Федералияб Собраниялде Хитӏаб

«Эбелалъулаб капиталалъул» гьарзалъиги, хинаб къадеквенги,

Конституциялъул реформаги, депутатазе щвараб ихтиярги.

Эбелалъул гӏарцул гуч

Владимир Путиница ракӏалде щвезабуна 2006 соналъ гьадинабго хитӏабгун цеве вахъунеб мехалъ, «Эелалъулаб капитал» программа хӏалтӏизе биччалеб бугилан гьабураб лъазаби.

— Гьабсагӏат гьеб программа хӏалтӏулеб буго 2021 соналъул 31 декабралде щвезегӏан. Гӏемерисел гӏолохъанал хъизамазда ургъел чӏван батула 2022 соналъ гьеб программа къотӏизе батулин абураб пикруялъ. Нижеца гьеб къотӏизе гьабиларо. Эбелалъул капитал кьолеб программа халатбахъинабулеб буго 2026 соналъул 31 декабралде щвезегӏан.

«Эбелалъулаб капитал» щвезе буго тӏоцебесеб лъимер гьабун хадубги. Гьелъул жакъасеб къадаралда рекъон, гьеб ккола 466 000 гъурущ.

Амма жакъасеб демографиялъул ахӏвал-хӏалалда рекъон, гьебги гӏураб къадар кколеб гьечӏо. Нилъер рес буго гьеб жеги цӏикӏкӏинабизе. Гьединлъидал рачӏа гьеб 150 000 гъурущалъ цӏикӏкӏинабизе. Тӏаде жубараб къадаргун цадахъ, 616 000 гъурущ эбелалъул гӏарцул щвезе буго кӏиабилеб гьабураб лъимералъе, — ян абуна Владимир Путиница.

Учительзабазул харж

ва хинаб къадеквен

Кӏудияб разилъигун лъималазул улбуз къабул гьабураб хабар ккана байбихьул классазда цӏалулел школлъималазе хинаб къадеквен чӏобого чӏезабиялда бараб лъазабиги.

Мугӏалимзабиги кӏочон течӏо Путинида. Класс бачаралъухъ тӏоцебесеб сентябралдаса нахъе 5000 гъурщидаса дагьаб гьечӏеб гӏарац тӏаде жубазе буго гьанже учителасул харжалде.

Президентас тӏаде жубана жинда кӏочон гьечӏила мугӏалимзабазул аслияб харж цӏикӏкӏинабиялъул суалги. Маялъулал указазда гьоркьоб бугила гьелъул бицунеб.

Гьеб масъала жеги тӏубан бахъинчӏила, амма рагӏалда бахъинабичӏого теларила.

Унтаразул ургъалида

Исана соналъул тӏоцебесеб июлалдаса байбихьун цӏиял ФАПАлгун поликлиникабазе ва больницабазе цӏияб къайи-цӏа босизе 550 млрд гъурущ биччазе бугинги бицана Владимир Путиница.

— Сахлъи цӏуниялъул сфераялда хурхун цо-цо бергьенлъаби росизе кӏвана нилъеда ахирал соназда. Гӏумру халалъиялъул, ригь борхизаби ва лъимал хвеялъул хӏужаби дагь гьаризе кӏвей гӏадал. Амма чанго километралъ рикӏкӏадасаги вачӏун, поликлиникаялда тохтурасухъе ине ирга щвезегӏан чӏун, ракӏсвакарав унтарасе ургъел гьечӏо нилъеца рехсолел тарихазул. Гьесие ургъел буго жиндирго сахлъиялъул, квалквал гьечӏого тохтурасул кумек щвезе бугеб куцалъул. Гьеб хӏисабалде босичӏого тезе изну гьечӏо нилъер, — ан абуна пачалихъалъул нухмалъулес.

Медицинаялъул вузазде лъугьунел студентазе бюджеталъулал бакӏал цӏикӏкӏинаризе ккеялъулги бицана гьес. Гьединго тохтурзабазе жанир чӏезе бакӏазул суалалдеги кӏвар буссинабизе ахӏана президентас регионалъул нухмалъулел. Хасго росабалъ хӏалтӏулел ругел тохтурзабазе.

Конституциялда хиса-басиял

ва Пачалихъияб Думаялъул даража

Гьел гурелги, гӏемер батӏи-батӏиял масъалабазул хӏакъалъулъ бицана президентас хитӏабалда. Гӏемерисез кӏвар буссинабураб жо ккана РФялъул Конституциялда цо-цо хиса-басиял гьаризе ругилан абураб баян. Гьезда гьоркьоб букӏана Россиялъул президентасул хъулухъалде кандидатура лъолев чиясда хурхун чӏезаризе ругел шартӏал. 25 соналъ Россиялда гӏумру гьабулев чиясе гурони рес кьезе гьечӏила гьенибе жиндирго кандидатура лъезе.

Гьединго Путиница абуна Пачалихъияб Думаялъе ихтияр кьолеб бугин хӏукуматалъул министрзабазул кабинет гӏуцӏизеги. Гьанже гьелъул изну букӏине бугин хӏукуматалъул нухмалъулесул кандидатура цебе босизе гуребги, гьеб кандидатура тасдикъ гьабун, гьев хъулухъалда тезеги. Президентасул ихтияр букӏине гьечӏин гьезул хӏукму нахъчӏвазе. Амма хӏукуматалъул нухмалъулев тезе тӏаде босараб гӏадин, Думаялъул депутатаз жаваб кьезе рагӏула хӏукуматалъул кабинеталъ гьабураб хӏалтӏулги, гьелъ гьарурал хӏукмабазда хурхунги.

Владимир Путиница баян гьабуна нилъер пачалихъ кӏудияб бугин, гьединлъидал тӏубанго парламенталъул республика гьабун дандекколарин. Къуваталъул идарабазул нухмалъулел хъулухъалде тӏамиялъул ишги президентасул бербалагьиялда гъоркь букӏине бугин.

Диванчагӏазе тамихӏ ва Конституциялъул судалъе щвараб тӏокӏлъи

Цоги цӏияб жолъун ккана Конституциялъул ва Верховный судазул судиязул «лъиданиги ралареллъун» букӏараб даража хвезабулеб бугин абураб хабарги. Гьезул цӏаралде ва намусалде дандекколарел ишал гьарурал судиял хӏалтӏудаса нахъе рачахъизе рагӏула.

Гьелдаго цадахъ Конституциялъул судалъул даражаги борхизабизе букӏиналъул тӏаде жубана президентас. Пачалихъияб Думаялъ хӏадур гьарурал къануналъул проектал, Конституциялде дандекколищали халгьабизе бугила гьез, президентасул гъулбас гьабилалде.

— Халкъалъул пикру — пачалихъалъул суверенитет ва тӏалъиялъул аслу хӏисабалдаги букӏине ккола аслияблъун. Жакъаги, метерги, букӏинеселдаги, пачалихъалъул цебетӏеялда ва халкъалъул рукӏа-рахъин лъикӏлъизабиялдаги жанир, ахир-къадги киналъего хӏукму къотӏулел чагӏи ккола жалго гӏадамал. Къуватаб, парахатаб ва жакъасел тӏалабазде дандекколеб улкалъун Россия гьабизе нилъеда кӏола халкъалъул, гӏадамазул пикруялъухъ гӏинтӏамуни, — ян абуна ахиралдаги улкаялъул бетӏерас.

Гьеб гуришха нилъер киназулго мурадги.

P.S. РФялъул Конституциялда хиса-басиял гьаризелъун, президент Владимир Путинил тӏадкъаялда рекъон, гӏуцӏун буго хасаб къокъа. Гьелда гъорлъ вуго ДРялъул Халкъияб Собраниялъул спикер Хизри Шихсагӏидовги. Гьесдаго цадахъ гьенир руго къанун бахъулел чагӏиги, гӏалимзабиги, кочӏохъабиги, артисталги, музыканталги, цогидалги.