Тӏоцебесеб иргаялда, январалдаса нахъе хӏалтӏизе буго «Росдал учитель» абураб программаялъул хасаб сайт.
Гьелда рукӏине руго 50 азаргоялдаса дагьав чияс гӏумру гьабулел росабазулги гьенир хӏажатал учительзабазулги хӏакъалъулъ баянал. Гьел баяназда рекъон, учительзабазе рес щвела «Росдал учитель» абураб программаялда гӏахьаллъизе.
Программаялда гӏахьаллъизе бегьула 55 соналъул ригьалде рахинчӏел учительзаби. Тӏаса бищараб школалда хӏалтӏизелъун вачӏун хадуб гьесул счеталде бюджеталдаса рехизе буго цо миллион гъурущ (Дальний Востокалъул регионалде арав чиясе – кӏиго млн гъурущ). Школа-лъулгун къотӏи-къай гьабун бахъинабизе ккола 20 июлалде щвезегӏан. Гьедин гьабурав учителасул счеталде гӏарац бачӏине буго тӏоцебесеб декабралде. Гьеб гӏарцудаса налог бахъизе гьечӏо ва учителасул ихтияр буго жиндиего бокьухъе гьеб хӏалтӏизабизе.
2012 соналдаго РФялъул президентас гъулбасараб законалда рекъон, учительзабазул харж рекъезабизе кколаан регионалъул экономикаялда ругел харжазул гьоркьохъеб къадаралде. Амма гьеб гьабун бажаричӏо. Гъоркьиса батӏи-батӏиял идарабазги жамгӏиялгун пачалихъиял гӏуцӏабазги гьарурал цӏех-рехазда рекъон, гьабсагӏаталда Россиялъул 40-ниги регионалъул учительзабазе моцӏрое щола 15 азарго гъурущ гӏечӏеб гӏарац. Гьелда бан РФялъул хӏукуматалъ хӏукму гьабуна учительзабазул моцӏрол харжазул индексация гьабизе. Гьеб хӏукмуялда рекъон, 2020 соналда харж цӏикӏкӏинабизе буго 5,5 проценталъ ва 2021 соналда – 6,1 проценталъ.
Гьелде тӏадеги, школалъул администрациялъул рес букӏине гьечӏо учителасул оклад дагьлъизабизе: 2020 соналъул тӏоцебесеб апрелалдаса нахъе гьеб букӏине бегьуларо моцӏрол харжалъул бищун дагьаб роценалъул (МРОТ) 200 проценталдаса дагь. РФялъул лъай кьеялъул министралъ лъазабуна, харжалъул 70 процент букӏине кколила аслияб бутӏалъун ва 30 процент – гъирабазабиялъул, ай дарсал тун батӏияб хӏалтӏухъ кьолеб гӏарцул бутӏалъунин абун.
2020 соналда байбихьизе буго учителасул аттестациялъул цӏияб къагӏида хӏалтӏизабизе. Рукӏине руго киназего цогоял тӏалабал. Гьелъул мурадалда къабул гьарун руго ЕФОМал – къимат кьеялъул цогоял федералиял материалал. Учителас кьолеб экзамен букӏине буго лъабго бутӏаялдаса гӏуцӏараб: хъвавулаб, дарсил видео ва гӏадатиял гурел масъалаби тӏуразари.
Хисулеб буго гӏемерсонилаб хӏалтӏул стажалда рекъон пенсиялде иналъул къагӏидаги (по выслуге лет). Масала, 2020 соналда пенсиялде унев учителасе пенсия кьезе байбихьизе буго лъагӏелгун бащдаб араб мехалда (гьеб заманалда хӏалтӏизе тӏадабги гьечӏо гьесда).