Гьале нахъа тана гӏумрудул цоги сон. Гьебин абуни гӏадатияб халкъалда ракӏалда чӏела пенсиялъул ригь цӏикӏкӏинабиялдалъун, «рищнидул реформаялдалъун», цогидазда бачӏеб Рунеталъул хӏакъалъулъ гӏуцӏараб законалдалъун.

Щибха букӏине бугеб 2020 соналда?

Пенсия

РФялъул Захӏматалъул ва социалияб рахъалъ цӏуниялъул министерствоялъул баяназда рекъон, 2020 соналъул тӏоцебесеб январалдаса нахъе страховиял пенсиязул индексация гьабизе буго 6,6 проценталъ. Пенсиялде ине руго 56,5 сон барал руччаби ва 61,5 сон барал бихьинал.

2020 соналъул байбихьуда пенсиялде ине руго 1964 соналда гьарурал руччаби.

Захӏматалъул пенсия тӏоцебесеб январалдаса нахъе гӏага-шагарго 1000 гъурущалъ цӏикӏкӏине буго, социалияб пенсияйин абуни, апрелалдаса нахъе цӏикӏкӏине буго 7 проценталъ, гьебги ккола гьоркьохъеб хӏисабалда 700 гъурущ.

2020 соналда МРОТалъул (бищунго гӏодобегӏанаб мухь) къадар 850 гъурущалъ цӏикӏкӏине буго (2019 соналда гьеб 11280 гъурщида бащад букӏун батани, цӏияб соналдаса нахъе букӏине буго 12130 гъурущ).

МРОТалда бараблъун ккола жеги лъабго пособиеги: заманаялъ хӏалтӏи гьечӏого хутӏиялъул, лъимаде йикӏаго ва лъимер гьабун хадусел моцӏазда щолеб ва лъимадуе лъагӏелгун бащдаб базегӏан хъулухъ гьабуралъухъ кьолеб.

Лъимаде йикӏаго ва гьабун хадуб кьолеб пособиеги цӏикӏкӏине буго. Январалдаса байбихьун (140 къоялъул хӏисабги гьабун) бищунго дагьаб къадар букӏина 55830 гъурущ ва бищунго цӏикӏкӏун — 322191 гъурущ. Гьеб бараб буго харжалъул къадаралда. Гьоркьохъеб хӏисабалда, къоялъе щолеб бищунго дагьаб 398 гъурущ босани, 2020 соналда лъимаде йигей гӏаданалъе кьолеб 140 къоялъул больничниялъухъ кьола (398*140) = 55830 гъурущ, 156 къоялъул больничниялъухъ (захӏматго лъимер гьабуразе) — 62211 гъурущ, 194 къоялъул (кӏиго-лъабго лъимер цадахъ гьабуни) – 77650 гъурущ.

Эбелалъулаб капиталалъулги индексация гьабизе буго 2020 соналда. Масала, гьелъул къадар цӏикӏкӏине буго 3,8 проценталъ ва гьеб бахине буго 466617 гъурщиде. Жеги хӏалтӏизабичӏеб яги тӏаса цо бутӏа хӏалтӏизабураб эбелалъулаб капиталалъулги гьабизе буго гьединабго индексация. Чанго соналъ цебе щвараб эбелалъулаб капиталалъул сертификаталда бихьизабураб гӏарцул къадаралдеги, 2020 соналда бихьизабураб къадаралда рекъон, тӏадеги гӏарац кьолеб буго.

Цӏияб соналдаса байбихьун захӏматалъулал книжкабиги электрониязде руссинаризе руго. 2021 соналдаса нахъе хӏалтӏуде лъугьунезе гӏицӏго электрониял книжкаби гурони рагьизеги гьечӏо.

«Рощнол реформа»

2019 соналда экологияб рахъ лъикӏлъизабиялъул мурадалда, сверухълъи рищни-къулалдаса бацӏцӏад гьабулел цӏиял къагӏидаби хӏалтӏизаризе байбихьана. Россиялъул киналго субъектал хӏадур рукӏинчӏо гьеб реформаялде. Лъагӏалил ахиралдехун рищни батӏи-батӏиял къалазухъе баялъул къагӏидаялде ругьунлъизаризе ругин гӏадамалин бицунеб букӏана реформа гьабизе байбихьаралдаса нахъе.

ДРялъул Тӏабигӏиял сурсатазул ва экологиялъул министерствоялъ жигар бахъана шагьараздагун районазда рищни-къул балел бакӏазда гӏадлу-низам гӏуцӏизе, гьенир цӏиял къалал лъезе ва гьезда сверухъ бакӏазда рацӏцӏалъи цӏунизе. Махӏачхъалаялда ва Каспийскиялда рагьана рищни-къул батӏа гьабун, кагъат, цӏер ва пластик бичун босулел «Экопунктал».

Республикаялда 10 соналъулаб къотӏи-къайги гьабун, рищни-къул бакӏаризе тӏаса рищун руго регионалиял операторалги. Дагъистаналъул Огни шагьаралда бугеб цӏорол кӏкӏор гьабулеб заводалдеги къабул гьабула бекараб цӏер. Руго пластика къабул гьабулел гӏисинал цехалги.

Чанго сон буго Дагъистаналда рищни-къул батӏа гьабун, гьелдаса цогидаб къайи гьабулел заводал разе ругин бицунелдасаги. Дагьаб цебегӏан Гъизляр районалда тӏобитӏараб данделъиялда ДРялъул тӏабигӏиял сурсатазул ва экологиялъул министр Набиюла Гъарачаевас лъазабуна «Экология» федералияб программаялда рекъон, республикаялъе миллиард гъурущ биччалеб ва гьеб гӏарцухъ рищни-къул батӏа гьабун къачӏаялъул 11 завод базе бугин. Гьел рехсарал заводал гьанжелъизегӏан «ралел» рукӏана инвесторазул кумекалдалъун, амма гьелъул щибго жо ккечӏо ва бихьизабизегӏанасеб заводги республикаялда бачӏо.

«Рощнол реформаялде» гӏадамал хӏадур гьечӏеблъи бихьулеб буго рощнол къалазда тӏад чӏварал игӏланазул кӏварги гьабичӏого, ругьунабго къагӏидаялъ гьел цӏезарулел рукӏиналъги.

2019 соналдаса нахъе рухӏчӏа-голъабазе гӏакъуба кьуразе бихьизабураб тамихӏ буго лъабгоялдаса щуго соналде щвезегӏан эркенлъиялдаса махӏрум гьари. 2020 соналдаса нахъе рокъор хьихьизе бегьуларо аздагьо, дачаялда ци, хӏинкъи бугеллъун рикӏкӏунел гьабиги, хвенхида ххолеб жо гьечӏого, къватӏире рачине бегьуларо.

Мал-мулк

Россиялъул Ралел бакӏазул министерствоялъул баяналда рекъон, 2020 соналда Дагъистаналда мал-мулкалъул багьа букӏине буго цо квадратияб метралъухъ, гьоркьохъеб хӏисабалда, 30522 гъурущ. Улкаялдаго мал-мулкалъухъ бищунго гӏодобегӏанаб багьа бугел регионазда гьоркьоб буго Дагъистанги.

ДРялъул хӏукуматалъул баяназда рекъон, 2020 соналда республикаялда базе буго 39 лъималазул ах, 27 школа, сахлъи цӏуниялъул ункъо идара, лъим бачӏунеб ва гьеб бацӏцӏад гьабулеб 27 бакӏ, 106 километралъул манзилалъ шагьараздегун районазде бачине буго газ.

Школа

2020 соналда гӏаммаб лъай кьеялъул идарабазде тӏоцебесеб классалде цӏализе къабул гьарулел лъималазул сияхӏ гьабизе байбихьула февраль моцӏалдаса нахъе. Тӏоцебесеб классалде лъимер битӏулел эбел-инсуца гӏарза хъвазе бегьула электронияб къагӏидаялъ ва, школалда бакӏ батани, лъимадул документал къабул гьарурал къоялдаса анкьида жаниб сияхӏалде росизе ккола школалъул администрациялъги. Хъвай-хъвагӏай гьабун бугеб бакӏалъухъ балагьичӏого, лъимал бокьараб школалде ритӏизе ресги буго.

2020 соналдаса байбихьун ихтияр буго щуго тӏалаялъул школал разеги, ункъабилеб ва щуабилеб тӏалабазда цӏализе бегьула гӏицӏго 8-11 классалъул цӏалдохъаби.