14 январалда «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялда данделъун рукӏана магӏарул районазул газетазул бетӏерал редакторзаби. Гьезул гӏемерисез бицана гьединаб дандчӏвай цебего хӏажат букӏанин ва дандразе ккарал суалалги гӏезегӏан ругин.
Гӏумахан Гӏумаханов, «Хӏакъикъат» газеталъул бетӏерав редактор:
— Гӏаммаб иш гьабулел чагӏилъидал нилъ, дие бокьун буго нилъер киназулго бухьен щулалъизе. Бихьулеб буго, ахираб заманалда, гӏемерисел цоцаздаса батӏа кӏанцӏун чӏун рукӏин. Бокьараб мехалда, нужерго рокъоре гӏадин, рачӏине бегьула нуж гьанире.
Нижедасан райгазетазе гьабизе кӏолеб жо батани, гьелъулги бицине бегьула нужеца гьаниб. Масала, ниж хӏадур руго зама-заманалдаса магӏарул щибаб районалда хурхарал гьурмал «Хӏакъикъат» газеталдасан кьезеги.
Гьединго кватӏичӏого магӏарул районазда хасал мухбирзабиги тезе ракӏалда буго. Гьединал чагӏи кир ралагьизе бегьулелали нужергун дандбазеги къваригӏун буго. Бакӏаздаса информация щвезе райгазетазул хӏалтӏухъабазги кумек гьабиялде хьулги буго.
Зикрула Ильясов, «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редакторасул заместитель:
— Нилъеца цадахъ тӏоритӏизе бегьула батӏи-батӏиял тадбирал. Масала, гьелда гьоркьобе уна щибаб районалда «Хӏакъикъаталъул» къо тӏобитӏиги.
Гьединго магӏарухъ гӏемерисезда щвалде щун лъаларо республикаялда кколел лъугьа-бахъиназул цо-цо хаслъабазул, гӏузрабазул хӏакъалъулъ. Дида лъикӏаблъун бихьула малъа-хъвай хӏисабалда нижеца анализ гьабун хъвараб макъала моцӏида яги кварталалда жаниб цо нухалъгӏаги районазул газетазде битӏизе.
Исана улкаялда байбихьулеб буго халкъалъул къадаралъул хъвай-хъвагӏай гьабизеги. Гьелдеги хӏадур рукӏине ккола нилъ. Магӏарулазул хӏакъикъияб къадар дагь бихьизабизе, нилъ рикьизаризе хӏалбихьиял гьарулел руго цо-цо чагӏаз. Цогидал миллаталги гӏисин гьарун (масала, лезгиязул бакӏалда рутулал, агулал абун), кӏиго мацӏ бугел магӏарулалги цойиде хъван, кидаялиго Гӏабдурахӏман Данияловас Дагъистаналъул халкъазда гьоркьоб рикьи ккезабунин абураб пикру билълъанхъизабулел руго цо-цо чагӏи. Хӏакъикъаталда абуни, 1925 соналдаго гьеб хъвай-хъвагӏай гьабун букӏана Нажмудин Самурскияс. Халкъалъул къадар мекъи бихьизабизелъун магӏарул районаздагицин гьес гьарурал хӏалихьатал жалазул хъвараб макъала буго тарихчи Шагӏбан Хӏапизовасул.
Пайзула Пайзулаев, «Хӏакъикъаталъул» бетӏерав редакторасул заместитель:
— Хӏакъикъаталдаги аваралин абураб цӏаралъ нилъер миллаталда гъорлъ ругел жидер мацӏазул хасаб лугъат бугел магӏарулал дагьалъ нахъе туркӏулел руго. 16 декабралда гьаб редакциялда букӏараб магӏарул интеллигенциялъул данделъиялде ахӏун рукӏана мацӏ батӏиял магӏарулал. Гьелдаса гӏезегӏан ра-зигоги хутӏана гьел. Нижеца гьезул мацӏазда гьурмал кьезеги байбихьун буго.
Амма гьезул жидерго газетал гӏурус мацӏалда рахъулел рихьана дида. Гьелъул магӏна щиб?
Жибго райгазетазулгун «Хӏакъи-къаталъул» гьоркьоблъиялъул бицани, кӏудияв вацасухъе гӏадин, бокьараб мехалда бокьараб ишалъ рачӏине бегьула гьанире.
Цебе редакциялде щибаб районалдаса газета бачӏунаан, амма гьанже гьеб къагӏида гьечӏо (гьоркьо-гьоркьоб «Гумбет» газета бихьула).
Бокьилаан нуже-нужер мухъазда ругел росабазул тарихалъул, тӏабигӏаталъул хаслъабазул, машгьурал гӏадамазул, фольклоралъул хӏакъалъулъ хъварал макъалабиги нижехъе ритӏани.
Мухтар Чупалаев, «Чапар» газеталъул (Казбек район) бетӏерав редактор:
— Райгазетазул редакторзаби «Хӏакъикъаталъул» редакциялде данде гьарулел ругин ахӏи тӏаде щведал, дида гӏадлъизецин гӏадлъана – мекъицин кканадай абун.
Цо кечӏ гьечӏищ ахӏулеб «Духъе хъвараб кагъат лъадухъеги щун, лъеда полоп гӏадин гьелчелев вуго» абун. Гьеле гьедин хутӏун руго нилъ киналго ахираб заманалда.
Бакӏалъул газетал рехун тун руго. Гьезул хӏалтӏухъабазе моцӏрое щолеб мухьги кутакалда мукъсанаб буго. 10 азарго гъурущ щиб жо гьаб заманалда. 1996 соналдаго рукӏарал тарифазда рекъон кьолеб буго нижее гӏарац.
Гьанже бицинин цоги унтул. Поч-тайин абун буго цо идара. Нижер газеталъул багьаялъул 60 процент гьелъ уна. Нилъ хӏалтӏулеб къоялъ поч хӏалтӏуларо. Масала, итниялъ бачӏуна «Чапар» газета. Росулъе гьеб щола арбагӏ къоялъ. Амма гьелде регӏун йикӏунаро гьеб бикьулей гӏаданги (ункъазарго гъурущ гурони харжги щоларо гьелъие). Гьединлъидал гьелъ газета тӏасияб итниялде щвезегӏан тола бикьизе. Гьеб мехалда цӏалараб гьелъул пайда щиб?
Цо нухалда машинаялда ре-кӏинарурал нухлулазда гьикъана дица «Чапар» газета хъвалебищин нужеца. Цоялъ абуна лъикӏал макъа-лабиги рукӏунила гьелда, амма исана хъвачӏилаха жинца. Щайгурелъул поч бикьулей гӏаданалъ гьелда абун рагӏула хъвагейин, чӏере, Асият, исана газета — дур мина росу тӏарада бугин, гьединлъидал дое щвезегӏан ячӏине жиндихъа бажаруларилан. Гьанже хӏисаб гьабеха – заманалда поч щай бикьуларебин гьезда кӏалъалев чиги гьечӏони, нуж щиб гьабулел ругелин нижеда цӏехолев чиги гьечӏони, хӏалтӏи лъугьунебищ?
Патӏимат Гьитӏинова, «Цолъи» газеталъул (Шамил район) йикӏарай бетӏерай редактор (гьанже «Хӏакъикъаталъул» рухӏиябгун маданияб отделалъул редактор):
— Районалда хӏалтӏулеб мехалда дир йикӏана лъикӏ гьидерил мацӏ лъалей, шагьаралда гӏурай заместитель. Цо къоялъ гьелъ бицана рахьдал мацӏалъул дарсал захӏмалъулел рукӏун, жинца жиндирго лъимал гӏурус мацӏалъул дарсиде ине риччанилан. Гьеб параялъго дица гьелда абуна хӏалтӏудаса нахъе ине гьабсагӏатго гӏарза хъвайилан. Школалъул директорас бичӏчӏизабун гьечӏо гьелда рахьдал мацӏалъул кӏвар. Амма диргун кӏалъаялдаса хадуй гьей намуслъана, тӏаса лъугьаянги абуна. Гьедин биччан тун буго цо-цо нухмалъулез рахьдал мацӏалъул иш.
Нилъерго хӏалтӏул бицунеб бугони, дица абила районалъул газета-лъул хӏалтӏухъабазул харжазулги, подпискаялъулги, почалъулги суалал районалъул нухмалъиялда рарал ругилан. Дица гьезда абуна дун йигин нужее гьабун цӏурачед цебе лъолей чӏужу. Нужеда гьеб кваназабун дихъа бажаруларин. Гьаб «рестораналъул» бетӏергьабиги нуж ругин, гьелъул хайирги нужее бугилан. Жакъа районалъул бетӏерасе хӏажат батичӏони администрациялъул политика щибаб росулъе щвезе, мугӏалимасеги цогидасеги къваригӏун букӏунаро гъоб. Амма нижер районалда газеталъул подписчиказул 99 процентни мугӏалимзабазул буго.
Хадусеб масъала буго хӏалтӏизе чагӏи ралагьиялъул. Дун райгазеталде ячӏаралдаса араб 12 соналда жанив чанги чи ана гьениса нахъе – щолеб харжалда рекъечӏогоги, хӏалтӏул къагӏида дандеккечӏогоги, цогидалда банги. Ханасул васасе яс хъирщулей гӏадин, унаан дун районалъул росабалъе газеталда хӏалтӏизе чагӏи ралагьизе. Жакъа дица дирго бергьенлъилъун рикӏкӏуна доя редакторлъун тарай гӏадан хӏадуризе бажари. Дица гӏемераб хӏал кьуна гьелъие гӏоло. Ракӏ-ракӏалъ гьелъухъе кодобе гьеб хъулухъги кьун ячӏана дун гьаниеги.
Ралагье гьединал чагӏи. Хасго учительзабазда гъорлъ дандчӏвазе бегьула гьел. Щайгурелъул гьел рукӏуна хӏалтӏи гӏуцӏизе бажарулел чагӏи.
Мухӏамад Султӏанов-Барсов, «Дидойские вести» газеталъул мухбир, Цӏунтӏа район:
— Нилъер, магӏарулазул, 800 азарго чияс речӏчӏараб жо гӏужда щвезе ккани, идеология букӏине ккола. Цо кваралъ рухьарал чагӏи рукӏине ккола нилъ киналго. Рухӏияб квар ккола гьеб. (Хадуб гьес загьир гьабуна магӏарулазул гьединаб идеология гьечӏин абураб пикру, амма данде-лъарал гьелда разилъичӏо – автор).
Гьединго, дир хӏисабалда, гӏурус мацӏ лъикӏ лъанагӏан, лъала магӏарул мацӏги (рагӏаби рижулеб, хисулеб къагӏида, батӏи-батӏиял сверелал). Дида бихьулеб буго магӏарулазда гӏурус мацӏ, цогидал миллатазда дандеккун, мукъсанго лъалеб букӏин. Гьединлъидал цогидаздаса лъикӏ гьеб лъазабизе къеркьезе ккола магӏарулал (амма гьеб пикруялдаги разилъичӏо данделъарал – автор).
Мухӏамад Патахӏов, «Гьудуллъи» журналалъул бетӏерав редактор:
— Цере гӏемер тӏоритӏулаан хъвадарухъабазулгун дандчӏваял. Гьанже абуни гьел къанагӏалъун руго. Гьеб гӏадат цӏигьабизе къваригӏун буго. Хӏакъикъаталда абуни хъвадарухъанас гьабула мацӏ.
Гьединго гьанже гӏемер бицуна рахьдал мацӏ лъугӏун-тӏагӏун унеб бугилан. Хӏатта, модаялде ва жидеего рекламаялде сверизабулебцин буго гьелъул бицин. Гормендабиги чӏван, чухъабиги ретӏун кьурдунилан мацӏ цӏунуларо. Гьелъие гӏоло тӏаделъизе ккола хӏакимзабазде. Гьезда тушман киннигин рихун буго рахьдал мацӏ. Нужерго эбел-эмен хведал, дугӏа щиб мацӏалдайин нужеца гьабизе бугебилан абун гьикъизе ккела гьезда, тӏокӏаб жо гьечӏониги.
Магӏарул тарихалда, маданияталда тӏасан суалалги кьун магӏарул мацӏалда тестал кьезе тӏамизе лъикӏан гьел хӏакимзаби.
Гьединго жакъа магӏарул районазул нухмалъулез жидерго данделъаби гӏурус мацӏалда щиб гӏиллаялъе гӏоло рачунел жал?
Магӏарул районазда росабазул, идарабазул, цогидалъул цӏаралги щай магӏарулалъ хъвазе бегьуларел?
Саният Къебедмухӏамадова, «Ахихъан» газеталъул (Унсоколо район) бетӏерай редактор:
— Нижер районалъул бетӏер Гӏиса Нурмухӏамадовас кутакалда кӏвар кьола магӏарул мацӏалъул рацӏцӏалъи цӏуниялде. Данделъаби гӏурус мацӏалде сверулел ругони, гьоркьор къотӏизарула гьес, нилъ магӏарулал гурелищанги абун.
Гьел СМИязул рахъалъги цебетӏей буго нижер доба. Сайталги руго хӏалтӏулел. Амма гьабгощинаб мехалда хӏалтӏулей йикӏаниги, жеги гӏайиб ккарай гӏадан йикӏинчӏо дун. Гьанже цо-цо гӏиси-бикъиналин ккарал жалазе гӏоло Роскомнадзоралъ къакъазе байбихьун руго. Гьединаб мехалда малъа-хъваял гьарулаан Информациялъул министерствоялъ. Гьанже гьединал жалазе жаваб жалго редакцияз кьезе кколеб бугоха.
Расул Ражабов, «Лъаратӏа» газеталъул (Лъаратӏа район) бетӏерав редактор:
— Нижееги захӏматаб суаллъун лъугьун буго газеталда хӏалтӏизе чи валагьи. Гьале кӏиго моцӏ буго дир мухбирлъун хӏалтӏизе чи валагьулелдаса. Амма цоял руго мацӏ лъалел, пикру гьечӏел яги пикру бугел, амма мацӏ лъаларел. Тӏадежоялъе, харжги буго мукъсанаб. 10-12 азарго гъурщихъ райцентралде газеталде хӏалтӏизе вачӏине разилъулев чиги гьечӏо.
Райгазетазул цебетӏей 90 проценталъ районалъул бетӏерасдагун редакторасда бараб жо буго. Нижер подписка буго 800 экземпляр. Бищун гӏемер гьел хъвала школазги рикӏкӏада ругел росабазул жамагӏатазги.
Мухӏамад Къебедов, «Гъуниб» газеталъул бетӏерав редактор:
— Райгазетазда рахъулел (гьенире ритӏун рачӏунел) макъалабазул даражаялдеги кӏвар кьезе ккола. Дун гьеб хъулухъалде ккараб заман букӏана. Газеталде рачӏунел макъалаби я тематикаялъул, яги хъвавул къагӏида данде ккунгутӏиялъ, гьел нахъчӏвазе байбихьана дица. Гьезда гьоркьоб букӏана прокурорасул (цевесев) макъалаги. Жинца хъварал жал щай рахъуларелин ахӏун бачӏана гьес. Гьеб мехалда дица гьесда гьикъа-на дуца гьел отчеталъе рукӏине ритӏулел жалищин гьанире яги гьездаса гӏадамазе пайда букӏинилан ритӏулелищилан. Щайгурелъул я гӏадатиял гӏадамазда бичӏчӏулеб, ялъуни гьезие хӏажатаб жо гьениб букӏунароан.
Гьединлъидал редакторас жиндирго рагӏи билълъинабизе ккола. Гьеб мехалда бачӏуна иш рукӏалиде.
Гӏубайдула Малачдибиров, «Цӏумадисезул гьаракь» газета-лъул бетӏерав редактор:
— Гьаниб абулеб букӏана щибаб лъагӏелалъ 200 подписчик дагьлъулин газеталъулилан. Гьеб битӏараб буго. 2200 чияс хъвала нижер газета. Гьелъие аслияб квербакъи гьабула къисматалъ жал гӏодоблъиялде гочарал цӏумадисезул росабалъа гӏадамаз. Дун щвана Хасаюрт районалда инхокъварисел чӏараб росулъе. Жидерго хасаб мацӏалъул чагӏи руго гьел. Санайилго нусгоялдаса цӏикӏкӏун газетаги хъвала гьез. Амма районалда бищунго кӏудияб росу буго Тӏинди. Гьениб гьеб хӏалица бахуна нусиде.
Гьадал гӏодоблъиялда ругел инхокъварисез абула нилъеда гьоркьоб бугеб магӏарул мацӏ жидехъе щвезабулеб алатлъун нужер газета бугила, гьединлъидал гьеб хъвачӏого киндила телеб?
Гьединаб мехалда дун хӏикма-лъула магӏарухъ ругел рахьдал мацӏалъул учительзабаз журналал гӏурус мацӏалда цӏезарулел рукӏиналдаги, районалъул хӏа-кимзабазе бичӏчӏизе захӏмалъулеб букӏуниланги абун данделъаби гӏурусалъ рачиналдаги.
Якъуб Гӏабдулаев, «Росдал захӏматчи» газеталъул (Хунзахъ район) жавабияв секретарь:
— Магӏарулаз магӏарул мацӏ бицине, гьеб мацӏалда хъвадаризе ккеялъулги бицунеб бугелъул, дир цо суал буго «Дидойские вести» газеталъул вакиласе: «Цониги гьумер магӏарулалъ биччазе хӏал щай бихьулареб нужеца?»
— Бихьила, — ян жаваб кьуна Мухӏамад Султӏанов-Барсовас.
Дир цо гьадинаб гьари буго нужеде. Райгазеталги гъорлъ гӏахьал гьарун, бищун лъикӏ хъвадарулев чи тӏаса вищиялъул конкурс щай «Хӏакъикъат» газеталъ лъазабулареб?
Гӏайшат Малачиева, «Лачен» журналалъул бетӏерай редактор:
— Нужеда кколеб батила гьитӏинабго «Лачен» журнал гьабизе щибин къваригӏунеб? Валлагь, захӏмат буго лъималазе асарал хъвалел чагӏи гьечӏолъиялъ. Гьединлъидал нужеда гьединал гӏадамал лъалел ратани яги лъималазе рокьулел асаразде тӏаде ккани, нижеда лъазе гьабе. Журналалъул багьаги 150 гъурущ буго. Почалъ кватӏун щвезабулеб батани, гьелда хадур редакциялдеги рачӏине бегьула.
Мухӏамадрасул Гӏумаров,
«Авар басмабазул» цолъиялъул нухмалъулев:
— Нужее кӏиго малъа-хъвай гьабилаан дица. Социалиял гьиназдаса гӏебеде газета машгьур гьабизелъун нужерго газетал къватӏире рачӏиндал ПДФ формат щай интернеталде рехулареб? Цо-цояз гьабулебги буго гьеб.
Кӏиабизе. Райгазетазде хӏалтӏизе чагӏи щунгутӏиялъул бицунеб бугелъул, хъвадаризе дагьабниги пагьму бугел гӏолилал тӏатинеги гьарун, ДГУялъул журналистикияб отделениялде цӏализе росизе квербакъеян гьаризе бегьуларищ гьелъул ректорасда? Яги дун хӏадур вуго гьединаб хитӏаб нижерго цолъиялъул цӏаралдасан хъвазе.
Гьединго чанго сон буго нижеца www.avarpressa.ru абун сайт гӏуцӏаралдасаги. Щибаб районалъул газеталъегун «Хӏакъикъаталъе» ва журналазе тараб бакӏги буго гъоба. Амма цӏакъ бокьуларого гӏадин журалел руго гьелда гъорлъе. Гьенир щивас лъезе бегьула жидерго ма-къалабиги, видеоги, сураталги.
(Хадуб М. Гӏумаровас «Авар басмабазул» цолъиялъул рахъал-
даса хӏурматиял кагътал кьуна Гӏумахан Гӏумахановасе, Патӏимат Гьитӏиновалъе, Зульфия Хӏажиевалъе ва Баху Мухӏидиновалъе).
Баху Мухӏидинова, «Магӏа-рулай» журналалъул бетӏерай редактор:
— Жакъа нилъеца гьаниб бицунеб хабар рагӏизе къваригӏун буго министраздаги, депутатаздаги, районазул нухмалъулездаги. Гъозде нилъ гӏунтӏулел гьечӏоха. Кин гьезде нух балагьилеб, кин гьезда гьеб хабар рагӏизабилебали ургъизе къваригӏун буго.
Масала, школалъул директор вукӏуна районалъул бетӏерасул кӏалдиве валагьарав чи. Гьел кӏияздаго бараб жо гӏемер букӏуна. Масала, классазул журналал щиб мацӏалда цӏезарилелали (бокьани, чачан, китай мацӏаздагицин цӏезабизе кӏола гъозда гъоб). Гьезде тӏадецуй гьабизе кӏолеб къуватги умумузул комитеталъухъ буго. Гьелда гъорлъ ругел чагӏаздайин абуни лъалел гьечӏо жидехъго ругел ихтиярал, къалел гьечӏо гьеб ишалда гъорлъеги. Гьединлъидал бокьа-бокьараб гьабулел директорзабиги руго. Гьезие абуни бокьун буго тӏадчагӏазда жалго берцин рихьизаризе. Рахьдал мацӏалъулги лъималазул лъаялъуги гьедигӏан кӏудияб ургъел гьечӏо гьезие.
Гьаб рахьдал мацӏ щай къваригӏунеб жоян абураб пикру эбел-инсул ботӏролъ бижизабизеги къваригӏун буго. Цохӏо кванилги, ратӏлилги, рихьдае жал гьариялъеги гурони пикру хӏалтӏулеб гьечӏо гӏемерисезул.
Гьезул гӏайибалдалъун рахьдал мацӏ лъачӏого хутӏарал гӏолохъаби руго гьанже жалго лъикӏал лъугьун мацӏ лъазабулелги.