3 январалдаса нахъе гьекъолеб лъедаса махӏрумлъун хутӏун буго щунусгоялдасаги цӏикӏкӏун цӏараки жаниб бугеб Харахьи росу.

1500-гӏан чияс гӏумру гьабулеб гьеб росулъ буго жеги анцӏго росдал гӏадамал къабул гьарулеб участкаялъулаб больницаги, консервазул цехги, гьоркьохъеб школаги, библиотекагун чанго тукенги, пекарняги, цогидал учреждениялги. Росулъ балеб буго цӏа свинабулезул хъулухъалъул станцияги. Амма сахъадерил магӏарда гъоркьан лъим бачараб бакӏалдаса аскӏоса гӏебеде чӏвараб цӏер биинегӏанги, гьенир цогидал тадбирал гьаризегӏанги Харахьи росулъ лъел къварилъи ихдаде щвезегӏанги хутӏизеги бегьула.

Рогӏразда цӏер чӏван букӏин лъайдал, херехьдерил жамагӏаталъ чанцӏулго гьеб бакӏалдеги щун, хӏалбихьана, цӏерги биинабун, гьенир цӏиял рогӏрал лъезе.

Гьабсагӏаталда гьенибе лъим баччулеб буго аскӏоб бугеб Гӏоротӏа росулъа, гьединго руго Хунзахъа райадминистрациялъ ритӏун рачӏунел машинабиги. Тӏоцересел къоязда цо-цо гӏарзал рукӏана Хунзахъа бачӏараб лъим чорокаб батанилан. Щайин абуни, лъим босун бачӏарал машинабазул къалал жаниса рацӏцӏадал ратичӏого.

Гьелда бан суал бачӏунеб буго санэпидстанциялъ изну кьураб бакӏалдаса цӏолеб бугодай гьеб лъимин абураб. Гьединго жалго гьел машинабазул («Водовоз») бугебдай гӏадамаз гьекъолеб лъим баччизе ихтияр?

Гӏоротӏаги, хасго тӏоцересел къоязда, лъеда хадуб херехьдерил тӏубараб росуго бачӏун сагӏтаз чӏезе кколел рукӏана къулгӏадухъ. Гьелде тӏадеги, бакӏ-бакӏалда лъиналги цӏорон, добаги лъел чвахи цӏакъго тӏеренаб бугин бицана росдал гӏадамаз.

Гьединго байбихьуда кутакаб малъкъосиялде ккун букӏана гӏи-боцӏиги. Росотӏе бачӏараб гӏачиязул рехьед, гьениб лъимги батичӏого, гӏергӏериялда унаан нахъе.

14 январалда ДРялъул хӏукуматалде росдае гьекъолеб лъим хӏажат букӏиналда хурхун хӏадурарал документалгун Махӏачхъалаялде щвана Харахьи росдал жамагӏатчи Хӏассан Хӏажиев.

Гьев дандчӏвана ришватчилъиялда данде чӏезелъун ДРялъул нухмалъулесда цебе гӏуцӏараб управлениялъул бетӏерасул заместитель Гӏалибег Гӏалиевгунги, Мугӏрузул округалда вугев республикаялъул бетӏерасул вакил Мухӏамад Камиловгунги.

Гьелдаса хадуб Хӏассанилгун нижер хабар ккана «Хӏакъикъат» газеталъул редакциялдаги. Хас гьабуна росдал бегавуласухъа щай гьеб интервью босуларебин ракӏалдеккезе бегьула, Хӏассанихъа босичӏого.

Гьелъие цо гӏилла ккола гьанжегӏагар росдал бегавул хъулухъалдаса нахъе ин (лъел суалалда бан гуро, гьес гьединаб гӏарза администрациялде цебего кьун букӏун буго).

Гьединго Хӏассан Хӏажиев кӏицӏул батӏа-батӏайисан Харахьи росдал бегавуллъун вукӏарав чи вуго (цин 80-абилел, хадуб – 90-абилел соназда). Гьединго росулъе лъим бахъизе байбихьаразул цояв ккола гьевги мунагьал чураяв росдал дибирлъун вукӏарав Сапигуллагьги, херехьдерил цогидал жамагӏатчагӏиги.

Жеги советияб заманалъул гуч бугеб, гьединал хӏалтӏабазе пачалихъалъ гӏезегӏан гӏарац биччалеб заман букӏаниги, тӏири мухьги босичӏого, Аллагьасе гӏоло киридахъ росдае лъим бахъизе эхетарал гьел киназулго хӏал ажаналъуб батаги.

Лъел масъалаялъул рахъалъ Хӏассаница бицана:

— Харахьибе лъим бачӏунеб рогӏоро Парси магӏарда гъоркьан (сахъадерил мегӏер) бачун букӏана 1981 соналдаго. Доб мехалда «Даггипроводхоз» абулеб проектазул институталъул вакилзабаз нижеда лъазабун букӏана 20-25 соналдасан рогӏоро цӏияб лъезе кколилан. Амма гьелдаса нахъе ана 40 сон. Доб хӏукуматги биххана. Лъиде гӏарз бахъилебали, лъидаса кумек щвелебали лъаларого нижги хутӏана. Гьединлъидал гьабгощинаб мехалда сах-саламатго чӏарабгицин гӏеларищ гьеб рогӏоро?

Нижеца хӏаракат бахъулеб букӏана зама-заманалдасан гьеб лъел суал хӏакимзабазухъе щвезабизе. Гьедин 2010 соналда хӏукуматалъул кумекалдалъун бахъана «Гьамущи-Харахьи» абураб проект. Амма гьелда рекъон, Шотода бугеб иццалдасан лъим чвахана Гьамущибе. Херехьин абуни цӏидасан нухда хутӏана. Лъаларо, Харахьибе лъим бахъиялда хурхунги цо къадаралъ гьабураб хӏалтӏи бугилан бицуна. Амма чӏванкъотӏун щибниги абизе кӏоларо.

Доб мехалда проектировщиказ абулеб букӏана гьаб лъел бетӏерги ракьул гъварилъуда гурила бугеб, гӏицӏго ракьул цо гъаталъ гъоркьехун бугеб бакӏалдаса бачӏунеб лъим бугилан. Нужеца 20 соналдасан цоги бакӏаллдаса лъим бахъизе гӏамал гьабеян. Гьедин дагь-дагьккун гьеб лъим тӏеренлъизеги байбихьана. Доб мехалда лъураб рогӏоро цӏолеб лъим жанисан чвахулеб гьечӏо гьениб. Тӏадежоялъе заман баялъ басралъунги буго гьеб. Бакӏ-бакӏалдасан бихъ-бихъараб гьениса лъимги гӏадада гӏодобе чвахулеб буго.

Гьединаб ахӏвал-хӏалалде ккараб мехалда рукӏине хасал резервуарал хӏажат руго росдае.

Гьединабго хӏал Харахьи лъугьун букӏана 1970-абилел соназул ахиаралдаги. Доб мехалда Мочӏохъан чвахулеб букӏараб умумузул иццдаса лъим къотӏун букӏана. Сапигуллагь абун росдал дибир вукӏана, мунагьал чураяв. Гьес Гӏисал иццда абураб бакӏалдаса тӏадехун баккараб лъим рехун букӏана Жалакьуриса лъим бачарал рогӏраздасан умумузул иццул бетӏералде. Тӏаде лъим щвезегӏан кӏудияб кумек ккана гьелъул. Гьанжеги хӏажат бугоан нижее гьединабго кумек — «Гьамущи-Харахьи» ва «Мочӏохъ-Харахьи» абун лъел рогӏрал лъезе. Нижее бокьун буго исана гӏадаб балагь-базар ккеларедухъ гьанже Харахьибе лъим Мочӏохъа эхебе бачине, хасало гьелдаса пайда босизе. Риидалил заманалда пайда босизе гьадаб нижерго Парси магӏардаса бачараб рогӏороги тун. Гьеб суал дандбазе мачӏхъадерихъе инеги бокьун буго нижее.

— Миллияб проект буго гурищ «Бацӏцӏадаб лъим» абун. Гьелда гъорлъе ккезабизе бегьуларебищ гьеб суал?

— Росдал администрациялъул нухмалъулесдаса байбихьун районалъул бетӏерас гьабизе ккелаха гьеб хӏалтӏи, дида лъаларелъул кинал документал гьелъие ракӏаризе кколелали.

— Республикаялъул хӏукуматалдаса щиб жаваб дуе щвараб?

— ДРялъул бетӏер Владимир Васильевасухъеги хӏукуматалъул нухмалъулев Артем Здуновасухъеги хъварал гӏарзаби танаха гъора. Мухӏамад Камиловас цо пуланаб бакӏалде телефоналдеги кӏалъан, лъазабуна доб цебехун бицараб «Гьамущи-Харахьи» рогӏоро бачине гӏарац биччалеб бугилан.

— Амма кигӏаналъ уяб хабар гьебалиха?

— Лъаларо, хьул бугоха тӏасаккеялъе бицараб хабар батиларин абураб.

Цоги гьадинаб жоги буго гъоба. 1978 соналъ гьабураб «Парси-Харахьи» проекталъул багьа букӏана 330 000 гъурущ. Гьанже гьеб гӏарцуде доба бащдаб хӏалтӏицин гьабун бажаруларо. Амма нилъер руго гьединаб ишалда цолъи бихьизабун, гъираялда хӏалтӏуде рахъунел гӏадамал. Киназего къваригӏун бугелъулха лъим.

Доб мехалъ (1978 сон) кумек къваригӏун бугилан ахӏи байдал, жамагӏатго бахъун бачун букӏараб лъим буго гьеб.

Гьанже ракӏбакъван вукӏуна дун 40 соналъ цебе гьединаб захӏмалъиялда гьабураб хӏаракат гьанже чӏун бихьараб мехалъ.

Гьадаб дица цебехун бицараб Жалакьурисан Харахьибе бачараб лъим букӏана къваригӏараб мехалъ букӏинеянги абун, бацизеги бацун.

Дов Сапигуллагьица, хӏукуматалдаса къечӏого, бащдаб хӏалтӏи жинцаго гьабуниланцин абизе кӏола дида. Турбаби унеб бакӏ букӏана 3 километралъул манзилалда. Гьеб мехалъ дос дида бихьизабуна гьадаб гохӏдасан лъим бахунарила, мун турбабазда хадув вахъайилан. Ралагьана дица гьелги, лъабго къоялъ чӏана бахунищ лъим гьениса тӏадеяли, бахинчӏо, нижер хӏаракатги гӏадада ккана.

Палхӏасил, хабар халат гьабун щибилеб, суал гьединаб буго. Республикаялъул тӏалъиялъ ниж рехун тунгутӏиялде кӏудияб хьулги буго. Жамагӏаталда бараб жо батани, ахӏи баралъуре рахъине хӏадурал, кутакалда цоцалъ гъункарал лъикӏал гӏадамалги руго нижер.

P.S. Харахьи росулъ лъугьун бугеб лъел масъалаялде ниж жеги тӏадруссине руго.