28 декабралда тӏобитӏана ДРялъул бетӏерасда цебе бугеб Херазул советалъул данделъи.
Гьениб Владимир Васильевас бицана ахираб заманалда рукӏарал дандчӏваязулги ккарал хӏасилазулги хӏакъалъулъ.
— Ункъабго территориалияб округалъул Херазул советазул вакилзабигун дандчӏвана дун. Гӏенеккана гьез бицунелъухъ. Нилъеда церечӏарал масъалаби бигьаял гьечӏо, амма киналго цадакъ рекъон хӏалтӏани, гьел тӏуразарун бажарула.
Исана къабул гьабуна бюджет. Депутатазда бичӏчӏана гьеб халкъияблъун букӏин. Нилъер хӏалтӏул аслияб къагӏида буго ритӏухълъи цӏуни. Дида абулеб букӏана, бюджет хӏалтӏизабизе бегьилаанин экономикиял рахъал церетӏезаризе. Нилъецайин абуни, гӏарац биччалеб буго социалияб рахъ цебетӏезабиялде. Щайгурелъул налогал ракӏарун щвараб гӏарац хӏалтӏизабизе ккола халкъалъул гӏумру лъикӏлъизабиялъе, — ян бицана В. Васильевас.
Данделъиялда бицана республикаялъул экономикагун социалиял рахъал церетӏезариялъе квербакъулел проектал гӏумруялде рахъинариялъул хӏакъалъулъги.