Дунялалда къанагӏатабги улка гьечӏо цӏияб соналда дандчӏвай гьабулареб. Гьеб къоялъ нилъеца цоцазда байрам баркула, сайгъатал кьола ва божула бачӏунеб соналъ анищал, къасдал ва мурадал тӏуразе ратилин абун.
Тӏаде щвараб 2020 сонги баркун, нижеца цо-цо чагӏазда гьарана гьал суалазе жаваб кьеян:
Дагъистаналъе, мунго хӏалтӏулеб, цӏалулеб идараялъе, росдае 2019 соналда щиб лъикӏаб, пайдаяб иш гьабун бажарараб?
Бачӏунеб соналъ гьаризе кинал къасдал, мурадал, анищал къалмиде росун ругел?
Кинал рагӏабаздалъун баркилеб цӏияб сон магӏарулазда, дагъистаниязда?
Гӏалибег ГӏАЛИЕВ,
ришватчилъиялда данде
къеркьеялъул рахъалъ ДРялъул бетӏерасда цебе гӏуцӏараб
Управлениялъул нухмалъулесул заместитель:
— 2019 соналда дие кутакалда асар гьабураб иш ккана «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор хиси. Иманги бугев, гьеб ишалъе бажариги бугев чи вачӏун вуго гьениве (ГӏумаханГӏумаханов — ред.). Гъункараб, лъикӏаб коллективги бакӏарун, Гӏумаханица газета хӏакъикъияб ва халкъалъе хӏажатаб информация кьолеб алатлъун гьабиялда ракӏчӏола дир.
Гӏадамал чӏалгӏун руго цӏализе пайдаги гъираги бугел макъалабазухъ. Гьединлъидал газеталъул подпискаги кутакалда цӏикӏкӏинин ккола дида.
Дирго хасаб рохелалъулги бицинин. Дир саназда нур базабурав кӏиявго вас вуго гӏун вачӏунев. Кутакалда асар гьабула гьез бахъулеб щибаб галиялъ, гьезда лъараб цӏияб рагӏиялъ…
Республикаялъул даражаялда босани, дун «Хъахӏаб рокъов» хӏалтӏулев вукӏунилан абулеб жо гуро, амма унго-унгоги гӏемераб хӏалтӏи гьабулеб буго – лъим, газ бачиналда, нухал рахъиялда, гӏадамазул минабазул азбаралгун жамгӏиял бакӏал къачӏаялда сверухъ.
Масала, дагьалъ цеве Гъизилюрт районалде щвана. Лъагӏалида жаниб микьго объект бан буго гьениб. Щвана цогидал шагьараздегун росабалъеги. Щибаб иш рагӏа-ракьанде щун гьабизелъун, миллиял проектал гӏумруялде рахъинариялда хадуб халкквезелъун щибаб анкьалда республикаялъул нухмалъиялъги видеоконференциял гьарула муниципалиял гӏуцӏабазул бутӏрузулгун. Унго-унгоги батӏияб асар гьабулеб буго бакӏазул нухмалъулез гьабизе лъугьараб хӏалтӏи бихьидал.
Щивас жинда тӏадаб иш ракӏбацӏцӏадгоги заманалдаги тӏубазабуни, киналгӏаги суалал рукӏунаро. Гьеб бичӏчӏизе къваригӏун буго. Гурони, цоцазде тӏамун яги хӏалтӏи хадуб бехъерхъизабун тезе заман гьечӏо. Гьадинги кутакалда нахъа хутӏун руго.
Цӏияб соналда ракӏгъанцӏизабулел камиял ккогегиян гьарилаан дица магӏарулазеги тӏолалго дагъистаниязеги. Унта-щокълъи дагьлъаги, больницабазе ккогеги, гьими гӏемерлъаги, цоцазда нахъасан къватӏул харбал рицунел гӏадамал тӏагӏаги нилъеда аскӏоса.
Мухӏамад АХӏМАДОВ,
ДРялъул Хъвадарухъабазул
союзалъул правлениялъул
нухмалъулев:
— Исана 85 сон тӏубана Дагъистаналда Хъвадарухъабазул союз гӏуцӏаралдаса. Гьелда бан Махӏачхъалаялдаги цогидал шагьараздаги тӏоритӏарал тадбиразде рачӏун рукӏана улкаялдаго машгьурал шагӏирзабиги, хъвадарухъабиги, журналисталги. Гьездаго гьоркьов вукӏана Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъул председатель Николай Ивановги.
Гьединго асар гьабуна Чувашиялдаса поэт Михаил Сеспелил цӏаралда чӏезабураб халкъазда гьоркьосеб премиялъе дун тӏаса вищиялъги.
2019 соналда Казахстаналда «Сто книг мира» абураб сериялда гъоркь къватӏибе бачӏана дир тӏехьги – «Мугӏрузул васасул дугӏа». Гьелда тӏадеги Россиялъул Хъвадарухъабазул союзалъ дие кьуна Бунинил цӏаралда бугеб премияги.
2019 соналда Россиялда ругел Хъвадарухъабазул союзазда гьоркьоб бищун лъикӏаблъун рикӏкӏана нилъер республикаялъул союз.
Цӏияб соналъ магӏарулал магӏарулазул бакӏ цӏунун, цӏар цӏунун, миллат цӏунун, магӏарулаллъун хутӏагиян гьарилаан дица. Нилъерго араб тарихги дарслъун ккаги киназего. Гьарула нилъ нилъерго умумузул гъасде, халкъалде, мугӏрузде, мацӏалде тӏадруссагиян.
Мухӏамад ПАТХӏУЛАЕВ,
Болъихъ районалъул
нухмалъулев:
— Районалъул бищун кӏудияб бечелъи гьенир гӏумру гьабулел гӏадамал ккола. Гьединлъидал лъикӏаб асар гьабула гьезул къадарги санайилго цӏикӏкӏунеб букӏиналъ. Кватӏичӏого 60 азаргоялдасаги тӏаде уна гьезул къадар.
Нижер районалъул экономикаялда аслияб бакӏ росдал магӏишаталъ ккола. Гьединлъидал 2019 соналда нижер мухъалда ругел росдал магӏишаталъул предприятияз хӏадурана, гӏезабуна 3,2 млрд гъурщил багьаяб къайи-цӏа. Гьединго церетӏолел руго промышленностьги халкъиял махщелалги.
Росабалъ гӏадамазул гӏумру бигьалъизабизелъун социалиял суалаздеги кӏвар кьола нижеца.
2018 соналъул марталда РФялъул президентгун районалъул вакилзаби (жамагӏатчагӏи) дандчӏвайдал, нахърахъичӏого тӏуразе кколел проектазда бан тӏадкъаял кьун рукӏана. 2019 соналда хӏаракат бахъана гьел тӏуразаризе.
Гьедин, лъим жанисан унеб кӏудияб лъабго рогӏоро бачана районалде, бана спортзал, кӏиго ФАП, ремонтги гьабун, хӏалтӏизе лъугьана рагъулаб шагьар бугеб бакӏалда бараб лъималазул ах, анлъго школалда рана квегӏенал туалетал, къачӏана росабазул нухал. Проектал рахъана 2020 соналда разесел социалияб кӏваралъул объектазулги.
Шагьранухал рахъиялъегун къачӏаялъеги хӏалтӏи гьабулеб буго. Масала, гьелда гъорлъе уна «Грозный-Болъихъ-Хунзахъ-Гьерекӏдерил майдан» шагьранухлул цо бутӏаги. Гьединлъидал кватӏичӏого магӏарулазе рес щвезе буго Северияб Кавказалъул цо-цо республикабазде квегӏенаб къокъид нухалъ ине.
Республикаялъул цогидал шагьараздагун районаздаго гӏадин, «Комфортная городская среда» абураб программаялда рекъон, Болъихъ районалдаги къачӏана жамгӏиял бакӏалги хасаб минаялъул цо азбарги.
Бищунго аслиял суалазда гьоркьоб рехсезе бегьула сахлъи цӏуниялъул идарабазда къайи чӏезабиги.
Гьедин, январалда районалъул больницаялда лъун бахъуна компьютералъул томографги цогидаб аппаратураги.
Болъихъ росулъ рагӏалде бахъун буго рищни ва лъимгун хутӏелал рацӏцӏад гьарулеб комплекс байги. Сверухъ ругел районазул рищни бацӏцӏад гьабизе гӏурабгицин къуват буго гьелъул.
2019 соналда Болъихъ районалда кӏодо гьабуна жиб гӏуцӏаралдаса 90 сон тӏубайги, 1999 соналъул августалда дол лъугьа-бахъинал ккаралдаса 20 сон тӏубайги. Гьелда бан районалда лъуна кӏудияб памятник: гьелъ гъорлъе рачуна Кӏудияб Ватӏанияб рагъул ветераналги, рагъухъаби-интернационалисталги, 1999 соналъул рагъул гӏахьалчагӏиги.
Гӏемерисезе асар гьабуна Болъихъе РФялъул президент Владимир Путин вачӏиналъги. Гьес лъикӏаб къиматги кьуна памятникалъе.
Гьанже ниж хӏадурулел руго 9 маялдехун районалда рагъулаб реццалъул музей рагьизеги. Гьеб букӏина памятникалда гъоркь бугеб рокъоб. Гӏаммаб куцалда Бахӏарзал ракӏалде щвезарулеб комплекс лъугьина гьелъул.
Дие, тӏоцебесеб иргаялда, бокьилаан Болъихъ район цебетӏеялъе квербакъулелщинал ракьцоязе баркала кьезе. Гьел сабаблъунги букӏана нижее 2019 сон кутакалда баракатаблъун.
Гьединго Болъихъ районалъул гӏадамазулги хасгьабун дирго рахъалдасанги дагъистаниязда баркула Цӏияб сон!
Хӏайбула АРБУЛИЕВ,
спортсмен:
— Тӏадагьаб атлетикаялъул рахъалъ ветераназда гьоркьоб риидал Москваялда тӏобитӏараб чемпионаталда 31-абилеб нухалдаги чемпионлъун вахъана дун. Гьелдаса хадув ахӏана РФялъул Пачалихъияб Думаялде. Гьеб мехалда гьениб гьоркьоб лъун букӏана 1999 соналда къватӏире рахъарал ополченцазе рагъул гӏахьалчагӏазе гӏадаб статус кьеялъул суал. Нужеда лъалеб батила, цеве Болъихъ районалъул нухмалъиялда вукӏарав Мухӏамадхӏажи Гӏумархӏажиевас РФялъул президент Владимир Путинида гьарун букӏана гьединаб статус кьеян.
Цӏияб соналда хурхун дагъистаниязе гьаризе бокьилаан 2020 соналда Япониялда тӏоритӏизесел Олимпиялъул хӏаязда нилъеразе цӏикӏкӏун меседил медалал щвагиян.
Патӏимат МУРТАЗАГӏАЛИЕВА, ДРялъул мустахӏикъай
экономист, Махӏачхъала
шагьаралъул
Ленинский районалъул
администрациялъул
бетӏерай бухгалтер:
— 2019 соналъул хӏасилал гьарулаго, нижер районалъул администрациялъул хӏалтӏуе лъикӏаб къимат кьуна. Гьеб бергьенлъиялъулъ дирги буго гьитӏинабго бутӏа. Нижер районалъул бетӏерги гӏадатиял гӏадамалги дир хӏалтӏудаса рази руго, гьезул рахъалдаса дие цониги бадибчӏвай щвечӏо. Ният буго бачӏунеб соналъги нухмалъулелги, коллективги, гӏадатиял гӏадамалги разияб хӏалалда хӏалтӏизе.
Хириял магӏарулазда, дирго кколективалда, росуцоязда ва гӏага-божаразда цӏияб сон дица баркила гьал жугьабаздалъун:
Лъикӏлъиялда къвал бараб,
Квешлъиялда мал бараб,
Рагъ-кьал тӏубан кӏочараб,
Батаги бачӏараб сон.
Зарипат МУХӏАМАДОВА,
«Дагестанский» ФГБУялъул
пачалихъалъулаб тӏабигӏияб
заповедникалъул экологияб лъай
кьеялъул рахъалъ директорасул
заместитель:
— Нижеца гьабураб кӏудияб хӏалтӏи ккола «Лъаратӏа заказникалде» биччараб леопард цӏуниялда хурхун гьеб районалъул росабазул гӏадамазе гьарурал бичӏчӏикьеялъулал гара-чӏвариял. «Сарыкум заповедникалда» гӏуцӏана интерактивияб музей.
Документал хӏадурун руго «Самурский» абураб миллияб парк гӏуцӏиялъе. Бачӏунеб соналда гьеб рагьизе ккола. Гьединго Сарыкумалъул салул гохӏ лъугьинабизе ккола Дагъистаналъул чӏухӏилъун. 2018 соналде дандеккун, 2019 соналда гьенире рачӏунезул къадар лъабго нухалда цӏикӏкӏана.
2020 соналда магӏарулазе гьарула парахалъи, сабру, икъбал ва чӏара-хьараб гӏумру.
Юсупбег ЮСУПОВ,
Хунзахъ район, Цӏада росу,
«Цогояб Дагъистан»
жамгӏияб гӏуцӏиялъул
нухмалъулев.
— Дида бихьулеб буго пачалихъалъул тӏадегӏанал идарабазда ва гьезул нухмалъулезда ахир-къадги бичӏчӏун букӏин нилъер гӏадамал захӏматаб рукӏа-рахъиналда рукӏин. Гьелда рекъон, президентасул «Маялъулал» указазда мугъчӏвайги гьабун, миллиял проектазул кьучӏазда пачалихъалъул бетӏерас байбихьана гьединаб ахӏвал-хӏал хисизабиялда тӏад хӏалтӏи гьабизе, цебехун киданиги букӏинчӏеб даражаялъул тадбирал тӏоритӏизе.
Гьелда цадахъго хисулеб буго политикаялдехун, экономикаялдехун, социалиял суалаздехун гӏадамазул бугеб бербалагьиги. Гьезда бичӏчӏулеб буго, нилъго рагъа-рачаричӏони, лъицаниги нилъее рахӏатаб гӏумруги берцинал шартӏалги росун рачӏине гьечӏеблъи.
— Инсан вата, пачалихъ бата щулалъула, къуваталлъун лъугьуна къварилъи хӏехьезе ккун хадуб. Санкцияз нилъ къвакӏизаруна, тӏамуна ургъизе, хӏисаб гьабизе, цӏиял ресал-къагӏидабазда тӏад хӏалтӏизе.
Кӏиабизе, лъиениги балъголъи гуро Россиялдаги Украинаялдаги гьоркьоб бугеб ахӏвал-хӏал хӏалуцараб хӏалалда букӏин. Лъица кинаб къимат кьуниги, дида ккола Украинаялъул цӏивищарав президент вугин бажари бугев, кӏиябго пачалихъалъул цогояб къисмат букӏинги бичӏчӏарав чийилан абун. Ахирал моцӏазда гьеб суалалда сверухъ ккараб пайдаяб багъа-бачари дица рикӏкӏуна кутакалда лъикӏаб гӏаламатлъун.
Дие бокьилаан дагъистаниязда баркизе тӏаде щолеб цӏияб сон, гьаризе сахлъи, рохел ва парахалъи. Цӏияб сонги нахъе таралдаса дагьабги лъикӏаблъун букӏаги нилъее. Дир бищун кӏудияб ва аслияб хьулгун мурад буго нилъ киналго цо халкъ гӏадин цолъун, гъункун рукӏинин. Цолъун хӏалтӏулел ругони, церехунги ине руго.
Гӏабдула МУХӏАМАДОВ,
Россиялъул Художниказул союзалъул член, РАНалъул
ДФИЦялъул Цӏадаса Хӏамзатил цӏаралда бугеб ИЯЛИялъул хӏалтӏухъан, художник,
архитектор:
— 2019 соналда дун гӏахьалъана Россиялдаги республикаялдаги тӏоритӏарал «Дагъистаналъул росу» абураб суратазул выставкабазда.
Бетӏерав архитектор хӏисабалда, дица проект бахъана Къахӏиб-Хьиндахъ росдал архитектура умумузул букӏараб къагӏидаялда цӏигьабиялъе, жакъа гьенир хӏалтӏаби унел руго. Дир суратазул аслияб тема ккола «Унеб Дагъистан» абураб. Дие бокьун буго умумузул букӏараб архитектураги, гьезул гӏумру-магӏишатги суратаздалъунгӏаги хадусел наслабазе нахъе цӏунизе.
Бачӏунеб соналда ният буго хасаб дирго суратазул выставка тӏобитӏизе.
Цӏияб соналъулаб гьара-рахьиялъул бакӏалда дица абила, гьудуллъи щула гьабе, магӏишат гӏуцӏизе хӏаракат бахъе, лъай-махщалида тӏадчӏаян. Зарал рукъуге, кверал раче!
Гӏабдула МУХӏАМАДОВ,
Хасавюрт районалъул
Къарланюрт росдал
10 классалъул цӏалдохъан:
— 2019 сон дие букӏана бергьенлъабазул рахъалъ бечедаб. Республикаялда ва районалда тӏоритӏарал предметиял олимпиадабазда росана призалъулал бакӏал. Бищунго рокьула химия ва физика гӏадал предметал. Дир буго гугаризе махщел, спортивиял къецаздаги чӏелал росана.
Ракӏалда буго нартихъабазул институталде цӏализе ине, гьединлъидал, цебегосеб анищ тӏубаялъул мурадалда, ният буго бачӏунеб соналъ жеги лъикӏал къиматазда цӏализе.
Киналго магӏарулазда, мугӏалимзабазда, классцоязда ва «Хӏакъикъаталъул» коллективалда ракӏ-ракӏалъ баркула тӏаде щвараб 2020 сон. Биччанте киналго дагъистаниязе талихӏаб букӏине бачӏунеб сон.
Мухӏамад МУХӏАМАДОВ,
ДГУНХялъул
инженерияб
колледжалъул директор:
— Дида ккола 2019 сон Дагъистаналъеги Россиялъеги квешаб букӏинчӏин, пачалихъалъ байбихьанин нилъер гӏумруялъул батӏи-батӏиял бутӏабазда дагь-дагьккун гӏадлу-низам, заманалда рекъарал шартӏал чӏезаризе абун. Диего араб сон букӏана гӏемер лъикӏаб, хъизамалъул чи унта-щокълъичӏого, къварилъи ккечӏого Аллагьас балагьаздаса цӏунана.
Исана, дир пикруялда, бищун захӏматаб иш ккана ВАДАялъ Россиялъул спортсменал кӏудиял спортивиял къецаздаса ратӏа гьари. Дагъистаниязе, хасго гугарухъабазе, гьелдалъун ккезе бегьула зарал. Бищун лъикӏаб иш ккана Крымалде кьо бай рагӏалде бахъин ва гьелда тӏасан тӏоцебесеб поезд биччай.