16 декабралда «Хӏакъи-къаталъул» редакциялда данделъун рукӏарал интеллигенциялъул вакилзабазда гьоркьов мацӏ батӏияв чи гӏицӏго информациялъул, бухьеналъул ва массовиял коммуникациязул министр Сергей Снегирёв гурони вукӏинчӏо. Хутӏарал рукӏана батӏи-батӏияб хъулухъалда ругел ялъуни батӏи-батӏияб гьунаралъул бетӏергьабилъун кколел магӏарулал.
Масала, промышленносталъулгун энергетикаялъул министр Сайгидпаша Гӏумаханов, академик Шамил Гӏалиев, халкъазда гьоркьосеб Шамилил фондалъул нухмалъулев Гӏалиасхӏаб Хархачаев, медицинаялъул гӏелмабазул доктор Ахӏмад Гӏазизов, Авартеатралъул директор Мухӏамадрасул Мухӏамадрасулов, филологиял гӏелмабазул доктор Мухӏамад Мухӏамадов, композитор Каримула Гӏабдулаев, тарихчи Гӏалибег Хъазамбиев, педагог ва жамгӏияв хӏаракатчи Шамил Мухӏидинов, шагӏирзаби – Залму Батирова, Тубхӏат Зургьалова, жамгӏиял хӏаракатчагӏи — Мухӏамад Шамилов, Мухӏамад Къебедов, Гъайирби Гъайирбиев ва цогидалги.
Миллияб басмаялда дандчӏвалел цо-цо суалазул бицун, байбихьуда кӏалъана министр С. Снегирёв.
Грант сундуе хӏалтӏизабилеб?
Хадуб Сайгидпаша Гӏумахановас бицана гьеб дандеруссиналъе гӏиллалъун ккараб цо хӏужа бугила, федералияб централъ Дагъистаналъе кьолеб бугеб грант (1, 2 млрд гъурущ) сунда тӏад харж гьабилебали дандбай.
Цояз абуна магӏарухъ росаби чӏунтиларедухъ гьарулел хӏалтӏабазде буссинабизе бегьилин гьеб, цогидазда лъикӏаблъун бихьана рахьдал мацӏал цӏуниялда, лъай камил гьабиялда тӏад харж гьабизе. Рукӏана цогидалги пикраби.
Гьединлъидал Сайгидпаша Гӏу-махановас абуна рачӏайин нилъеца щивасул гьел пикраби къалмиде росулеб хасаб комиссия гӏуцӏизе, цинги гьелъул хӏасил республикаялъул тӏалъиялда цебе лъезе.
Автономиялъул цӏияв нухмалъулев
Гьелдаса хадуб гьоркьоб лъуна магӏарулазул миллиябгун маданияб автономиялъул нухмалъулев вищиялъул суал.
Киналго разилъана гьеб хъулухъ ДНЦялъул ИЯЛИялъул директорлъун вукӏарав Мухӏамад Мухӏамадовасда тӏадкъазе.
2013 соналда автономия гӏуцӏараб мехалда гьелъул тӏоцевесев нухмалъулевлъун вукӏана Сайгидпаша Гӏумаханов.
2015 соналъул декабралда гьев хисана тарихчи Шагӏбан Хӏапизовас (Маркъо Шагӏбанов).
Исана декабралда гьес лъазабуна жиндие гӏелмуялда тӏадчӏезе заман гӏолеб гьечӏин, гьединлъидал автономиялъул нухмалъулевлъун цогидав тани бокьилаанин.
«Дагъистан» журналалъул бе-
тӏерав редактор Мухӏамад Бисав-гӏалиевас абуна кӏвар бугел темабазда тӏасан батӏи-батӏиял проектал ургъани лъикӏ букӏинин автономиялъ. Масала, магӏарул росабазул, некӏсиял кучӏдузул, тӏахьазул проектал.
Туркиялдаса гьобол
Мажлисалда вукӏана Туркиялдаса гьоболги – гӏурусазулгун кавказиязул рагъ лъугӏун хадур Дагъистаналдаса гочарал магӏарулазул наслуялъул чи Мухӏамад (Мехмет) Айдемир.
Яловаялда гӏумру гьабулел Северияб Кавказалдаса гӏадамазул диаспораялъул нухмалъулевги ккола гьев.
Гьесулги дора гӏумру гьабулел кавказиязулги квербакъиялдалъун санайилго фестивалал, умумузул гӏадатал рихьизарулел дандеруссинал тӏоритӏула Туркиялда.
Сайгидпаша Гӏумахановас бицана кватӏичӏого Туркиялда тезе ругила Шамилил фондалъулги магӏарулазул миллиябгун маданияб автономиялъулги вакилзаби. Яловаялда базе буго Дагъистаналъул культурияб центрги. Шагьаралъул нухмалъиялъ гьелъие ракьги бихьизабун буго.
Гьединго хӏадурун буго Стамбулалда лъезе Шамил-имамасул бюстги.
Мухӏамад Айдемирица бицана гьабсагӏаталда Дагъистаналде вачӏиналъе гӏиллаги. ДГУялъулги Яловаялъул университеталъулги къотӏи ккун буго кӏиябго рахъалъул гӏолилал цӏализе цоцахъе ритӏизе. Хасго магӏарул мацӏ къваригӏун бугин жидее жидерго лъималазда лъазеян абуна гьес. Жинцагоги мадар гьабулеб бугоан гьеб бицине. Амма жиндир васасда гьеб лъаларила. Гьеб мехалда гӏурус мацӏалъ Сайгидпаша Гӏумахановас махсара гьабуна инсуда аскӏов эхетарав Мухӏамадил васасе — бихьулищин, Гъази, гӏурус гуреб, магӏарул лъазабизе кколеб букӏун бугин дуцагиян.
Чанго соналъ цебе магӏарулайги ячун саламатаб бертинги гьабун букӏана гьесие Хасавюрталда.
Чагучиевасгун Халидовас гьаризе ругел съездазул хӏакъалъулъ
Магӏарул интеллигенция данделъараб гьеб мажлисалда кӏалъазе рагӏи щвара-щварас рорхулел рукӏана жидерго рекӏеда хӏунсулел суалал.
Масала, жамгӏияв хӏаракатчи, закон цӏунулел идарабазулги прокуратураялъулги хӏалтӏухъабазул проф-союзалъул нухмалъулев Мухӏамад Шамиловас бицана гӏалимчи, Кавказалъул халкъазул сюзалъул миллияб советалъул председатель Мухӏамад Чагучиевас съезд тӏобитӏизе бугин кватӏичӏого, нилъеца гьениб гӏахьаллъиги гьабизе ккелилан.
Амма гьелъ суалал рижизаруна данделъаразул: кинаб ахӏиялда гъоркь гьеб гьабулеб бугеб, щиб гьелъ кьелеб, къваригӏунго бугебдай гьеб? Москваялдаги дора-гьанирги ругел политиказ жидерго мурадазе гӏоло гӏадатиял гӏадамал цере тункийищ гьеб?
Тӏадежоялъе, гьелдаго релълъараб съезд гьабизе хӏадурулев вугин жамгӏияв хӏаракатчи Деньга Халидовгиян тӏаде жубана цогидаз.
Гьединалги гьелда релълъаралги суалал дандразе магӏарулазул миллиябгун маданияб автономиялда цебе гӏуцӏиялъул комитет яги совет гӏуцӏизе кколин абуна «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редакторасул ишал тӏуразарулев Гӏумахан Гӏумахановас. Цинги гьелъ къотӏилила хӏукмуги.
Тарихалде тударулел чагӏазда бадибе рагӏи абизе ккела
Магӏарулал цолъиялъе «Хӏакъи-къат» газеталъ тӏамизе байбихьараб тӏоцебесеб галиялъул бицана газеталъул бетӏерав редакторасул заместитель Пайзула Пайзулаевас. Щибаб номералда гӏадин кьолел руго жидерго мацӏалда кӏалъалел росабазул маданият бихьизабулел гьурмал.
— Гьединго, лъаялъул рахъалъ тарихчи вукӏиналъ, гьелъулги абила дица: гьагъал, нилъер тарихалде
тударулел чагӏаздаги бадибе рагӏи абизе ккела. Гӏарцухъ тӏахьалги
риччан, бокьа-бокьарал жал хъвалел руго. Масала, Надир-шагь щущахъ виххизавиялда магӏарулазул цевехъанлъун тумав Муртазагӏали вихьизавун хъван буго цо магӏарул тарихчияс. Гьанжегӏагар имам Шамил какунги хъван буго цояс макъала, — ян кӏалъана Пайзула Пайзулаев.
Хвалченги кечӏги
Хадуб хабар ккана рахьдал мацӏазде гьарулел гьужумазул хӏакъалъулъ. Гьелда тӏасан автономиялъул цӏияв нухмалъулев Мухӏамад Мухӏамадовас абуна:
— Гӏурус мацӏ рихарал чагӏи нилъ гуро, гьеб нилъее хӏажат буго гьавагӏанги. Амма нилъерго мацӏги гӏадат-гӏамалги нахъе цун, цогидаб мацӏ бицин рекъараблъун бихьуларо. Нилъер миллаталда цебечӏараб масъала буго гъунки, цолъи. Нилъ гъункизе, цолъизе ккун руго — чиядехун кьал ахӏизе гурелха, нилъерго гӏадат-гӏамал цӏунизе. Ахираб заманалда нилъ бечелъиялда хадур ун, дагьал рикӏкӏалъун, ратӏалъун руго цоцаздаса.
Гӏемер суалал руго кӏвар кьезе ккарал. Масала, магӏарул росаби чӏунтулел руго. Хӏукуматалъул кумек гьечӏони, цӏакъ захӏмалъила гьел цӏунизе. Щибниги шартӏал гьечӏел бакӏазда гӏумру гьабун чӏаян чиясда абуни, жиндир мадугьал гочараб мехалда жив бегьуларищ гьениса гочинеян жаваб кьезе рес буго гьес. Амма магӏарухъ росаби цӏуничӏони, гьаниб, гӏатӏиракьалда нилъерго мацӏги цӏарги тӏагӏуна.
Нилъер умумуз нахъе тарал пирамидаби гьечӏо, кутакаб рикъзи гуро. Амма буго рухӏияб бечелъи. Тӏубанго лъугӏун-тӏагӏун иналде гьелде кӏвар кьезе къваригӏун буго. Букӏине кколедухъ къимат кьолеб гьечӏо журналистал ратаниги, хъвадарухъаби-шагӏирзаби ратаниги, гьездеги. Спорталде руссун руго киналго, гьезда бергьенлъи баркизе дандчӏвазе ине гӏедегӏула. Гӏалимчиясда дандчӏвазе киданиги унаро. Лъай гьечӏони, миллат букӏине гьечӏо, — ян.
Гьеб пикруялъул рахъги ккун, академик Шамил Гӏалиевасда лъикӏаблъун бихьулеб бугоан «Магӏарул классикияб кочӏол сордо» тӏобитӏизе.
— Ункъо-щуго кечӏалдаса тӏокӏаб тӏаде кечӏги букӏине бегьуларо гьениб. Цересел кьеразда гӏодор чӏезаризе ккола кечӏ ахӏулеб мехалда гьаракь гьабулел гӏолохъабиги, — ян абуна Шамил Гӏалиевас.
Данделъиялдаса хадуб гьес «Хӏакъикъаталъе» баян гьабуна нилъее умумуздасан щварал жал ругила хвалченги кечӏги. Амма гьабсагӏаталда нилъее хвалчен къваригӏинарила, кечӏалъин абуни данде гьаризе бегьулила.
Рекӏедаса рекӏеде кьоги лъун…
Мажлисалъул хӏасил гьабулеб гӏадаб кӏалъай букӏана жамгӏияв хӏаракатчи Шамил Мухӏидиновасул. Гьес ракӏалде щвезаруна Цӏадаса Хӏамзатил мухъал:
«Цоцада пикраби
лълъурлъузе гьарун,
Гьелдаса пирхараб
канлъухъе рилълъа».
— Дида кколаха тӏубараб поэмаялъулгӏанасеб магӏна бугин гьезулъилан. Амма гьел лълъурлъудизарилалде цере жалго гьел пикрабиги рукӏине ккела гӏакъилал, кьучӏал, нилъее хӏажатал. Гурони, гьездалъун пири пирхуларо.
Гьединлъидал нилъеца баян гьабизе ккола щиб нилъее къваригӏун бугебали. Гьеб лъазе ккани, щивав чи вукӏине ккола рекӏедаса рекӏеде кьоги лъун, гьуинлъиялда, вацлъиялда. Гьедин букӏине ккани, нилъ Аллагьасе гӏоло цоцаздаса тӏаса лъугьинеги ккола, — ян абуна Шамил Мухӏидиновас.
Магӏарул мацӏ лъугӏун-тӏагӏун иналда бугеб хӏинкъиялъул бицунаго, Мухӏидиновас мисалалъе бачана «Цӏадаса Хӏамзатги, Расулги, Фазуги жанир рахъараб, поэзиялъул Макка гӏадинаб Хунзахъ мухъ». Ясли-ахаздаса байбихьун гьенибгицин гӏурус мацӏ бицин модаялде бачӏун бугеб мехалда, цогидалъул бицун пайда щибин кӏалъана гьев.