Яловаялда бугеб Дагъистаналъул жамагӏаталъ къватӏибе биччалеб «Дагъистан» журналалъул редактор Гӏали Асхар Текиние ва хъизан Фейзалие гьавурав васасда лъуна Мухӏамад Мадани абураб цӏар.
Кӏикӏуниса шайих Мухӏамад Маданил лъабабилаб наслуя-лъул чи вукӏиналъ ва кӏудияв инсул хӏурмат гьабун лъуна гьез гьеб цӏарги васасда.
Кӏикӏуниса шайих Мухӏамад Мадани вуго, Яловаялъул Гюней росулъ чӏей гьабун вукӏарав ва Дагъистаналдаса Турциялде (1886) гочарал мугьажиразе цевехъанлъи гьабурав чи.
Мухӏамад Мадани, гӏоло-хъанаб мехалда, чодаги рекӏун Кӏикӏуниса Сугъралъе, Гӏабдурахӏман-хӏажиясухъе гӏелму цӏализе унев вукӏун вуго. Нахъги вуссунев вукӏун вуго батӏи-батӏияб заманалда. Амма рокъове щванщинахъе лъадуца гьесда церелъолел рукӏун руго хинлъилаго ругел хинкӏал. Цо нухалъ Мухӏамад Маданица гьелда гьикъун буго гьалъул хӏикмат щибилан. Хъизаналъги жаваб гьабун буго мун чодаги рекӏун вачӏунеб мехалда пуланаб нохъоялде цеве щведал жинца хинкӏал цӏетӏа лъолин.
Мухӏамад Маданица анкьго соналъ цӏалулеб гӏелму, лъабго соналда жаниб лъугӏизабун буго. Гьелъул хӏакъалъулъ Гӏабдурахӏман-хӏажияс абун буго гьеб гӏелму гьадигӏан хехго дуца цӏали дур хъизаналъул кумек букӏин бугин.