Гьалеха, хӏурматиял цӏалдолел, тарихалде ана миллияб маданияталъе ва адабияталъе сайгъат гьарурал гьурмал. Гьез нужее араб соналдаги бицана миллаталъул адабияталда ва маданияталда ккарал лъугьа-бахъиназулги, шагӏирзаби-хъвадарухъабазулги, магӏарул кочӏолаб дунялалъулги.

Нужеца цӏалана магӏарул музыкалияб дунялалда цӏвабилъун кенчӏолел ругел Мухӏамад Гӏабасовасулги, Абакар Гӏумархӏажиевасулги, Гӏабдула Мухӏамадмирзоевасулги, Мухӏамадтӏамир Синдикъовасулги, Мухӏамадтӏагьир Къурачевасулги, Хадижат Жамалудиновалъулги, Хӏамзалав Хӏамзаловасулги, Зайнаб Махаевалъулги ва цогидалги магӏарул кочӏол къагӏидаги ссиги цӏунарал кочӏохъабазул сариназул къиса. Гьездаго аскӏор руго магӏарул композиторазул цӏаралги. Гьезул бакънал роржуна нилъехъе магӏаруллъиялъул рогьелги гьогьенги босун. Гьел ккола магӏарул бакъназул устарзаби Гӏали Абакаров, Ибрагьим Ибрагьимов, Ахӏмад Гӏамирханов ва Каримула Гӏабдулаев. Гьезул кечӏ кидаго буго халкъгун. Бицана нужее ракӏунтун гьеб дунялалде жанире лъугьине хӏаракат бахъулел ругел цо-цоязул концертазул хӏакъалъулъги. Гьенир ахӏулел чӏорогоял кучӏдуз щибго кеп кьолеб гьечӏин дида кколеб букӏараб батаниги, гьездасан гӏурабго пайда босана, рагӏабазухъги гӏинтӏамичӏого, кьурди-хъатги ахӏи-хӏурги бокьулел гӏоркьилазги.

Гьединго хъвана росабазул, шагьаразул библиотекабазул ва музеязул хӏакъалъулъги. Газеталдаго цадахъ миллияб театрги ккола магӏарулазул гӏумруялъул матӏулъун. Хӏаракат бахъана гьелъул артистазулги, рихьизарулел спектаклязулги хӏакъалъулъ нужее бицине . Хасгьабун бицана театралда жидерго кунчӏарал лъалкӏал тарал артистал Гӏабдурахӏман Магаевасул, Басир Инусиловасул, Муса Гӏабасовасул, Гӏайшат Къурбановалъул, Зайнаб Набиевалъул ва цогидазулги хӏакъалъулъ.

«Кин йигей, магӏарулай?» рубрикаялда бицана магӏарул гӏадатиял руччабазул хӏакъалъулъ. Хъвана гьезул къисматалъулги хӏалтӏи-пишаялъулги хӏакъалъулъ.

Гьединго бицана цӏалдолезе магӏарул адбияталда бугеб ахӏвал-хӏалалъул хӏакъалъулъги.

Тӏоритӏана шагӏирзабазулгун гара-чӏвариял, газеталда рахъана гьезул асарал ва гьезие къимат кьурал макъалаби.

Хъвана магӏарул мацӏалда къватӏире рачӏарал цӏиял тӏахьазул хӏакъалъулъги, бицана санайил Дагъистаналда тӏобитӏулеб адабияталъул байрамлъун кколеб «Хъахӏал къункърабазул» къоязул хӏакъалъулъги. Дандчӏвана шагӏирзабигун. Ахӏана гьел школалде цӏалдохъабигун дандчӏвазеги. Гьединго щвана Нурадин Юсуповасул ва Расул Хӏамзатовасул цӏаразда ругел библиотекабазда маданияталъе ва адабияталъе сайгъат гьарун, тӏоритӏулел тадбиразде.

Амма ракӏбакъвачӏого хутӏуларо, цо-цо «шагӏирзабазул» кучӏдул цӏалараб мехалдаги. Шигӏрияб улкаялда чӏобоголъиялъе бакӏ букӏине бегьуларо, гьениб ханлъун чӏагояб гьунар букӏине ккола. Шигӏруялъ тарбия кьезе ккола инсанасе.

Ракӏалда буго исанаги цӏикӏкӏараб кӏвар кьезе росабалъ лъугьа-бахъунелдеги. Нужер кумекалдалъунха, хӏурматиял цӏалдолел! Санагӏалъи ккаралъуре, нужеца ахӏани рачӏина, нагагь рачӏине бажарулеб гьечӏони, хъванги битӏизе бегьула. Нижехъе гьоболлъухъе рачӏани, цӏакъго рохизеги рохилаан. Щайгурелъул аслияб къагӏидаялда газеталъул гьудулзаби магӏарухълъидалха ругел.

Исана дун щвана Чӏарада, Хунзахъ, Казбек районазде, Хасавюрт, Буйнакск, Гъизилюрт, Гъизляр шагьаразде ва цогидалги бакӏазде. Ана магӏарул мацӏалъул учительзабазул дарсазде, бицана магӏарул мацӏ лъазабизе ва цӏунизе ккеялъул хӏакъалъулъ.

Гьале тӏаде щвана цӏияб сон. Биччанте гьеб букӏине талихӏаблъун, лъималазулги гьезулги лъималазулги бадисан нужее гьимизе талихӏ.

Риччанте бакъул чӏораз берцин гьабизе нужер къисмат. Рекӏел мурадалги тӏурайги, цӏиял анищалги тӏирщаги, лъагӏалил ахиралде тӏегьанги рачӏаги гьел.