ДРялъул бетӏер Владимир Васильев:

«Улкаялъул нухмалъулесул жакъасеб политика хурхараб буго кӏиго аслияб масъалаялда. Нилъер пачалихъалъул къадру борхизабиги щивав чиясул тӏалабазде кӏвар кьейги.

Президентас цере лъурал киналго масъалаби данде росани, гьел хурхарал руго Россиялда гӏумру гьабун ругезул къадар цӏикӏкӏинабиялда, лъай кьеялда ва сахлъи цӏуниялда киналго шартӏал чӏезариялда, халкъалъул рукӏа-рахъин лъикӏлъизабиялда ва гьел гурел цогидалги тӏалабазда.

Демографиялъул рахъ лъикӏлъизабиялъе кӏудияб рес буго жакъа Дагъистаналда. Амма гьелъие хӏажатал шартӏал чӏезаризе ккола. Гьабсагӏат нижеца цӏакъ тӏадчӏей гьабулеб буго школазул минаби къачӏаялда, лъим бачиналда ва цогидалги масъалабазда. Регионазда ругел школал къачӏаялде ва школлъималазе квен чӏезабиялде кӏвар кьезе кколин абуна президентасги. Гьелъиеги къваригӏуна сурсатал. Анцӏ-анцӏ соназ цо гъурущцин биччан букӏинчӏеб 700 школалда гьоркьоса, 300 къачӏан буго нижеца».

ДРялъул информациялъул, бухьеназул ва массовиял коммуникациязул министр Сергей Снегирев:

«Владимир Путинил хитӏабалда жаниб аслияб бакӏ ккун буго инсанас, гьесул рукӏа-рахъиналъул суалалъ. «Россиялъул цебетӏей букӏине гьечӏо чиясул парахатаб гӏумру гьечӏони», — ян абуна улкаялъул нухмалъулес.

Президентасул хитӏабалда хасаб бакӏ ккун буго экономикаялъул цифровияб трансформациялда хурхараб темаялъги. Ниж хӏадур руго гьел масъалаби гӏумруялде рахъинариялда тӏад хӏалтӏизе. Гьезда гьоркьоб буго «квалквал гьечӏеб» интернет абураб проектги».

Мугӏрузул округалда вугев ДРялъул бетӏерасул вакил Мухӏамад Камилов:

«Демографиялъул суалазда хурхун, хасго гӏисинал лъимал ругел хъизамазе гӏарац кьезе бугин президентас абураб хабаралъ гӏемерав чи вохизавуна. Цебе лъабго сон базегӏан гурони кьолеб букӏинчӏеб гӏарац, гьанже кьезе бугила анкьго сон базегӏан.

Цоги цӏакъ кӏвар бугеб суал борхана президентас медицинаялъул вузазде лъугьунел студентазе, бюджеталъул бакӏазде бугеб квота цӏикӏкӏинабизе бугин абураб. Бюджеталъул бакӏал щибаб соналъ дагь гьарулел рукӏана, гьанже иш батӏайиса букӏина. Халкъалда рагӏизе бокьарал чанги масъалаби рехсана президентас хитӏабалда. Сунца квалквал гьабулеб букӏараб гьесие гьединаб хитӏаб цересел соназда гьабизеян суал лъолеб бугони, гьелъие гӏиллаби рукӏана. Путинидаги бичӏчӏулеб букӏана халкъалъул рази гьечӏолъи букӏин. Олигархазги цогидазги бечелъи къватӏибе баччулеб букӏана, къватӏисел улкабазда жидерго счеталги рагьун. Путинида бичӏчӏана гьедин бичча-бихъан тун иш дандекколареблъи».

«Яблоко» партиялъул Дагъистаналда бугеб партиялъул вакил Альберт Эседов:

«Гӏаммаб куцалда босани, социалиял суалал роцӏинаризе ишан босараб хитӏаб букӏанин президентасулин абизе бегьула. Гьенир чӏванкъотӏун рихьизарун руго демографиялъул суал цебетӏезабизеги, «Эбелалалъулаб капитал» бечед гьабизеги, мугӏалимзабазул харжалде тӏаде кьезе бугеб гӏарцулги ва цогидалги масъалабазда хурхун гьабизе бугеб хӏалтӏул программаби. Аслияб жо буго гьел хӏукмаби, Маялъул указал гӏадин, кагътида хутӏичӏого, щивав чиясул рокъоре щвей».