Ракӏ-ракӏалъ баркула нужеда тӏаде щвараб цӏияб, 2020 сон.

Аллагьас баракатаб ва талихӏаб батаги гьаб.

Араб сон нилъее букӏана батӏи-батӏиял лъугьа-бахъиназдалъун бечедаб. Республикаялъул бетӏер Владимир Васильевасул нухмалъиялда гъоркь гӏумруялде рахъинаризе кӏвана батӏи-батӏиял миллиял проекталгун программаби.

Гьаб соналдаги дагьал гьечӏо республикаялъул халкъалъул гӏумру-яшав лъикӏлъизабиялъул мурадалда гьаризе тӏаде росарал масъалаби. Хьул буго цадахъ лъугьун нилъеда гьел тӏуразаризе кӏвелилан.

Гьарула щивав чиясе, щибаб хъизамалъе сахлъигун рохел, рокъоб парахалъи, гьабулеб ишалъулъ икъбал, битӏккей.