Ахираб заманалда Дагъистаналъул ракьалда ругел гидротехникиял объектазул инвентаризация гьабун букӏана. Гьелдаса хадуб халгьабуна гьел объектал хӏалтӏизариялъул бугеб ахӏвал-хӏалалъухъги. Рехсарал тадбиразул хӏасилал гьаруна Владимир Васильевас тӏобитӏараб ДРя-лъул Хӏинкъигьечӏолъи цӏуниялъул советалъул данделъиялда.

ГЭСазул халгьабиялъе гӏилла ккана Иркутск областалда исана риидал ккарал пашманал лъугьа-бахъинал. Доб мехалда улкаялъул президент Владимир Путиница лъазабун букӏана Россиялъул тӏолалго ГЭСазул халгьабизе кколин абун.

Данделъи рагьулаго, Владимир Васильевас рехсана гьадинал хӏужаби: «Дагъистаналда буго 75 гидротехникияб объект. Гьезда гьоркьоса, хӏукуматалъул комиссиялъул пикруялда рекъон, хӏинкъи бугеблъун рикӏкӏун буго 38-яб. 23 объекталда цӏунулел гьечӏо законалъул тӏалабал: гӏуцӏун гьечӏо гьел хӏалтӏизариялъул рахъалъ техникияб хъулухъ гьаби. Гьеле гьединал объектаз буго нижер рахӏатхвезабун: хӏинкъи буго гьениб тӏасан борчӏараб ахӏвал-хӏал ккеялъул. Гьел объектал хӏалтӏизарулел руго 25-ялдасаги цӏикӏкӏун соналъ, амма цониги нухалда халгьабун гьечӏо гьезул бугеб хӏалалъухъ. Гьебго заманалда ихдал гӏорал щвеялъул рахъалъ хӏинкъи цӏикӏкӏарал регионазда гьоркьоб ункъабилеб бакӏалда буго Дагъистан.

Хӏинкъи цӏикӏкӏарал объектазда гьоркьоре уна Чӏикӏаб ГЭСалъул хӏорги Чӏикӏаб хӏорил Тишиликӏ сангарги. Гьеб сангар гьабсагӏаталда буго «Дагводсервис» абураб идараялъул жавабчилъиялда гъоркь. Къваригӏун буго рехсараб объекталда хӏинкъигьечӏолъи цӏуниялъе тадбирал гьаризе», — ян абуна регионалъул нухмалъулес.

Лъикӏаб хӏалалда гьечӏо Бабаюрт, Дербент, Гъарабудагъкент, Буйнакск ва Хасавюрт районазда ругел лъел объекталги. Гьезул хӏакъалъулъ бицана Ростехнадзоралъул Кавказалъулаб управлениялъул нухмалъулесул заместитель Мухӏамад Ахӏмадовас. Гьес абуна 2019 соналда 47 нухалда халгьабунин гидротехникиял объектазул ва гьезул хӏасилалда тӏатанин низам цӏунунгутӏиялъул аза-азар хӏужаби.

М. Ахӏмадовасул баяналда рекъон, Тишиликӏ сангар баялъул аслияб мурад букӏана Шура-Озен гӏурул мухъ лъелъ гъанкъизе тунгутӏи ва Тишиликӏ авлахъалда ругел росдал магӏишаталъул ракьал лъалъай. Гьабсагӏаталда «Ленгидропроект» АОялъ хӏадурулеб буго Тишиликӏ сангаралъул лъим пайдаялъе хӏалтӏизабизе рес кьолеб проект.

Ростехнадзоралъул вакилас абуна Терек ва Сулахъ гӏоразул рагӏаллъабаздаги хӏалтӏи гӏуцӏун бугин абун. Май-июнь моцӏазда хӏинкъи букӏуна Терек гӏор рагӏаллъабаздаса къватӏибе кӏанцӏиялдалъун сверухъ ругел росаби гъанкъиялъул. Гьединабго хӏинкъи букӏуна Гъизилюрт районалъул Нечаевка росдаеги – Сулахъ гӏор кӏанцӏиялъул рахъалъ.

Лъел балагьал ккезе рес буго «ДРялъул Минмелиоводхоз» абураб ФГБУялъул жавабчилъиялда гъоркь ругел объектаздаги. Кинабниги 33 объект буго гьединаб ва гьезда гьоркьоса 15 объекталъул гьечӏо хӏинкъигьечӏолъиялъул декларация. Рехсараб идараялъул директор Залкип Къурбановас бицана, ахираб ункъо соналъ цониги хӏужа ккечӏин лъим кӏанцӏиялъул рахъалъилан.

ДРялъул тӏабигӏиял сурсатазулгун экологиялъул министр Набиюла Гъарачаевасул пикруялда рекъон, ихдал лъим кӏанцӏиялъул рахъалъ бищунго хӏинкъи цӏикӏкӏараблъун ккола Терек гӏор. «Терекалъул рагӏаллъабазда 137 километралъул халалъиялда рарал сангаразул жаваб кьезе ккола республикаялъ. Гӏурул тӏину гъварид гьабиялъулги гьелъул чвахиялда хадуб халкквеялъулги жавабиял руго федералиял идараби. Ахирал соназда Терекалда гьабичӏо кинабгӏаги хӏалтӏи. 2002 соналда лъеда гъоркье ккана Бабаюрт ва Гъизляр районазул ракьал гьелъул зарал бахана кӏигогун бащдаб млрд гъурщиде. 2005 соналда гьебго гӏоралъ гьабураб зарал бахана 750 млн гъурщиде», — ян бицана министрас.