дуцагиян.

Чанго соналъ цебе магӏарулайги ячараб саламатаб бертин гьабуна Хасавюрталда гьесие.

Чагучиевасгун Халидовас гьаризехъин ругел съездазул хӏакъалъулъ

Магӏарул интеллигенция данделъараб гьеб мажлисалда кӏалъазе рагӏи щвара-щварас рорхулел рукӏана жидедаго рекӏеда хӏунсулел суалал.

Масала, жамгӏияв хӏаракатчи, закон цӏунулел идарабазулги прокуратураялъулги хӏалтӏухъабазул профсоюзалъул нухмалъулев Мухӏамад Шамиловас бицана гӏалимчи, Кавказалъул халкъазул Союзалъул Миллияб Советалъул председатель Мухӏамад Чагучиевас съезд тӏобитӏизе бугин кватӏичӏого, нилъ киназго гьениб гӏахьаллъиги гьабизе ккелилан.

Амма гьелъ суалал рижизаруна данделъаразул: кинаб ахӏиялда гъоркь гьеб гьабулеб бугеб, щиб гьелъ кьелеб, къваригӏунго бугебдай гьеб? Москваялдаги дора-гьанирги ругел политиказ жидерго мурадазе гӏоло гӏадатиял гӏадамал цере тункийищ гьеб?

Тӏадежоялъе гьелдаго релълъараб съезд гьабизе хӏадурулев жамгӏияв хӏаракатчи Денга Халидовги вугилан тӏаде жубана цогидаз.

Гьединалги гьелда релълъаралги суалал дандразе магӏарулазул миллиябгун маданияб автономиялда цебе оргкомитет яги совет гӏуцӏизе кколин абуна «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редакторасул ишал тӏуразарулев Гӏумахан Гӏумахановас. Цинги гьелъ къотӏилила хӏукмуги.

Тарихалде тударулел чагӏазда бадибе рагӏи абизе ккела

Магӏарулал цолъиялъе «Хӏакъикъат» газеталъ тӏамизе байбихьараб тӏоцебесеб галиялъул бицана газеталъул бетӏерав редакторасул заместитель Пайзула Пайзулаевас: щибаб номералда гӏадин кьолел руго жидерго мацӏалда кӏалъалел росабазул маданият бихьизабулел гьурмал.

«Гьединго, лъаялъул рахъалъ тарихчи вукӏиналъ, гьелъулги абила дица: гьагъал, нилъер тарихалде тударулел, чагӏаздаги бадибе рагӏи абизе ккела. Гӏарцухъ тӏахьалги риччан, бокьа-бокьарал жал хъвалел руго. Масала,Надиршагь щущахъ виххизавурал магӏарулазе цевехъанлъи тумазул хан Муртазагӏалица гьабунин хъвалеб буго», — ян кӏалъана Пайзула Пайзулаев.

Хвалченги кечӏги

Хадуб хабар ккана гӏурус мацӏги цебе биччан, рахьдал мацӏазде гьарулел гьужумазул.

Гьелда тӏасан автономиялъул цӏияв нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадовас гьадин абуна:

«Гӏурус мацӏ рихарал чагӏи нилъ гуро, гьеб нилъее хӏажат буго гьавагӏанги. Амма нилъерго мацӏги нахъе цун, гӏадат-гӏамалги нахъе цун цогидаб мацӏ бицин рекъараблъун бихьуларо. Нилъер миллаталда цебе чӏараб масъала буго гъунки, цолъи. Нилъ гъункизе, цолъизе ккун руго — чиядехун кьал ахӏизе гурелха, нилъерго гӏадат-гӏамал цӏунизе. Ахираб заманалда нилъ бечелъиялда хадур ун, дагьал рикӏкӏалъун, ратӏалъун руго цоцаздаса.

Гӏемер суалал руго кӏвар кьезе ккарал.

Масала, магӏарул росаби чӏунтулел руго. Хӏукуматалъул кумек гьечӏони, цӏакъ захӏмалъила гьел цӏунизе. Щибниги шартӏал гьечӏел бакӏазда гӏумру гьабун чӏаян чиясда абуни, жиндир мадугьал гочараб мехалда жив бегьуларищ гьениса гочинеян жаваб кьезе рес буго гьес. Амма магӏарухъ гьел росаби цӏуничӏони, гьаниб, гӏатӏиракьалда нилъерго мацӏги цӏарги тӏагӏуна.

Нилъер умумуца нахъе тарал пирамида гьечӏо, кутакаб рикъзи гуро. Амма буго рухӏияб бечелъи. Тӏубанго лъугӏун-тӏагӏун иналде гьелде кӏвар кьезе къваригӏун буго. Букӏине кколедухъ къимат кьолеб гьечӏо журналистал ратаниги, хъвадарухъаби-шагӏирзаби ратаниги, гьездеги. Спорталде руссун руго киналго. Гӏалимчиясда дандчӏвазе киданиги унаро.

Амма лъай гьечӏони, миллат букӏине гьечӏо».

Гьеб пикруялъул рахъги ккун академик Шамил Гӏалиевасда лъикӏаблъун бихьулеб бугоан «Магӏарул классикияб кочӏол сордо» тӏобитӏизе.

— Ункъо-щуго кечӏалдаса тӏокӏаб тӏаде кечӏги букӏине бегьуларо гьениб. Цересел кьеразда гӏодор чӏезаризе ккола кечӏ ахӏулеб мехалда гьаракь гьабулел гӏолохъабиги, — ян абуна Шамил Гӏалиевас.

Данделъиялдаса хадуб гьес «Хӏакъикъаталъе» баян гьабуна нилъее умумухъан щварал жал ругила хвалченги кечӏги. Амма гьабсагӏаталда нилъее хвалчен къваригӏинарила, кечӏалъин абуни данде гьаризе бегьулила.

Рекӏедаса рекӏеде кьоги лъун…

Мажлисалъул хӏасил гьабулеб гӏадаб кӏалъай букӏана жамгӏияв хӏаракатчи Шамил Мухӏидиновасул.

Гьес ракӏалде щвезаруна Цӏадаса Хӏамзатил мухъал:

«Цоцада пикраби лълъурлъузе гьарун,

Гьелдаса пирхараб канлъухъе рилълъа».

«Дида кколаха тӏубараб поэмаялъулгӏанасеб магӏна бугин гьезулъилан. Амма гьел лълъурлъизарилалде цере жалго гьел пикрабиги рукӏине ккелаха гӏакъилал, кьучӏал, нилъее хӏажатал. Гурони, гьездалъун пири пирхуларо.

Гьединлъидал нилъеца баян гьабизе ккола щиб нилъее къваригӏун бугебали. Гьеб лъазе ккани, щивав чи вукӏине ккола рекӏедаса рекӏеде кьоги лъун, гьуинлъиялда, вацлъиялда. Гьедин букӏине ккани, нилъ Аллагьасе гӏоло цоцаздаса тӏаса лъугьинеги ккола», — ян абуна Шамил Мухӏидиновас.

Гьесул пикруялда рекъон, жакъа магӏарул халкъалъул, мацӏалъул унтуца унтичӏев чи магӏарулав гуро.

Магӏарул мацӏ лъугӏун-тӏагӏун иналда бугеб хӏинкъиялъул бицунаго, Мухӏидиновас мисалалъе бачана «Цӏадаса Хӏамзатги, Расулги, Фазуги жанир рахъараб, поэзиялъул Макка гӏадинаб Хунзахъ мухъ». Ясли-ахаздаса байбихьун гьенибгицин гӏурус мацӏ бицин модаялде бачӏун бугеб мехалда цогидалъул бицун пайда щибин рекӏекълъана гьев.