ДРялъул вице-премьер Гӏабдул-муслим Гӏабдулмуслимовас тӏоби-тӏараб данделъиялда бицана ихдал гӏорал щвеялъул хӏасилалда зарал ккунгутӏиялъул мурадалда гӏуцӏизе кколел тадбиразулги 2019 соналда гьеб рахъалъ гьабураб хӏалтӏул хӏасилазулги хӏакъалъулъ.
Гӏорал щвеялдалъун зарал кколел Россиялъул регионазда гьоркьоб Дагъистан буго анцӏабилеб бакӏалда. Бищунго хӏинкъи цӏикӏкӏараблъун рикӏкӏуна Терек гӏор. Гьеб рагӏаллъабаздаса къватӏибе кӏанцӏани, зарал ккезе бегьула Бабаюртги Гъизлярги районазда гӏумру гьабулев 20 азарго чиясе.
Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимо-вас ракӏалде щвезабуна 2002 сон. Гьеб мехалда гьалаглъараб Терека-лъул балагьалдалъун республикаялъе гьабуна кӏигогун бащдаб миллиард гъурщил зарал. Исана гьеб ва Самур, Аксай, Курах, Уллучай, Ахъташ ва цогидалги гӏоразул балагьалдаса цӏуниялъул мурадалда гьабураб хӏалтӏул хӏакъалъулъги бицана вице-премьерас.
2020 соналда гьаризехъин ругел ишазул хӏакъалъулъ бицана ДРялъул тӏабигӏиял сурсатазулгун экологиялъул министр Набиюла Гъарачаевас. Гьес абуна Терек гӏоралъул тӏинуялда хадуб халкквей букӏинабизе кколинги.
Исана тӏатана хӏинкъи бугеб 20 бакӏ: 18 – Терекалда ва кӏиго – Сулахъалда. Гьелде тӏадеги, дагьалъ цебе халгьабураб мехалда, жагъаллъун батана жеги 23 бакӏ.
Хӏинкъи цӏикӏкӏарал гӏоразда гьоркьобе уна Самурги. 2018 соналда гьелъ зарал гьабун букӏана Ахти районалда бугеб къогониги минаялъеги газалъул мухъалъеги. 2020 соналда гьелъул рагӏаллъаби щулалъизариялъе тадбирал гьаризе ругин бицана министрас. Гьединабго хӏалтӏи гьабизе буго Аксай гӏоралдаги.
Гӏор щвеялдалъун зарал ккезе бегьулел росабазул хӏакъалъулъги бицана данделъиялда. Гьединазда гьоркьор рехсана Кьорош (Чӏарада район) ва Шагьикь (Цӏунтӏа район) росабиги.
ДРялъул бетӏерасулги ДРялъул хӏукуматалъулги администрациялъул пресс-хъулухъ