Мухӏарамкент районалда рагьана цӏияб кьо. Гьеб бана Самур гӏоралда тӏад, 2013 соналда Азербайжаналъги Россиялъги гьабун букӏараб къотӏиялда рекъон. Кьоялъул буго 325 метр халалъи 17 метргун бащдаб гӏеблъи. Кьо бана Россиялъги Азербайжаналъги бащадго гӏарацги хӏалтӏизабун.

Кьо рагьиялъул тадбиралда гӏахьаллъана РФялъул экономикияб цебетӏеялъул министр Максим Орешкин, ДРялъул бетӏер Владимир Васильев, Азербайжан Республикаялъул премьер-министрасул заместитель Шагьин Мустафаев.

Багӏараб чӏоло къотӏун хадуб, Шагьин Мустафаевас абуна: «Гьаб кьоялъ цолъизарула, Самур гӏурул кӏиябго рагӏал гуребги, кӏиябго улкагун гьезул халкъалги. Гьаб бакӏалдасан хьвадула аслияб къагӏидаялда юк баччулеб транспорт. Дир ракӏчӏола, гьаб гьудуллъиялъулгун вацлъиялъул кьо бугеблъиялда», — ян.

Максим Орешкиницаги баркана цӏияб кьо рагьи ва баркала кьуна гьеб балаго хӏаракат гьабурал хӏалтӏухъабазе. «Гьаб проекталъул кӏудияб тарих буго. Расги бигьа букӏинчӏо гьеб гӏумруялде бахъинабизе. Ахирги нилъее рес щвана цӏияб кьо рагьиялъул тадбиралда гӏахьаллъизе. Гьанисан гӏадамалгун машинаби хьвадила, дармил мурадалда гуребги, туристазеги санагӏатаб нух лъугьина гьанисан. Гьединал бухьеназ щулалъизабизе буго халкъазул гьудуллъиги», — ян абуна министрас.

Владимир Васильевас, тадбиралъул гӏахьалчагӏазе салам кьолаго, кӏварбуссинабуна божилъиялде. «Божилъиялъул кьучӏалда гӏуцӏула бухьен, улкабазул халкъазул бухьеназ церетӏезарула пачалихъал. Дагъистаналъулги Азербайжаналъулги руго гӏемеррахъазулал бухьенал: цоцалъ журарал хъизамалги гӏаммаб тарихги. Баркала буго гьаб байрамалъе квербакъарав щивав чиясе!» — ян абуна гьес.

Баркиялъул кӏалъай гьабуна Россиялда вугев Азербайжана-лъул посол Полад Бюльбюл-Оглицаги.

Гьелдаса хадуб цӏияб кьодасан ана тӏоцересел машинаби.