Беларусиялда ракӏалда буго нилъер республикаялдаса гӏи босизе.
Гумбет районалъул Цӏиликь росулъа цо чанго чияс гӏуцӏараб «ЧЕД» абураб КФХялъ бичизе буго гьезие гӏураб къадаралда гӏи. Рехсараб магӏишаталъ гӏезабулеб «Артлухский меринос» абураб тайпадулаб гӏи ккола гьеб. Беларусиялъ босизехъин буго 4000 бетӏер гӏиял.
Цебеккунги гьенибе 150 бетӏер гӏиял бичун букӏана «ЧЕДалъул» магӏишатчагӏаз. Гьелда цӏакъго ракӏ рекъараб куц буго Беларусиялъул. Хасго гьезда цӏакъ берцин бихьун буго нилъер тайпадулаб гӏиядаса къунцӏараб квас, гьединго тӏабигӏаталъул батӏи-батӏиял шартӏазде гӏи хехго ругьунлъулеб куц.
Гьелъул хӏакъалъулъ дагьаб гӏатӏидго бицине «ЧЕД» КФХялъул вакил нижехъе щвечӏо. Гьединлъидал ракӏалде ккана Дагъистаналъул фермеразулгун рекьарухъабазул ассоциациялъул нухмалъулев Гӏабдурахӏман Гӏабурикӏовасул пикру лъазабизе.
Цогидал регионазда дандеккун, нилъер республикаялда гӏиял багьа учузго бугин бичун босизе бокьарав чиясе, гьебги батизе бегьулин Беларусиялъ нилъехъа гьеб босиялъе ккараб сабабилан бицана Гӏабдурахӏманица.
Кӏиабизе бугони, гьез жидецагоги абухъе, бокьараб бакӏалде кканиги, гьава-бакъалъул шартӏазухъ балагьичӏого, бетӏербахъи гьабун бажарулеб гӏиял тайпа буго нилъер магӏарухъ гӏезабулеб.
«Амма, дир хӏисабалда, Беларусиялдаса чагӏаз нилъехъа гӏи босиялъул хабар гьедигӏан кӏвар буссинабизе кколеб баян гуро. Къватӏисел пачалихъазде гӏи букӏа, боцӏи букӏа, бичи кӏудияб цебетӏей бугеб жолъун бихьуларо. Жакъа нилъее къваригӏун буго умумузул заманалда букӏараб куцалда хур бекьулел хурухъабиги, ракӏ унтун гӏи-боцӏи гӏезабулел гӏухьбиги рукӏин. Татуяб, тӏагӏамаб, сахаб нигӏмат гӏезабиялде кӏвар буссинабизе хӏажат буго. Тукабазда ричулел кванил нигӏматал гӏемерлъиялъ бер биххизабун буго. Амма квине бегьулеб жо гьениб гьечӏо, загьруябщинаб жо гъорлъе жубан букӏиналъ. Гьелъул пикру гьабуни лъикӏаб букӏинаан, къватӏибе унеб бугеб чамалиго гӏиял бицунел рукӏиналдаса», — ян абуна Гӏ. Гӏабурикӏовас.
Араб соналда Ираналде баччизе байбихьун букӏана нилъер гьаниса гӏиял гьан. Гьелдалъун нилъерго базаразда гьелъул багьаги бахун букӏана. Амма гьеб заманаялъе, хӏалбихьиялъе тӏамураб гӏадаб гали букӏанин баян гьабуна хадубги Гӏабурикӏовас.
Гьеб даранги гъоркьисаго къотӏизе тана. Нилъерго гӏадамазе гьанги хира гьабун, Ираналде гьеб бичиялъулъ хӏажалъи гьечӏилан информалатаздасан хитӏаб гьабун букӏана ДРялъул хӏукуматалъул вице-премьер Гӏабдулмуслим Гӏабдулмуслимовасги.