Дирго лъадуе Ода

Дирго лъадиялда лъикӏ вихьизеян,

Лъабцӏул базаралде ячун йикӏана.

Кодоб хвезабизе шагьи-пара кьун,

Шагьаралде щвезе гьаюн йикӏана.

Босулеб-толесса, цӏехолеб цӏикӏкӏун,

Цӏакъго ццим хӏалуцун ячӏун ятана.

Дуца цӏияй гӏадан ячун рагӏулин,

Рагӏараз бицанин жиндаян чӏана.

Дуца бицунеб жо рагӏулеб гьечӏин,

Гӏиндасан аппарат нахъе бахъана.

Хъулухъалъе мунгӏан цӏакъай хӏурулгӏин,

Дие кисайилан, квер хьвагӏун тана.

Дуца дурго гӏамал толареб лъалин,

Лъималги гӏун ругин, гӏелилан лълъвана.

Гьез рачизе тейин гьанже лъудбиян,

Лъикӏалан ботӏрода тенкезабуна.

Битӏараб бугилан, дунги тӏад рекъон,

Къвалги бан, кӏиязго къотӏи гьабуна.

Ячинарин тӏокӏай дуде тӏад чӏужу,

Лъади гурониян, лъугӏизабуна.