«Эбелалъулаб капиталалъул» гьарзалъиги, хинаб къадеквенги,
Конституциялъул реформаги, депутатазе щвараб ихтиярги.
15 январалда РФялъул президент Владимир Путиница Федералияб Собраниялде гьабураб хитӏаб, це-
ресел соназ гьарураздаса гӏемер батӏияб букӏанин абизе бегьула. Гӏемерал гӏадамал, хасго гӏолохъанал
хъизамал рохизарурал хӏужаби рехсана президентас гьенир. Жакъасеб номералда нижеца рехсолел руго
улкаялъул бетӏерас жиндирго хитӏабалда рорхарал бищунго кӏвар бугел цо-цо хӏужаби ва баянал.
Президентас байбихьана демо-
графиялъул суалалдасан. Жакъа
нилъер улкаялда 147 миллион чи
вугин бицана гьес. 2000-абилел со-
назда хӏалтӏизе риччарал програм-
мабазда рекъон, нилъеда кӏванила
халкъалъул къадар лъикӏаланго
цӏикӏкӏинабизе.
Президентас бицухъе, гьарулел
лъималазул къадар нахъеги гӏодобе
ккун буго. Гьес мисалалъе бачана
лъимал гьариялъул рахъалъ 1943
соналда рукӏарал тарихал. Кӏудияб
Ватӏанияб рагъул
заманалда дан-
деккунцин квеш рагӏула гьеб стати-
стика.
Гьединго лъималазе ясли-ахал-
ги гӏолел гьечӏилан тӏаде жубана
Путиница. 2021 соналде щвезегӏан
255 азарго ясли-ах базе гӏарац
биччан букӏанила бюджеталдаса.
Амма 2018-2019 соназда гӏицӏго 78
азарго гурони ясли-ах бан бахъ-
ун гьечӏо. Гьезда гьоркьосаги,
гьабсагӏаталъго лъимал жанире
рачӏине бегьулеб хӏалалда 33 азарго
гурони къачӏан рагӏуларо. Гьедин
хӏалтӏи унеб бугони, дандеккола-
рин абуна улкаялъул бетӏерас ре-
гионазул нухмалъулезде хитӏабги
гьабун. 2021 соналде 178 азарго
ясли-ах къачӏан букӏине ккелила.
«Амма нилъер демографиялъул
букӏинеселъе цӏакъ хӏинкъи
бугеб цоги суал ккола халкъалъул
цӏикӏкӏарасеб къадаралъе щолеб
мухь мукъсанаб букӏин. Гьезда гьоркьор
цӏакъго дагьаб гурони тӏаде
бачӏунеб гӏарац гьечӏел гӏадамазул
70-80 процент ккола гӏолохъанал
хъизамал.
Гьединлъидал нижеца хӏукму
гьабуна, гӏумру гьабизе хӏажалъулелдаса
дагьаб гӏарац бачӏунев
кӏиго чи рокъов вугони,
гьезул
тӏоцересел ва кӏиабилел лъималазе
щибаб моцӏалъе 11 000 гъурущ
бачӏунеб хӏисаб гьабизе. Цебе
гӏадин лъагӏелгун бащдаб базегӏан
гуреб, гьеб гӏарац щвезе буго лъимаца
лъабго сон базегӏан», — илан
абуна президентас.
Амма гьелдалъун къокълъизе
гьечӏо гьеб программа.
Владимир Путиница абуна жин-
да бичӏчӏулила лъабго сон баралда-
са анкьго сон лъималаз базегӏанги
хӏалтӏуде яхъине эбелалъе бигьа
букӏунареблъи. Гьединлъидал къваригӏун
бугила гьаб соналъул 1 янва-
ралдаса нахъе анкьго сон базегӏан
щибаб моцӏалъ лъимералъе гӏарац
бачӏунеб куц гьабизе.