Физкультпривет, бахьикъосараб къавм!

Къо гуро, моцӏ гуро, гургинаб 15 сон сверана дица нужее «досвидос» гьабуралдаса.

Къисматалъ Болъихъе дунги рехана, рохуца холел эбелал хӏакимзабиги рукӏун ратиларищха анин ахир-къадги къойил ниж какулев ав квешав идиотилан.

Кинниги тӏад буссине хъван букӏун буго, хӏакимзаби хӏинкъараб, пакъирзаби урхъараб «Бахьикъос».

Амма кутакалда бакӏал, кӏудиял камиялгун. Гьечӏо жакъа дунгун даим хъудулев хъвадарухъан Гъазимухӏамад Гъалбацӏов, ралъдал тӏиналдаса Майсаратие тӏугьдул рачӏарав мичман Дациев, халкъалъ Дацийилан цӏар тарав «тушман» Бакьагьечӏиса Хӏосенил Мухӏамад.

Авторал ками малълъичӏого, «Бахьикъосалъул» гьурмалцин рикъун руго рукъбухӏадаца. Кӏиябго нижер гьумер гӏурус приложениялъе кьун батана. Хутӏарал гьурмалги, райпоялъул пайщиказ жидерго паял гӏадин, рикь-рикьун ругоан мухбирзабазда гьоркьор.

Тӏоцебесебги кӏиабилебги гьумералда гьимулев Васильевги разияв Здуновги рукӏине ккелила кидаго. Нагагьлъун гьезулги пачалихъалъулги напсалда хъатӏараб цо мухъ хъванани, Сибиралде хъетизе вугила хъван ордергун. Гьадал цо жанире гъурал «гъаримал» чиновниказда хадувго цун.

Хутӏарал гьурмазда казияталдаго нур базабулел Нурил асарал рукӏине кколила жиб-жиб анкьалъ.

Жеги тӏаде Пайзулал, Зикрулал, Зульфиял, Замайил, Шамайил, Майсаратил, Кавсаратил макъалаби.

Къокъаб хӏасил, цӏакъ дагьал чагӏи хутӏун ругоан «Бахьикъос» цӏи гьабиялъул суалалда диргун рукь цӏазе кӏолел.

Бугониги, жеги гӏурабго жаналда ва жигаралда вуго Салатавиялдаса эбелав автор Доктор Ватсон. Жиндирго дедуктивиял методазда рекъон хъварал асаразул тӏубараб даптар битӏун бачӏана гӏакаврачас нижехъе.

Лъалиниб лъун гьечӏо «ханжар» Хунзахъ тӏалъиялдаса тӏуварав бахьикъос Набил Мухӏамадицаги.

Дагьа-макъаб гӏалам гьечӏо соцсетаздаги, жидерго гьунар загьир гьабизе хӏалакун. Хасго кӏудияб божи буго нижер Фейсбукалъул тӏанчӏазде.

Тӏокӏав алхинчӏого хъвадарилин нижергун къотӏи-къай гьабуразда гьоркьов вуго Мугӏрузул зонаялда тӏоцебе Гарем рагьарав Гӏинкъав Саяхъ Сасикьа Камалил Башир Сайгидахӏмад.

Ссунареб чирахъ гӏадав, амма ссвани самсим бакулареб ДТ тарахтир гӏадав Джигит Дидойскийги вуго жинца ашбазалдаса тӏагӏамал репортажал ритӏилилан керен бухулев.

Интернет–матушкӏабаз макьу тун хъварал ва бихьиназда сири базабулел сардил асаразеги камиларо «Бахьикъосалда» бакӏ.

Гӏемер халат гьабун щай, щвела ахир-къадги магӏарул халкъалъухъе хирияб гьобол, гьайбатаб «Бахьикъос».

Къалам бегӏерал нижги нижеда божарал нужги лъиего ва сундуего къуркьичӏого церехун ина.