19 декабралда Москваялъул халкъазда гьоркьосеб дармилаб централда улкаялъул президент Владимир Путинил гӏахьаллъигун тӏобитӏана кӏудияб пресс-конференция. Гьелда гӏахьаллъана Дагъистаналдаса 9 журналистги.

Гьединго исанасеб пресс-конференциялда гӏахьаллъи гьабуна СМИялъул 1895 вакилас. Гъоркьиса тӏобитӏаралдайин абуни гӏахьаллъун вукӏана 1702 журналист. Гьезда гьоркьорги бищун гӏемер рукӏана регионаздаса журналистал.

Аслияб къагӏидаялда президентасе кьуна улкаялъул халкъалда хъинтӏулел гурелги, тӏолабго дунялалдаго лъугьун бугеб ахӏвал-хӏалалда тӏасанги суалал. Бищунго гӏемерал суалалин абуни рукӏана сахлъи цӏуниялда, лъай кьеялда ва социалияб гӏумруялда хъинтӏарал. Масала, Камчаткаялдаса журналисталъ гьикъана, «Аэрофлоталъул» тарифал, ай самолеталда рекӏаралъухъ белтазухъ росулел багьаби цӏикӏкӏинаризе ругищилан.

«Тарифал цӏикӏкӏинаризе ракӏалда гьечӏо. Рукӏине руго пенсионеразе, студентазе ва цогидалги гражданазе гьарулел рукӏарал бигьалъабиги», — ян жаваб кьуна президентас.

Лъагӏалида жаниб — 70 млн тонна рощнол

«Рощнол реформа» гьабсагӏаталда хӏалтӏулеб буго Москваялда, Севастополалда ва Санкт-Петербургалда. Хутӏарал субъектазе кьун буго 2022 соналде щвезегӏан заман. Санкт-Петербургалдаса журналистас цӏехана, щайин шагьаралдаса рищни баччулеб бугебин Ленинград областалъул цогидал шагьараздеян.

Владимир Путиница кьуна гьадинаб жаваб:

— Лъагӏалида жаниб данделъу-леб буго 70 млн тонна рощнол. Совет Союзалда букӏинчӏо гьеб хӏалтӏизабиялъул предприятиего. Нижеца гьеб байбихьана. Гьабсагӏаталда вуго федералияв оператор, кӏинусгоялдаса цӏикӏкӏун – регионалияв оператор, хӏадурун буго территориалияб план. Амма, дир пикруялда, гьечӏо гражданазулгун гьабулеб гара-чӏвари. Халкъалда бичӏчӏизабизеги бихьизабизеги ккола кин гьеб иш гӏумруялде бахъинабулеб бугебали.

Гьабсагӏаталда ралел руго рищни хӏалтӏизабулел предприятиял. Гӏадамазда бичӏчӏизабизе ккола гьезул зарал букӏине гьечӏеблъиги. Масала, Токиоялда гьединал предприятиял ран руго шагьаралда жанирго. Букӏунаро гьезул чорокаб кӏкӏуй, чӏваларо гьениса махӏцараб махӏ, гьабуларо гьез зарал инсанасул сахлъиялъеги экологиялъеги, — ян.

550 млрд гъурущ – сахлъи цӏуниялъул проекталъе

URA.RU информагентствоялъул

журналистас борхана тохтурзабазул харжазул суал. «Регионазда тохтурасухъе иргаялда чӏезе ккола моцӏидасаги цӏикӏкӏараб заманалъ. Дагьаб харж бугинги абун, хӏалтӏудаса нахъе унел тохтурзабиги гӏемерлъулел руго. Масала, бетӏерав тохтурасе нусазаргоялдаса цӏикӏкӏун гъурущ щолеб бугони, хирургасул харж 50 азаргоялдецин бахунаро», — ян бицана гьес.

Улкаялъул нухмалъулес абуна «Сахлъи цӏуни» абураб миллияб проекталъе бихьизабураб гӏарцуда тӏаде, аслиял фондал низамалде рачинеги, хӏажатаб къайи босизеги, транспорталъулал харжазеги, техника босизеги медицинаялъе кьун бугин 550 млрд гъурущ. Ракӏалда бугин къачӏазе яги базе медицинаялъул идараялъул 10 азарго объект, босизе бугин 37 азарго машина ва 10 азаргоялде гӏунтӏун медицинаялъул алат-къайи.

Олимпиадаги WADA-ялъул хӏукмабиги

Ичӏабилеб декабралда допингалде данде къеркьолеб тӏолгодунялалъул агентствоялъ (WADA) гьабураб хӏукмуялда рекъон, Россиялъул спортсменазе гьукъулеб буго Олимпиадаялда ва цогидал спортивиял къецазда гӏахьаллъизе.

Гьелъул хӏакъалъулъ гьадинаб пикру загьир гьабуна президентас:

— Гьеб буго къабул гьабизе кӏолареб хӏукму. Допингалда бан цебесеб Олимпиадаялда гӏахьаллъиялдаса махӏрум гьарун рукӏана нилъер

спортсменал. Гьебго жо сабаблъун цоги нухалда тамихӏалде цӏазе бегьуларо – инсанияталъул тарихалда гьединаб хӏужа жеги букӏинчӏо ва букӏинарин хьулги буго.

Кӏиабизе, тамихӏ букӏине ккола пуланав спортсменасе гьабулеб. Цо чияс допинг хӏалтӏизабунинги абун, командаялъего тамихӏ гьаби мекъаб буго.

Абизе ккола Россиялъул допингалде данде къеркьолеб комитет (РУСАДА) гӏуцӏун букӏана WADA-ялъул малъа-хъваялги хӏисабалде росун. Гьезул бихьизабиялда рекъон рищун рукӏана гьелъул нухмалъулелги. Дица бицаралъул кьучӏалда, гьабизе бегьула гьадинаб хӏасил: WADA-ялъул гьанжесеб хӏукмуги буго политикияб махӏ гъорлъ бугеб, — ан.

Пресс-конференциялда рорхарал суалазулги, президентас кьурал жавабазулги ва гьелда тӏасан экспертазгун гӏадатиял гӏадамаз загьир гьарурал пикрабазулги хӏакъалъулъ жеги гӏатӏидго бицина газеталъул хадусеб номералда.