Адабалда ругьунлъарав, имамасул амруялъеги мутӏигӏав Хӏажимурадил рахъалдасан муъминзабазул имам ва Аллагьасул хӏинкъулел чагӏазул халипа, иманалъул ракьал цӏунулев, купру-къосеналъул асарал тӏагӏинарулев, бацӏцӏадаб шаригӏаталъе квербакъулев, битӏараб тӏарикъаталъул нух ккурав Шамилихъе. Ассаламу гӏалайкум.
Цинги. Аллагьасул саламал лъеги дуда, дуе икъбалги даимлъаги. Амин. Аслияб мурад буго мун нижее даимго сах-саламат хутӏи. Гьелда хадусеб мурадги буго нилъер тушбабазул рахъалдасан нижеда лъазе кӏвараб жо духъе щвезе гьаби. Хунзахъ хъалаялда ва Цӏатӏанихъ рукӏарал баракат бахъарал гӏурусазул аскарал, дагьал чагӏи хутӏизегӏан, нужер рахъалде ун руго. Гьединго Мочӏохъаги ун руго гьел киналго, Айсагъур хъалаялда рагъ байбихьун букӏин жидеда лъарабго. Дуда ракӏалде ккоге гьеб цӏияб, тӏаде бачӏараб бо бугилан абун. Хадувги гьез Хунзахъ амирлъун жидерго капурав бетӏерги тана. Гьез, исламалъул ракьалде лъутизехъин вукӏин лъайдал, хунздерил къадиясул васги асир гьавуна. Гьалдалъун тана.
Гьаб буго дида гьездасан лъазе кӏвараб жо.
Вассалам