Щивали лъаларев Гиннессил бицунел рукӏуна цо-цо гӏадамал.
Ал пакъирзабазда щибха лъалеб нилъер гьанив щивав бахьикъос рекордсмен вугеблъиги некӏого гьез Гиннессил ракьандаса рачӏ ккун букӏараблъиги.
Нужее хӏужжаби, далилал, уйищ? Накку гӏадин рачина.
Восилин Гъуниб районалдаса Мухӏамад Хӏабибович. Гӏажаибаб хӏара, хӏаракатав гӏалимчи, гӏемерал пикрабазул хан, хадур нилъ гъоларел идеябазул хважаин!
Жибго Китаялъцин пикру буссинабураб цо кванил чип ургъун рагӏула гьев магӏарул гӏалимчияс дагьаб цебегӏан. Гьеб жоялъ малъулеб рагӏула чиясда кинаб квен кваназе лъикӏабали ва щиб къагӏидаялда къулчӏизе кколебали. Гьединаб чип чияхъ лъихъниги гьечӏила, ай дунялалдаго цо бугила.
Гӏажаибав хӏара вугелъулха МГУялъул парафессор Мухӏамад, гьес исана культура бокьулеб халкъги хӏикмат гьабун буго.
Махӏачхъалаялда бугеб жиндирго «Журавлик» абураб интеллектуалияб Империялъул рагьтӏа гьес эхетизабун буго цо чанго метр борхалъи бугеб магӏарулазул халкъияб музыкалияб алат – Пандур.
Нагагь кечӏ ахӏизе гъира ккарав кочӏохъанасул рес буго пандриде жанивеги лъугьун кечӏ ахӏизе.
Палхӏасил, парафессор Хӏаби-бовичасги магӏарулазги Гиннессил рачӏ ккун букӏана некӏого.