Исана ноябралда байбихьун букӏана тахшагьаралъул аслияб майдан къачӏазе. Цӏияб сон тӏаде щвелалде, гьеб къачӏанги бахъана. Цӏигьабун къачӏараб майдан рагьиялъул рохалилаб тадбирги тӏобитӏана ва гьебги байбихьана багӏараб чӏоло къотӏиялдасан…
Гьелдаса хадуб рагьана «Ракӏалдещвеялъул ах – гӏумруялъул ах» абун цӏар кьураб, Кӏудияб Ватӏанияб рагъул бахӏарзал ракӏалде щвезариялъул ахги. Гьениб республикаялъул щибаб районалъул ва шагьаралъул вакилзабаз чӏана 54 гъветӏ.
— Майдан къачӏазе гӏарац Москва шагьаралъул мэриялъ биччан букӏана. Гьеб ккола Дагъистаналъе гьабураб кӏудияб сайгъат.
Россиялъул президентасул гьариялдалъун Москваялъул мэр Сергей Собяниница биччана гьаб майдан къачӏаялъе гӏарац, — ан абуна Владимир Васильевас.
Жеги гьеб къачӏазе буго 14 халичаялъул суратазда къоноги гӏодоб ккун. Гьабсагӏаталда гьениб буго цохӏого цо нугъаязул халичаялъул сурат.
Гьединго тадбиралде рачӏаразда Цӏияб соналъул байрамги цӏигьабун къачӏараб майдан рагьиги баркана шагьаралъул бетӏер Салман Дадаевасги, Республикаялъул херазул советалъул председатель Гӏабдула Мухӏамадовасги ва цогидазги. Гьес баркала загьир гьабуна Москва шагьаралъул мэриялъе ва Дагъистаналъул бетӏер Владимир Васильевасе.
Гьеб къоялъ майданалда чӏезарун рукӏана цӏиял автобусалги хехаб кумекалъул машинабиги. Гьел кьуна республикаялъул районазул ва шагьаразул школазегун больницабазе.