Ногъаязул машгьурай шагӏир ккола Кадрия Темирбулатова.
Гьелъ ногъай мацӏалде руссинаруна машгьурал шагӏирзабазул асаралги. Машгьурай ва махщел камилай шагӏир гӏолохъанго, ай 1978 соналдаго къадаралде щвана.
Ногъаялги турказул нас-лулъидал, дунялалдаго TÜRKSOY абураб цӏаралда гъоркь хӏалтӏулеб гӏуцӏиги гьелъул филиалалги руго дунялалъул батӏи-батӏиял улкабазда. Гьеб гӏуцӏиялъул церехъабаз церегӏанго къоязда Турциялъул лъабго шагьаралда тӏоритӏана Кадриял хӏурматалда батӏи-батӏиял данделъаби.
Масала, гьединаб данделъи тӏобитӏана Яловаялъул Чифтликой районалда. Чифтликоялъул мэрасул хӏукмуялдалъун (гьев ккола гъарачай миллаталъул чи), районалъул цо къватӏалда гьелъул цӏарги
лъуна.
Сураталда: квараниса кве-гӏиде: Чифтликкоялъул мэр Гӏали Мурад Силпагар, ногъай миллаталъул вакил, TÜRKSOY гӏуцӏиялъул хӏалтӏухъан Дусен Касеинов, Яловаялъул депутат Хӏасан Сойгюзел.