Машгьурав журналист, жигарав блогер Бисавгӏалиев Мухӏамадие ракӏ-бацӏцӏадаб захӏматалъухъ хӏукуматалъ кьураб хӏалалаб шапакъат щоларого гьале лъабго лъагӏел сверана.
1996 соналда тӏохгӏанасеб Указги бахъун, Гӏабдулатӏипилас Бисав лъазавун вукӏана Дагъистан Республикаялъул культураялъул мустахӏикъав хӏалтӏухъанлъун.
Ма, кӏочон тараб кӏарчанал чиновниказда хӏурматияб цӏаралда цадахъ каранда балеб гӏаламат кьезе. Сундулго ургъел-агъаз гьечӏев бахьикъос Бисасги квер хьвагӏун тараб гьазул награда. Рачӏ ккун букӏанин жинца орден-медалазул, кодор щварал маххул гӏаламатаз борлълъизе жиндир керенго гьечӏин.
Амма гьеб позициялда разилъичӏо Зарема Ажуевна абулей цо берцинаб-куц мухъалъул гӏадан. Культураялъул министр йигила жий ва «Награда должна найти своих героев»,- илан согӏго лъазабуна гьелъ. Лъикӏалан Бисавги веццун, шапакъат кьезехъин йикӏана, амма лауреат вачӏинчӏо сценаялде. Залалдаги гьечӏоан гьев.
Палхӏасил, гьанжесалалъги щвечӏо шапакъат хважаинасухъе.
Щиб лъалеб, цо щуго соналдасан щвезеги бегьула.