Д. Пахрудиновалъе

Лъикӏ щварай, Джамиля, Бахьикъосалде,

Махсара — хочӏалъул хулжалги раччун.

Сатира бокьулел, кучӏдул хириял,

Хабарги гьуинал гьудулзабахъе.

Анищал херлъарав, хиял хӏорлъарав,

«Херав» удаманас гьаюнищ къабул?

Ваккун-тӏерхьун кивго гӏодов чӏоларев,

Гӏандисев ватанищ байтал сокӏкӏулев?

Дир лъудби рикӏкӏунев рикӏкӏванисесда,

Рикӏкӏун къого гамачӏ къалалъ щвезабе.

Къойил «гаремилан» гаргадулесда,

Горбоде герело гаргадизабе!

Гьунар гьечӏониги, цо-цо мухъал хъван,

Дицаги хъалалъан хъарсила гьесда.

Хъабиниб тӏутӏ гӏадин гьев зузудани,

Зар бихьизабила, гӏорхъода чӏаян.