Цӏияб Хушет поселокалда бугеб «Декоративные культуры» ЗАО ккола гьаб заманалда къанагӏат гурони гьечӏел магӏишатазул цояб. Гьал къоязда гьелъул директор Халид Халидбегов вачӏун вукӏана редакциялде гьоболлъухъ ва гьесулгун гьабураб гара-чӏвари бахъулеб буго гъоркьехун.
— Халид, кида ва щиб мурадгун гӏуцӏараб дуца нухмалъи гьабулеб магӏишат-питомник?
— Декоративиял гъутӏбузул, хъархъазул, тӏугьдузул рекьулел материалал гӏезариялъул мурадалда, 1977 соналдаго гӏуцӏун букӏана гьеб.
— Нужер мисалалда хӏалтӏулел магӏишатал гӏемер ругищ Дагъистаналда?
— «Горзеленхоз» гӏуцӏиялъул букӏана ва гьабсагӏаталдаги буго жидерго питомник. Гьеб буго Дербент районалъул «Самур» лесхозалъулги. Амма наккугӏанги гӏемер руго цогидал регионаздаса, къватӏисел пачалихъаздаса босун нилъер гьениб гьеб бичулел, батӏи-батӏиял цӏаразда гъоркь хӏалтӏулел ругел «озеленителал – дизайнерал».
— Жакъа къоялда щиб гьоркьобе бачунеб нужер питомникалъ, лъица босулеб хӏадур гьабураб материал?
— 50 гектар ракьалда гӏезабула гьеб. Хӏалтӏухъабазул вуго къогогӏанав чи. Нижер хӏалтӏи буго, аслияб куцалда, квераз гьабулеб. Гьединлъидал техникаги нижее гӏемер хӏажалъуларо. Гьеб босула нилъер шагьаразул предприятияз, организацияз, больницабаз, школаз, жалго гӏадамаз.
— Щиб заманалда гьеб бичулеб ва исана кигӏан къадар гьелъул бичараб?
— Бичула риидалил моцӏаз ва октябралдаса байбихьун декабрь лъугӏизегӏан. Исана нижеца гьеб бичана цо млн гъурщиде.
— Гӏурччинлъиялъул рахъалъ Махӏачхъалаялда бугеб ахӏвал-хӏал кинаблъун бихьулеб дуда?
— Нормабазда рекъон, шагьаралда гӏумру гьабун вугев цо чиясе букӏине ккола гӏурччинлъиялъул 20-25 кв метр. Кӏудияв специалист гьечӏониги, бичӏчӏизе кӏола хӏажаталъул 30 процент гурони нилъер гьаниб гьечӏеблъи.
— Советияб заманалда тахшагьаралда букӏана гӏемераб гӏурччин-лъи. Щиб гӏиллаялдалъунха гьанже гьадин ккараб?
— Доб заманалда кирго рукӏана хӏалтӏи лъалел ва хӏалтӏулел специалисталги, гӏадлу-низамалъул магӏна бичӏчӏулел, жавабчилъи бугел хӏакимзабиги. Дир пикруялда, гьаб заманалда пачалихъалъул идарабазда цӏакъго дагьлъун руго лъугьун бугеб хӏал бичӏчӏулел, гьеб хисизабизе бажари бугел хӏалтӏухъаби. Букӏине кколеб хӏалалда шагьар гӏурччин гьабулеб букӏарабани, нижер гӏадинаб магӏишат гьаниб къваригӏунаан 10, ялъуни нижераб кӏодо гьабизе кколаан 10 нухалда.
— Тахшагьаралда гӏемерлъулел руго жалго бетӏергьанал предприятиял, батӏи-батӏиял кӏалгӏаби. Гӏурччинлъиялъул тӏалаб букӏу-нищ гьединазул рахъалдасан?
— Гӏемерисезул букӏунаро. Тӏалаб бугезги, дизайнеразул кумекалда-лъун, гьеб бачӏинабула къватӏисел пачалихъаздаса. Бачӏараб мехалда гьеб букӏуна берцинаб, чӏухӏараб, амма кӏиго-лъабго лъагӏалидасан лъугӏула гьелъул иш. Масала, гӏурус учительницаялъе бараб памятникалда аскӏор чӏун рукӏана батӏи-батӏиял тайпабазул берцинал гъутӏби. Гьанже кирха гьел ругел? Киналго ракъвана, нахъе рехана. Гьединал мисалал гӏемер руго.
— Мисалалъе, пуланав дагъистаниясе къваригӏун буго декоративияб гъветӏ ялъуни хъарахъ босизе. Щиб гьес гьабизе кколеб?
— Гьев вачӏине ккола нижер питомникалде. Гьениб нижер специалистаз гьесда рихьизарула батӏи-батӏиял гъутӏби, хъархъал, тӏугьдул, кьола бокьараб баян, гьабула хӏажатаб кумек. Баянал мухӏкан гьаризе бегьула гьаб номералде 8.989-881-31-93 кӏалъанги.