ДРялъул бетӏерас вертолеталдасан халгьабуна Табасаран районалде бачунеб 23 километралъул халалъи бугеб лъел мухъалъухъ. Гьеб хӏалтӏи гьабулеб буго «Дир Дагъистан – дир лъим» абураб проекталда рекъон. Лъим бачунеб буго рехсараб районалъул анлъго росулъе.

Гьелдаса хадуб регионалъул нухмалъулев ана Хучни росдал №1 гьоркьохъеб школалде. Гьеб къачӏан буго «100 школа» абураб проекталда рекъон. Владимир Васильев рази хутӏана школалда гьабураб ремонталдаса. Гьес бицана республикаялда налогал ракӏариялъул хӏасилалда гьарулел ругел социалиял хиса-басиязул хӏакъалъулъ: къачӏалел руго школалгун лъималазул ахалги, цӏигьарулел руго лъел мухъалгун нухалги, гӏумруялде рахъинарулел руго «Росдал учитель» ва «Росдал тохтур» абурал проекталги.

Школалдаса республикаялъул хӏакимзаби ана районалъул администрациялде. Гьениб тӏобитӏана харабазул советалъул вакилзабазулгун дандчӏвай. Гьенибги Васильевас бицана республикаялда гьарулел ишазул хӏакъалъулъ.

«Дир Дагъистан – дир лъим» абураб проекталде харж гьабуна кӏиго миллиардалдаса цӏикӏкӏун гъурущ. «Дир Дагъистан – дир нухал» абураб проекталъе биччана 770 млн гъурщидаса цӏикӏкӏун гӏарац «Дир Дагъистан – санагӏатаб шагьаралъул сверухълъи» проекталъе биччана цо миллиардалдаса цӏикӏкӏун гъурущ ва гьелъухъ къачӏана 228 объект.

Харабазул советазул вакилзабаз бицана жиде-жидер росабалъ тӏуразаризе кколел масъалабазул хӏакъалъулъги.