Цебе цӏакъго тӏибитӏун букӏараб, ахираб заманалда, талихӏалъ, кӏочон толеб бугеб гӏадат буго йокьарай яс хъами. Гьеб бахӏарчияб ишлъунцин рикӏкӏунебги батана. Гьеб диналда гуребги, гӏакълуялдаги рекъолеб иш гурелъулха.

Гӏемерал бусурбабаз абула гьеб бегьулареб жойищилан. Шаргӏалъул цӏадирабазда борцани, гьеб буго кутакалда кӏудияб мунагь бугеб иш. Чияр магӏишат бикъи мунагьги такъсир гьабиги гурищ? Гьединаб такъсиралъухъ гьабулеб тамихӏги, шаргӏалда рекъон, цӏакъ кьварараб букӏуна.

Гӏезегӏанго заман буго Дагъистана-лъул Динияб идараялъ, Гӏалимзабазул советалъ имамзабазда яс хъамураб бакӏалде маслихӏат гьабизе гьоркьоре лъугьунгейин лъазабуралдаса. Гьелъул аслияб магӏнаги ккола гьеб иш гьабугейин абураб. Щайгурелъул, имамзабаз рекъел гьабичӏого толаринги абун, гьезда мугъчӏвайги гьабун унел руго гӏолохъаби нахъегӏанаб ишалде.

Кинаб хӏукму гьабуниги, имамзабазухъе рачӏинчӏогоги чӏолел гьечӏелъул, бачӏунеб буго суал кин гьабилеб гьезда гьоркьоб маслихӏатин абураб. Бищун гьелъие лъикӏаб нухлъун гӏемерисел гӏалимзабаз рикӏкӏунеб буго хъамурай яс эбел-инсухъе нахъе кьей, гьеб мехалъ гьабизе букӏине маслихӏатги. Гьелдаса хадуб эбел-инсуе бокьани кьела яс, рихани – тела. Хирияб хӏадисалда буго: «Бащадаб рагӏиялдалъун бугониги квешлъиялъе квербакъарав чи, гьелъул гӏахьалчи ккола», — ян. Цоги, нилъеего бокьулареб жо цогидазеги гьабизе бегьуларин абураб нух буго исламалъул. Жидер яс хъамун арал чагӏазул бакӏалда лъезе рекъараб букӏуна щивасе живго. Цинги лъала гьесда кин жиндие бокьизе бугебали.

Щай гьеб иш гьабурабин цӏехедал, батӏи-батӏиял жавабал кьола. Цояз абула кьеян гьараниги кьечӏин, цогидал ратулел руго кьейинго абичӏого цогидасе абурай яс хъамулелги, жиндие гьей йокьулинги абун. Гьанже балагьеха, эбел-инсуца кьечӏеб заманалдаги гьей яс ячине кколин чӏей шаргӏалда рекъолищ? Гьесул кинаб ихтияр бугел гьелда тӏад, хӏатта яс разияй ятанигицин?

Лъималазе лъикӏаб жо эбел-инсудаса лъикӏ лъалев чи вукӏунаро, гьез абуралда тӏасан рахине жалго лъималазеги лъикӏаб букӏунаро, хадусеб гӏумруялда кинабгӏаги баракат, икъбалги букӏунаро гьезул.

Гӏолохъабазда кӏочонеб буго рокьи кьолевги, берцинлъи цӏунулевги, талихӏалъул кверщел кодосевги Бетӏергьан Аллагь вукӏин! Гьесул нух цӏунун хьвадани, кинабго щвезе ресги буго.

Хӏасил гьабуни, гьеб нахъегӏанаб пиша, чияр яс хъами халкъалда гьоркьоса тӏагӏунаро гьев васасул гӏагарлъиялъгун, росдал жамагӏаталъ гьей эбел-инсухъе тӏадюссинайизе гьел тӏамичӏони.

Алхӏамдулиллагь, нилъ руго бусурбаби, нилъеда тӏадаб борч буго щулаго исламалъул нух кквей. Чияр мулкалда, черхалда, къартӏалда хӏал гьабун кверщел гьаби исламалъ гьукъараб, мунагьаб пиша буго ва Бетӏергьанасде гӏасилъиги ккола.