Гъоркьиса 6 декабралда къватӏибе бачӏараб «Хӏакъикъаталда» бахъун букӏана «Гьоцӏалъ: токги гьечӏо, нухалги «гӏайналмалъун руго» абураб макъала.

Дирги гьоцӏдерил росдал бегавуллъун вукӏарав, гьанже Хунзахъ райадминистрациялда гӏуцӏарухъанлъиялъулгун правовияб отделалъул начальниклъун вугев Шамил Валиевасулги пикраби руго гьенир кьун.

Суал букӏана нижер росулъ хасалил заманалда ток загӏиплъулеб букӏиналдаги кидаялиго рухъа-хъван хвезарурал шагьранухал цӏигьаризе ккеялдаги тӏасан.

Ток дагьлъиялъе Шамилица гьеб макъалаялда рачунел ругел гӏиллабазда бан дирго пикру бицине бокьун буго дие тӏадвуссун.

Масала, гӏадамаз ток хӏалтӏизабулеб бугила чӏабар хинлъизабизеги, росулъ гӏемерлъун бугила гьелдалъун гурони хӏалтӏулареб къайи-цӏаги. Бухӏараб токалъухъ гӏарац кьоларел чагӏиги чанги ругила.

Ратани, гьезда тӏад хӏалтӏи гьабеха, букӏине кколеб куцалда. Гурони, дун гӏадинал чагӏазда бугеб гӏайиб щиб?

Жинца гӏадин тӏурччи бухӏеян абуна гьес дида. Амма хаселалъ рукъзал хинлъизаризе тӏурччи босизе ккани, 40 азарго гъурущ хӏажалъула. Моцӏрое мукъсаналго гурони гъурщал щоларел пенсионеразги, школалъул, ясли-ахазул хӏалтӏухъабазги киса гьебгощинаб гӏарац бахъилеб?

Токалъулги нухазулги гӏадаб суал гьекъолеб лъелги буго росулъ.

Шамил живго бегавуллъун вугеб мехалда росулъ киназего гӏураб лъим букӏунаан. Гьев нахъе аралдаса хвана гьелъул ишги. Шагьранухдасан рачарал рогӏралги рорлъун, щивас жиде-жидехъего цӏана гьеб. Цинги шлакоблокал гьарулеб бакӏалдецин бачана. Рухъа-хъван лъуна нухалги. Кида гьезде ирга щолебалиги Аллагьасда лъала.

Гьединго нухда хутӏун буго росулъ ток цӏикӏкӏинабизе гьабулеб хӏалтӏиги. Амма гьеб рагӏалде бахъин-бахъунгутӏи цӏехолев яги гӏайибиязе тамихӏ гьабулев чи гьечӏо.

Кибго гьедин буго. Гьале, газеталда бахъараб макъалаялдаса хадуб (цо пуланаб лъай-хъвай сабаблъун) телефоналдасан дир кӏалъай ккун букӏана магӏарухъе ток кьолеб станциялъул хӏакимасулгун. Жидеца цӏикӏкӏинабилин гьеб токилан рагӏи кьуралдасаги кӏиабилеб моцӏ буго щибго хисуларого. Гьелъул магӏна щиб? Ниж гӏисинлъималищ гьедин берцинал харбаз реэдун тезе? Букӏине кколеб хӏалуциналда ток кьолеб гьечӏони, гьелъухъ гӏарацги кьезе кколарин рагӏун букӏана. Капек хутӏичӏого босулеб

буго гурищха хӏукуматалъ нижехъа гьеб?

Гьоцӏалъе газ бачине бугиланги хъвалеб буго. Ахирги гӏадамал руссинаризе риччарал харбал ратила гьелги.

Мухӏамад Гӏисаев Хунзахъ районалъул бетӏерлъун вугеб мехалда тӏокӏалъ чӏечӏого раккулаан бакӏалъул хӏакимзаби нижехъе. Росулъ данделъа-би гьарун, гьикъулаан гӏолел-гӏоларел рахъал. Гьев аралдаса гьеб гӏадатги лъугӏана.