Шабанов Мухӏамад гьавуна 1963 соналда Шамил районалъул Тӏелекь росулъ. 1970-1980 соназда цӏалана Гъизилюрт шагьаралъул №4 гьоркьохъеб школалда. Цӏалана Гагарин шагьаралъул зооветеринарияб техникумалда, Бизнесалъулгун правоялъул халкъазда гьоркьосеб институталда, ДГУялъул юридикияб факультеталда, РФялъул президентасда цебе бугеб Россиялъул пачалихъияб хъулухъалъул академиялда.
Хӏалтӏизе байбихьана 1980 соналда. Хӏалтӏулев вукӏана Гъизилюрт районалъул батӏи-батӏиял идарабазда ва хъулухъазда. 1994-1999 соназда вукӏана Гъизилюрт шагьаралъул собраниялъул депутатлъун ва 1999-2003 соназда – ДРялъул Халкъияб Собраниялъул депутатлъунги.
2013 соналъул июналда Мухӏамад вищана «Гъизилюрт район» муниципалияб района-лъул администрациялъул бетӏерлъун ва 2016 соналъул сентябралдаса нахъе хӏалтӏулев вуго Гъизилюрт районалъул бетӏерлъун.
М. Шабанов ккола «Партия Роста» абураб Тӏолгороссиялъул партиялъул Дагъистаналда бугеб регионалияб отделениялъул председательги. Гьев вуго экономикиял гӏелмабазул кандидат, ДРялъул мустахӏикъав экономист, ДГТУялъул кафедраялъул заведующий.
Мухӏамад мустахӏикълъана гӏемерал шапакъатазе. Гьезда гьоркьор руго Бахӏарчилъиялъул ва «Дагъистаналъе гӏоло гьабураб хӏаракаталъухъ» абурал орденалги.
Дир цевегосев гьудул, пишацояв, пикруцояв, кидаялиго коррупциялде данде къеркьолезул цебесеб кьерда вукӏарав «Хъахӏаб рукъалъул» чиновник Гӏалибег Гӏалиев мех-мехалда вачӏуна «Хӏакъикъат» газеталде, загьир гьарула нижер хӏалтӏуда тӏасан жиндирго пикраби, гьарула пайдаял малъа-хъваял, кантӏизариял.
Бищунго аслияб жо — Гӏалибег вуго ракӏ-ракӏалъ магӏарул халкъги гьелда хурханщинабги бокьулев чи, унго-унгояв патриот.
Лъикӏаб пикру баккани, газеталъул гьурмазда вукӏине мустахӏикъав чи ракӏалде щвани, кӏутӏун дихъе яги цоги хӏалтӏухъабазухъе ахӏун бачӏуна гьес.
Гьале чанго къоялъ цебеги ахӏана Гӏалибегица жив Гъизилюрталде ине вугила «Шагьаралъулаб санагӏатаб сверухълъи» абураб программаялда рекъон Цӏияб Чӏикӏабги Цӏобокь-Миякьобги объектал рагьиялда бан тӏоритӏулел тадбиразда гӏахьаллъизе.
— Унго-унгояв магӏарул бихьинчи ва бажари бугев нухмалъулев вихьизе, лъазе бокьун батани, метер «маххул чуял» кьолозе руго Гъизилюрталде, — ян абуна разиго Гӏалиевас. — Нужер подпискаялъеги кумек гьабизе буго Мухӏамад Хӏажиевичас, дудаго бихьизе буго.
…Радалго сапаралде рахъана ниж.
Лъикӏаб, роцӏараб къоги бачӏана, хабар-кӏал гьуинав Гӏалибегица ракӏги гъезабулеб букӏана. Бицунги, рагӏунги, цо нухалъ вихьунги лъикӏаб пикру жиндехун бижарав районалъул бетӏер Мухӏамад Шабановас подпискаялъе чӏаголъи гьабунадай, кӏиго анкьалъ цебе кьураб рагӏи ккунадай абурал пикрабалъ дунги вукӏана.
Цӏияб Чӏикӏаре щолеб мехалда Гӏалибегихъе кӏалъан вачӏана Мухӏамад. Гьезул хабар нижедаги рагӏулеб букӏана. Шабановас гьасие суал кьолеб бугоан жакъа рагьулеб парк щиб бакӏалда бугебали лъалищан. Лъаларин гьес абидал, лъабго-ункъо соналъ цебе гӏадамазул гӏарзазда рекъон мунги вачӏун, дуца сверухълъиялдаго ахӏиги бахъинабун, коммерсантаздаса цӏунизе кӏвараб ракь щайила дуда лъаларебин лъугьана районалъул бетӏер.
Ракӏ-ракӏалъ вохана гьеб хабаралдаса Гӏалибег ва бицана ресги санагӏатги бугел коммерсантаздаса цӏиябчӏикӏасезе гьеб ракь цӏунулаго, жиндаго бихьанщинаб къоги гьениб букӏараб кутакаб къеркьейги.
Дицаго пикру гьабуна чан чиясул мурадха тӏубазабун батилеб гьав, ракӏ лъикӏав, хӏалимав, велъун гурони нилъеда кӏалъаларев, амма къо ккаралъув согӏав, ритӏухъав, халкъалъе гӏоло бокьараб къуватгун къеркьезе хӏадурав чиновникасилан. Бадибе – рецц, роциб – малин абулелъулха, гьасда дица щибго жо абичӏо, амма гьудуласдаса чӏухӏиялъулги разилъи-ялъулги асар рещтӏана рекӏелъ. Гӏабдулатӏиповасул командаялда гьоркьов бищунго хӏаракаталда хӏалтӏулев чи вукӏана Гӏалибег Гӏалиев.
…Рикӏкӏадасанго рихьана гӏеме-
рал гӏадамалги цо гӏажаибаб чӏаголъиги.
Гьале живго Шабановги – щивав чиясул квер босулев, киназего махсара-хочӏ гьабулев, гьимулев. Кутакалда кӏудияб адаб-хӏурмат гӏадамазги гьабулеб бугоан гьесул.
Гӏалибег вихьаравго, Мухӏамад нижеде данде вачӏана ва дурго къеркьеялъул хӏасил бихьизе дида хадув вилълъаян, живго кӏигогӏан халатав гьевги вехъерхъун, цо рахъалде ана.
Машааллагь, проекталъул кутак, паркалъул берцинлъи, квегӏенлъи, скамейкабазул цӏваки, гӏадамазул гьурмазул гвангъи.
Рагӏи кьуна районалъул бетӏер, «Партия роста» абураб федералияб партиялъул регионалияб отделениялъул председатель, экономикиял гӏелмабазул кандидат, Бихьинчилъиялъул орденалъул кавалер Мухӏамад Шабановасе.
— Республикаялдаго бергьенлъиялда гӏумруялде бахъинабулеб «Мой Дагестан. Комфортная городская среда» абураб программаялде гъорлъеги лъугьун, хӏаракатго хӏалтӏулел руго нилъер районалъул росабиги,-ян абуна М. Шабановас. — Гьелъие гвангъараб нугӏлъилъун ккола жакъа Цӏияб Чӏикӏаб росулъ рагьулеб гьаб гьайбатаб паркги. Дие бокьун буго гьаб проекталда гӏахьаллъи гьабурал тӏолазего баркала загьир гьабизе. Хасго баркала кьезе бокьун буго росдал цӏияв бетӏер Ражаб Хамуевасе. Лъабго моцӏалъ тӏадчӏун хӏалтӏана гьев рехсараб проект гӏумруялде бахъинабизелъун. Гьале ахирги кӏвана гьадинаб берцинлъи гӏуцӏизе. Кӏудияб баркала буго росдал гӏадамазе, жамгӏиял хӏаракатчагӏазе. Парк рагьараб гӏоларо, гьаб цӏунизе-ги ккола, бацӏцӏадго чӏезабизеги ккола. Нилъеда лъала кинаб къоги бихьун нилъеца гьаб ракь коммерсантаздаса нахъе босарабали.
Рохалилаб тадбиралда кӏалъазе рахъарал хӏукуматалъул вакил Гӏалибег Гӏалиевас, росдал гьоркьохъеб школалъул директор Ума Хӏажиевалъ, цеве вукӏарав районалъул бетӏер Мухӏамад Дадаевас ва цогидазги лъикӏаб къимат кьуна рехсараб проекталъе.
Парк рагьиялда бан тӏобитӏулеб рохалилаб тадбир ана кутакалда берцинго, кӏалъаял рукӏинчӏо ххвалиего гьарулел, рагӏаби рукӏана рекӏелъе рортулел. Халкъалъ – гӏисиназги чӏахӏиязги – Мухӏамадиеги гьесул гъункараб командаялъеги кьолеб букӏана мустахӏикъаб, хӏакъикъияб къимат. Цо-цо рекӏел асар, ай эмоциял кквезе кӏвечӏого, цӏакъго Мухӏамад веццизе лъугьаразда районалъул бетӏерас абулеб букӏана: «Дир бицине гуро жакъа нилъ гьанир ракӏарарал, паркалъул, сверухъ бугеб берцинлъиялъул бицине. Гьадинаб рес нилъее кьурал Россиялъул президентасе, Дагъистаналъул бетӏер Владимир Гӏабдугӏалиевичасе кье баркала, нилъеде ягъунги, ахӏдонги, бадирчӏваял гьарунги гьаб иш гӏужда рагӏалде бахъинабизе бокьун букӏарай Рукъият Ахӏмадовалъе кье баркала».
Хадуб школлъималазги чӏахӏиязги парк рагьун чӏоло къотӏана. Разиял гьаркьаз ханлъи гьабулеб букӏана сверухълъиялда…
Хадусеб нижер сапар букӏана гьединабго паркги росдае кӏвар бугел цоги объекталги ралеб Цӏобокь-Миякьоб росулъе. Кутакалда хӏадурлъун ругоан тадбиралде гьенирги. Хасго школалъул цӏалдохъаби. Цо берцинаб сценарийцин ургъун бугоан гьез. Цӏалдохъабаз бицун лъана Цӏобокь-Миякьор гьарурал пайдаял ишазул тӏубараб сияхӏ. Мисалалъе, Дагъистаналъул бетӏер Владимир Васильевасул хӏаракатчилъиялдалъун гӏумруялде бахъинабун буго «Бакӏалъулаб хӏаракатчилъи» абураб кӏудияб проект, «150 школа» абураб проект, «Современная школа» абураб Генералияб проект, Школалъулаб къотӏноб тӏун буго хъил, тӏадбан унеб буго волейболалъулгун баскетболалъул цӏиял майданал гьариялъул хӏалтӏи.
Рохалилаб тадбиралда кӏалъазе вахъарав районалъул бетӏерас ракӏ-ракӏалъулаб баркала кьуна гьел киналго проектазда тӏад хӏалтӏарал росдал гӏадамазе, жамгӏиял хӏаракатчагӏазе, росдал бетӏер Гӏабдулгӏазиз Султӏановасе, гьесул заместитель Тӏагьирие, депутат Зайнулае, Мухӏамадхӏажи Къадиевасе, Дагъистан Республикаялъул Халкъияб Собраниялъул депутатал Мухтар Оздеаджиевасе, Мурад Пайзулаевасе, школалъул директор Патӏимат Къадиевалъе ва гӏемерал цогидазеги.
— Хириял Цӏобокь-Миякьоб росдал гӏадамал, тӏаде рачӏарал гьалбал, цӏалдохъаби, жакъа нилъ ракӏарун руго росулъ паркги цогидал объекталги рагьиялда бан тӏобитӏулеб рохалилаб данделъиялде, — ян байбихьана жиндирго кӏалъай районалъул бетӏер ва тӏолалго ишазул цевехъан, хӏаракатчи Мухӏамад Шабановас — Баркала нилъер республикаялъул бетӏер Владимир Васильевасе гӏадамазул гӏумруги рукӏа-рахъинги цебетӏезабиялде кьолеб щибабкъойилаб кӏваралъухъ. Кинабго нилъеца гьабулебщинаб жо буго гьесул тӏадкъай тӏубазабиялъе , «Мой Дагестан. Комфортная городская среда» абураб программа бергьенлъиялда гӏумруялде бахъинабиялъе гӏоло.
Дун жакъа лъикьаго нечечӏого, бацӏцӏадаб намусгун районалъул бокьараб росулъе уна, щай абуни цониги росу гьечӏелъулха дир берзукьа борчӏараб, хӏукуматалъул рахъалдаса кумек щвечӏеб. Щибаб росулъ ралел руго цӏиял объектал, гӏуцӏулел руго гӏумру гьабиялъе хӏажалъулел тӏолалго шартӏал. Руго сахаватал, яхӏ бугел гӏадамалги жавабиял нухмалъулелги. Мисалалъе. гьаб парк гьабулаго унго-унгояб хӏаракатчилъи бихьизабуна нужер росдал бетӏерас. Лъабго моцӏрол харж кьеялде тӏадеги, гьес валагьана спонсорги. Спонсорас кьуна гьаб ишалъе 700 азарго гъурущ ва гьарана жиндир цӏар рехсогейилан, ай Аллагьасдаги жиндаги гьоркьоб тейила гьеб. Аллагь разилъаги гьединал гӏадамаздаса.
Росдал гӏумруялъулъ гьабулеб хӏаракатаб хӏалтӏуе гӏоло района-лъул бетӏерасе Хӏурматалъулал грамотабиги баркалаги кьуна района-лъул имамасги росдал бегавуласги.
Лъугӏана официалияб тадбир.
Мажгиталда рузманги бан, росдал бегавуласул гьариялда рекъон, ниж ана къаде кваназе.
Мухӏамад Шабановас нижер лъай-хъвай гьабуна жиндирго командаялъулгун. Гьел ругоан Да-гъистаналъул Халкъияб Собраниялъул депутатал — лъарагӏав Мухтар Оздеаджиев, магӏарулав, Шамил районалъул Хучада росулъа Мурад Пайзулаев, Цӏобокь-Миякьоб росдал бетӏер Гӏабдулгӏазиз Султӏанов ва районалъул идарабазул хӏалтӏухъаби. Щивасе рагӏиги кьолеб, щивасул рахъалъ хинаб рагӏиги абулеб букӏана районалъул бетӏерас.
Гьаниб кӏиго рагӏи подпискаялъулги абичӏого гӏоларо.
Чан газета хъвазе бокьун бугебилан гьикъана гьес дида.
Дурго ракӏ билълъараб, администрациялъул ресалда рекъараб гьабеха, Мухӏамадин, дица кьураб жаваб гьесие бокьичӏо.
— 50 газета цин хъвазе буго магӏаруллъиги хирияв, магӏарулалги рокьулев дирго гьудул Гӏалибег Гӏумаровичасе гӏоло. Араб соналъ кигӏан букӏараб?
— Дагьаб къадар букӏана – къоло щуго.
— Исана кигӏан гьабилеб?
— Цо нусго жо гӏела.
Гьедин дица абидал, нусго жидеца цебего хъваниланги абун, района-
лъул бетӏерас администрациялде ахӏана. Лъабнусго экземпляр хъван бугоан «Хӏакъикъаталъул» Гъизилюрт районалда, шагьар малъичӏого.
Сагӏаталдасаги цӏикӏкӏун заман
бана нижеца Цӏобокь-Миякьоб росдал бегавуласул ашбазалда. Хӏалтӏулги, хӏасилазулги, цере чӏарал масъалабазулги хӏакъалъулъ бицана, гӏаданлъиялъул, гьудуллъиялъул рехсезеги кӏоченчӏо.
— Дица кадраби тӏаса рищулеб куц лъалищ нужеда? — йилан гьикъана Шабановас, вукӏаралъуса вахъун.
— Бицани лъалаха, — ян нижецаги жаваб кьуна.
— Дун бокьараб гӏиллаги балагьун, багьанаги цӏехон, росдал бутӏрузухъе гьоболлъухъ уна. Гьездаги ккола дун жидехъе гӏицӏго хинкӏ-чед квинеги чай гьекъезеги вачӏарав чийилан. Амма дир батӏияб мурад букӏуна — дун балагьула гьав чиясул рокъоб бугеб ахӏвал-хӏалалде, къватӏиб бугеб рацӏцӏа-ракъалъиялде. Гьечӏищ гьеб киналъулъго гӏадатиябниги гӏадлу-низам – гьединав росдал бетӏер дие думалъго данде кколаро. Жиндирго рокъоб гӏадлуги гӏадатиябниги магӏишат-яшавги гӏуцӏизе кӏоларев чиясдаса росдаеги букӏунаро пайда. Гьелда дир ракӏчӏараб буго.
Дир бугеб цо кӏудияб анищги бицинищ нужеего?
Дирго гӏагараб Шамил районалъе дихъа бажарараб, кӏвараб кумек гьабизе. Дун цӏалулевги, хӏалтӏулевги, гӏумру гьабулевги аслияб къагӏидаялда гӏатӏиракьалда вукӏана ва вуго. Амма дида ракӏчӏун лъала дир ахир вуссунеб бакӏ лъоба магӏарухъ букӏин, дир анкьумумузул, бищун дие хириял чагӏазул хабал гӏагараб Тӏелекь рукӏин.
Гӏемерав ургъана ва жакъаги ургъулев вуго дун гьав лебалав, жигарав, жиндир гӏумруялда жаниб чанги жо бихьарав, хӏехьарав, саламатал ишал гьаризеги гьайбатал лъалкӏал тезеги кӏварав магӏарул Бихьинчиясул, Инсул, Нухмалъулесул, ккараб бакӏалда, Рагъухъанасул рагӏабазда тӏад.
Гьасие дагь буго анцӏ-анцӏ соназ жинцаго гьабулеб лъикӏлъи, гӏаданлъи, гӏадамазе жиндаса къойилго щолеб кумек, ккаралъуб битӏулеб квер.
Гьасул ракӏ мугӏрузда буго, гьеб хӏалакун буго тӏелкьадериеги тӏолалго ракьцоязеги хъулухъ гьа-бизе.