Гӏадат буго Цӏияб соналъул байрамалде лъагӏалида жанир ккарал лъугьа-бахъиназул хӏасилал ва бачӏунеб соналде анищал гьарулеб.
2019 соналда гӏемерал хиса-басиял ккана нилъер гӏумруялъулъ. Унеб соналда учительзабазе аслияб темалъун букӏана гьабулеб хӏалтӏухъ мустахӏикъаб харж кьезе бугин абураб хабар. Амма чанги чӏахӏиял трибунабаздаса кигӏан гӏемер гьелъул бицаниги, гьеб рахъалъ хисараб жо ккечӏо. Абулеб буго, Гьаб соналъул январалдаса нахъе, ДРялъул бетӏер Владимир Васильевасул хӏукмуялда рекъон, республикаялъул бюджетиял хӏалтӏухъабазул харжал ичӏго проценталъ цӏикӏкӏинаризе ругин абун. Щиб лъалеб, гьеб анищ тӏубазегӏаги батила.
Школалъул аслиял багьадурзаби руго цӏалдохъаби. Щибдай гьезие хисизабизе бокьилеб школалда? Гьеб суал кьуна дица дирго гӏагарлъиялъул лъималазе: дир рахъалдаса Цӏияб соналда сайгъат щвезе бокьарав чияс «Дир анищаб школа» абураб темаялда сочинение хъвазе тӏамуна гьел. Гьанир кьолел руго гьезул анищал гьурщарал мухъал. Нужер школазул цӏалдохъабазулги рукӏине бегьулелъулха гьединалго пикраби.
Патӏимат, тӏоцебесеб курс: «Цоязе бокьула школалде хьвадизе, цогидал гьенире уна, кигӏан бокьичӏониги, ай эбел-инсуца ритӏун. Лъималазул пикраби хӏисабалде росараб школа букӏарабани, гьенире киналго хьвадилаан гъираялда.
Дир анищаб школалда букӏине ккола лъикӏаб ремонт. Гьенир цӏализарула дагьал цӏалдохъаби – щивасде учитель регӏулеб къадаралда. Гьеб мехалда учителасе рес щвелаан щивасда дарс бичӏчӏизабизе. Цо-цо мехалда, дарс лъазабуниги, киназдаго гьеб гьикъизе заман гӏолароан нижер классалда. Щибаб дарс камилго бичӏчӏизабураб мехалда, рокъобе хӏалтӏи кьезе ккелароан. Нижееги заман щвелаан дарсаздаса хадур расандизеги, гьудулзабигун тира-сверизеги, эбел-инсуца малъараб гьабизеги.
Гьединаб школалда рукӏине ккола батӏи-батӏиял кружокал, спорталъул секцияби. Амма чарагьечӏого букӏине ккола хӏухьбахъиялъул хасаб бокӏонги. Дарсазда свакараб мехалда гьенире инаан цӏалдохъаби: телевизоралъухъ балагьизе, шахматал яги шашкаби хӏазе.
Цоги дие бокьилаан школалда гӏатӏидаб ва кинабго квен чӏобого кьолеб богорукъ букӏине. Щивав цӏалдохъанас квинаан жиндиего бокьулеб квен.
Школалъул азбаралда дица лъелаан хьонбакӏал ва гьабилаан спортивияб майдан».
Хадижат, щуабилеб класс: «Нижер буго гьитӏинаб школа. Цӏалдохъабиги гӏемер гьечӏо – росдал школа бугелъулха. Бокьилаан, гӏатӏидаб, чӏахӏиял гордал ругел кӏудияб школа. Гьел гордазда цебе бокьилаан беричаб авлахъ букӏине. Гьатӏанкъоялъ яги каникулазул заманалда гьенир дандчӏвазе бегьилаан гьудулзабигун. Лъикӏ букӏинаан, школалда гӏагарлъухъ берцинго къачӏараб хӏухьбахъиялъул ах бугони.
Бокьиларо дие школалда аскӏосан гӏемер машинаби хьвадулеб нух букӏине. Цо нухалда дун машинаялда гъоркье ккана ва гӏемераб заман бана больницаялда.
Цоги дие бокьилаан школалда щивав цӏалдохъанасул жиндирго шкаф букӏине. Гьенир лъезе бегьилаан тӏахьал ва цогидаб къайи. Кабинеталдаса кабинеталде бакӏаб портфель баччизе захӏмалъула нижее».
Мадинат, тӏоцебесеб курс: «Школалда цӏалун яхъана дун исана. Амма кидагосеб анищлъун хутӏана диего рокьулел дарсал тӏасарищизе ихтияр гьечӏолъи. Хасго 9-11 классазда. ЕГЭялъе гӏоло гуро – дирго лъай камиллъиялъул мурадалда. Масала, бокьилаан анкьида жаниб цо чанго дарс рисованиялъул, музыкаялъул яги биологиялъулгун химиялъул. Жакъа ругел гӏадинал гуро – унго-унголъунги цӏалдохъабаз тӏасабищизе рес бугел.
Къойил 5-6 дарс букӏунелъул, анищалъул школалда дида бихьула берцинаб богорукъ. Гьенир – батӏи-батӏиял нигӏматалгиха.
Цоги дие бокьилаан цӏалдохъанасул хӏал бичӏчӏулел учительзаби рукӏине. Жалго свакараб мехалда, нижер цо-цо учительзабазухъа бажарулароан сабру гьабун.
Рукӏине ккела батӏи-батӏиял кружокалги. Масала, дарсида кьураб тӏадкъай цӏалдохъанасда бичӏчӏун гьечӏони, кружокалъул заманалда гьеб бичӏчӏизабизе рес букӏинаан».
Мухӏамад, лъабабилеб класс: «Дие бокьилаан киналго разияб, цониги пашманав яги ццидалав чи гьечӏеб школа букӏине. Гьенир рукӏинаан лъималазде семуларел учительзаби. Хӏеренай учительницаялъ бицунеб дарс дида хехго бичӏчӏула. Гьезул дарсида хъуй гьабизеги бокьуларо.
Дир анищаб школа буго рокъоб гӏадинаб ахӏвал-хӏал бугеб школа. Дарсаздаса свакараб мехалда расандизе ресги букӏуна гьениб. Лъикӏал къиматал щвараб мехалда, гьуинал нигӏматалги кьола, рокъоб бабацаго гӏадин. Рокъоре гӏемер тӏадкъаялги кьоларо».
Гьеле гьединал анищал руго лъималазул. Учительзабазулги анищ батила, дарсиде хӏадурлъун рачӏунел цӏалдохъабиги, жидер хӏаракаталъул къимат гьабулел цӏалдохъабазул эбел-эменги, бихьараб захӏматалде рекъонккараб харж кьолел директоралги рукӏин.
Цӏияб соналъул байрамги баркулаго, дицаги гьарула киназулго анищал тӏурагиян.