Мухӏамад Кӏудиямухӏамадов ккола Гъуниб районалъул Кӏуяда росулъа. Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб институталъул физкультурияб факультетги лъугӏизабун, чанго соналъ хӏалтӏана Гъизляр районалъул Цветковка росдал школалда учительлъун. Нухмалъи гьабуна Гъизляр шагьаралъул автовокзалалъе. Гьесул бажари-гьунар бихьидал, Кӏудиямухӏамадов тӏамуна Махӏачхъалаялъул Северияб автовокзалалъул нухмалъулевлъун.
Мухӏамад ккола ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатги, ДРялъул транспорталъул мус-тахӏикъав ва РФялъул транспорталъул хӏурматияв хӏалтӏухъанги. Гьал къоязда ниж дандчӏвана Мухӏамадгун ва нижеда гьоркьоб ккана гьадинаб гара-чӏвари.
— Мухӏамад, Халкъияб Собраниялъул депутатлъун иналъе щиб гӏилла букӏараб?
— Гъизляр районалъул депутатазул собраниялъул лъабго ахӏиялъул депутатлъунги вищун вукӏана дун. Гъуниб районалдаса Халкъияб Собраниялъул депутатлъун вищизе кандидатура лъезеги ракӏалда букӏинчӏо. Доб заманалда районалъе нухмалъи гьабулев вукӏарав Пахрудин Мухӏамадовасул гьариялда рекъон, халкъалъги вищун вачӏана гьенивеги.
— Халкъияб Собраниялъул депутатасда церечӏарал аслиял масъалаби кинал ругел?
— Аслияб масъала ккола халкъа-лъул мурадал тӏурай. Депутат хӏаким гуро. Амма нижеда кӏола нухмалъиялда вугев хӏаким халкъалъул мурадал тӏуразаризе тӏамизе. Щивав бусурбанчияс хӏаракатги бахъизе ккола лъикӏлъи гьабизе, мунпагӏатавлъун вукӏине. Депутатлъун гьечӏеб заманалдаги кумек гьарун вачӏарав чи дица киданиги нахъчӏвачӏо, яхӏ бахъулаан бажарараб гьабизе.
— Гъуниб район кидаго букӏана республикаялда бищун церетӏурал районазул цояб. Гьабсагӏаталда щиб хӏал бугеб?
— Ахирал соназдаги, цо-цо рахъал хӏисабалде росани, мугӏрузул районазда гьоркьоб цебесеб кьерда буго гьеб. Пахрудин Мухӏамадовасги Ахӏмад Мухӏамадовасги гӏезе-гӏан хӏалтӏи гьабуна район цебетӏезабиялъул мурадалда. Гьаб-сагӏаталда гьелъие нухмалъи гьабулеб буго Мудунхӏажи Къадировас. Гьев районалъул бетӏерлъун вачӏаралдаса гӏемер заман инчӏони-ги бихьулеб буго гьесги хӏалтӏи гьабулеб букӏин. Мисалалъе, нижеца, районалъул нухмалъулелгун цадахъ, къачӏана Гъуниб росдал централияб майдан, гьенибего бачана лъим, цо-цо школазе, больницабазе кьуна цӏиял машинаби, къачӏана ва къачӏалел руго нухал, рагьана ясли-ахал ва гь.ц.. Нухазул бицунаго, баркала загьир гьабизе бокьун буго Иркутскиялда гӏумру гьабун вугев Кӏуяда росулъа Мухӏамадкамил Къурбайловасе. Гьес жиндирго гӏагараб Кӏуяда росулъе 14 километралъул манзилалда нухал, хъилги тӏун, къачӏана. Гьединал рукӏине ккола унго-унгояб къагӏидаялда жиндирго росуги жамагӏатги бокьулел чагӏи. Гьес байбихьараб иш нижецаги гьоркьоб къотӏизе течӏо. Кӏуяда росдал жамагӏаталъ, гӏарацги данде рехун, хъил тӏуна цо-цо кулабахъе ругел нухаздеги. Гъуниб районалъул гъутабазда бегӏерго цебечӏун буго лъел суал. Гьал къоязда ДРя-лъул хӏукуматалъул вице-премьерасулгун букӏараб дандчӏваялдаги борхана дица гьеб суал, ва гьес рагӏи кьуна Цӏияб Бухтиб росулъе артезианалъул лъим бачине 15 миллион гъурущ биччазе.
Районалда тӏоритӏулел спортивиял, диниял, культуриял тадбиразеги квербакъи гьабичӏого толаро. Гӏемер чагӏи рачӏуна кумек тӏалаб гьабун, телефоналдасан кӏалъала. Гӏемерисезе хӏажат букӏуна гӏарац. Чиясул мурадалъухъ балагьун, хӏаракат бахъула гьев рази гьавизе. Лъидехунго тӏаса-масагояб бербалагьи букӏунаро. Аллагьасе гӏоло гьабула кинабго.
— Гьабсагӏаталда церечӏарал масъалаби кинал ругел?
— Гӏадамазул тӏалабалги хӏисабалде росун, яхӏ бахъизе ккола Гъуниб район республикаялда хӏалтӏулел батӏи-батӏиял программаби-проектазда гъорлъе бачине. Пачалихъалде гӏайиб гӏунтӏизабизе бакӏ гьечӏо, бокьараб рахъалъ кумек гьабулеб буго. Гьедин бугеб заманалда, районалъул нухмалъиялъгун цадахъ, дицаги хӏаракат бахъизе буго.
— Тахшагьаралъул Севериб автовокзалалдаса аслияб къагӏидаялда маршруткаби хьвадула мугӏрузул районазде. Къватӏире рахъиналде транспорталъул техникияб ахӏвал-хӏалалде балагьулищ? Басриял машинаби хӏалтӏизе риччалищ?
— Гьелде кутакаб кӏвар кьола. Механикас хал-шал гьабичӏого, гьесул изну гьечӏого цогӏаги машина автостанциялдаса къватӏибе бахъунаро. Хӏинкъи гьечӏеб транспортго гӏадин пассажиразе чӏезаризе ккола шартӏалги. Гьединлъидал автопаркалде машинаби росула цӏияб тайпаялъул. Гьединго кӏвар кьола шофераздеги. Гьел рукӏине ккола хӏалбихьи бугел ва психикияб ра-хъалъ жагъаллъи гьечӏел.
— Багьаби кин чӏезарулел?
— Рекӏадухъ багьаби чӏезарула ДРялъул экономикаялъулгун территориалияб цебетӏеялъул министерствоялъ. Гьелъулгун бугеб къотӏи-къаялда рекъон, нижер ихтияр букӏунаро 10 проценталъ гурого гьел хисизаризе.
— Чан маршрутка, автобус бугеб автовокзалалда хӏалтӏулеб?
— 250-300-гӏанасеб маршрутка буго республикаялъул районаздегун росабалъе хьвадулеб. 30 автоубус уна Дагъистан тун къватӏибе. Гьел хьвадула Северияб Кавказалъул регионазде, Сочиялде, хӏатта Крымалдегицин, ай нижер хӏалтӏул логистика гӏатӏидаб буго.
— Мун ккола эркенаб гугария-лъул рахъалъ спорталъул мастер. Спорталъулгун щиб гьоркьоблъи бугеб?
— Цӏар рагӏарав спортсмен дир вахъинчӏониги, дица спорталъулгун гьоркьоблъи къотӏизе кидаго течӏо. Радакь вахъун паркалде векеризе уна, хӏалтӏудаса щун хадуб залалде хьвадула, регби хӏала, гугарула. Спорталде дир бугеб рокьи бихьун, вас Шамилицаги тӏасабищана гьебго нух.
— 2020 соналда рукӏине ругел Олимпиялъул хӏаязда гӏахьаллъизе вугищ Шамил?
— 2020 соналда Токиоялда тӏоритӏизе ругел Олимпиялъул хӏаязда 86 кг цӏайиялда чемпионлъун вахъине рес букӏана Шамилил. Щайгурелъул гьеб цӏайиялда гьабсагӏаталда абизегӏанасел къуватал спортсменал гьечӏо. Амма бохалъе гӏузру ккеялъ кӏолеб гьечӏо гьесда бугеб гьунаралда рекъон къеркьезе. Бох тӏубанго сахлъани, дица гьесие ургуялде тӏадвуссине квалквал гьабиларо, гӏузругун гугаризеги виччазе гьечӏо.
Жиндир заманалда Шамил ва-хъана Европаялъул, Россиялъул чемпионлъун, бергьана Иван Ярыгинил турниралда, чӏел босана Универсиадаялда. Дир пикруялда, гьеб гӏунги тӏокӏаб бергьенлъиги буго.