«Педагогазе кьола «Лъай кьеялъул отличник» абураб цӏар. Амма, цӏар бугониги, гьабулеб кумек букӏунаро. Лъие хӏажат бугеб гьедигӏанги къимат гьечӏеб цӏар?»
Гьаб суалалъе жаваб кьуна ДРялъул педагогазул ва гӏелмиял хӏалтӏухъабазул профсоюзалъул рескомалъул юрист Мансур Мухӏамадсагӏидовас:
— 2009 соналъул микьабилеб октябралда ДРялъул хӏукуматалъ къабул гьабураб «Педагогиял хӏалтӏухъабазе харжал кьеялъул хӏакъалъулъ» абураб №345 хӏукмуялда рекъон, «РФялъул мустахӏикъав учитель» ва «ДРялъул мустахӏикъав учитель» абурал цӏаразухъ учителасул окладалде тӏаде жубала микьго процент ва «РФялъул гӏаммаб лъай кьеялъул хӏурматияв хӏалтӏухъан» абураб цӏаралъухъ – анцӏго процент.
«Лъай кьеялъул отличник» абураб цӏаралъухъ кьезе я гӏарац, яги кинабгӏаги бигьалъи гьеб хӏукмуялда бихьизабун гьечӏо. Гьебго заманалда, рес бугони, школалъул директорасул ихтияр букӏуна гьеб цӏаралъухъ учителасе гъирабазабиялъул баллал кьезе.
«25 соналъ Культураялъул кӏалгӏаялда, библиотекаялда хӏалтӏарал гӏадамазе «За выслугу лет» абун кьолеб гӏарац щолищ ялъуни гьезие бихьизабураб бигьалъиго бугищ? Масала, щай бегьулареб гьезие «Захӏматалъул ветеран» абураб цӏар кьезе?»
Гьаб суалалъе жаваб кьуна ДРялъул Культураялъул министерствоялъул экономикияб отделалъул хӏалтӏухъан Махӏмудова Асиятица ва ДРялъул Захӏматалъул ва социалияб рахъалъ цӏуниялъул министерствоялъул выплатабазул отделалъул хӏалтӏухъан Жамиля Гӏумаровалъ:
— Культураялъул хӏалтӏухъабазе, «За выслугу лет» абун, хъулухъалъул окладалде тӏаде (стажалъул хӏисаб гьабун) къого проценталде щвезегӏан гӏарац кьола. Гьединго СССРалъул, РФялъул яги ведомствоялъулаб шапакъат бугони, гьезие «Захӏматалъул ветеран» абураб цӏарги кьола.
«Махӏачхъала шагьаралъул лъималазул ахазул педагогиял хӏалтӏухъабазе лъагӏалил ахиралда цохӏо нухалда кьола 30 азарго гъурущ. Лъагӏалица хӏалтӏарав, амма декабралъ хӏалтӏудаса арав, яги хӏалтӏудаса нахъе рехарав, яги декреталде арав чиясе щолищ гьеб гӏарац?»
Гьаб суалалъе жаваб кьуна ДРялъул Финансазул министерствоялъул жавабияй хӏалтӏухъан Заира Мухӏамадовалъ:
— Гьеб ккола ДРялъул хӏукуматалъул № 355-Р хӏукмуялда рекъон, гъирабазабиялъул абун, республикаялъул бюжеталдаса кьолеб гӏарац. Гьеб кьола Махӏачхъала шагьаралъул лъималазул ахазул киналго педагогиял хӏалтӏухъабазе. Республикаялъул цогидал шагьаразул ва районазул лъималазул ахазда гъирабазабиялъе кьолеб гӏарцул къадар батӏияб букӏине ва киналго педагогиял хӏалтӏухъабазе гьеб щвечӏого букӏинеги бегьула. Хӏалтӏудаса арав яги хӏалтӏудаса нахъе рехарав, яги декреталде арав чиясе гьеб гӏарац щоларо.
«30 соналъ гьоркьоса къотӏичӏого хӏалтӏана пачалихъияб хӏалтӏуда, цо нухалъ гурони унтиялъул тӏамачги босичӏо, гьебги цо анкьица. Цониги нухалъ гурони «без содержания» абураб отпускги босичӏо. Гьединал чагӏазе хӏукуматалъул кинабгӏаги бигьалъи букӏунищ?»
Гьаб суалалъе жаваб кьуна ДРялъул учительзабазул ва гӏелмиял хӏалтӏухъабазул профсоюзалъул рескомалъул юрист Мансур Мухӏамадсагӏидовас:
— Букӏунаро. Чӏезабураб графикалда рекъон, черхалъул сахлъи щула гьабиялъул мурадалда, кинавго чи лъагӏалида жанив цо нухалъниги отпускалде витӏизе ккола.
Кӏудияб гӏилла букӏун, хӏалтӏухъанасул тӏалабалда рекъон гурони, хӏалтӏи кьолесул ихтияр букӏунаро гьев отпускалдаса махӏрум гьавизе.
РФялъул Захӏматалъул кодексалъул № 126 статьяялда рекъон, хӏалтӏухъанасул квералъ хъвараб гӏарзаялда рекъон, щибаб сонилаб мухь кьолеб хӏухьбахъи гӏарцудалъун хисизеги бегьула. Амма хӏалтӏикьолесул ихтияр букӏунаро кӏиго соналъ гурони хӏалтӏухъан отпускалде витӏичӏого тезе.
Отпуск босичӏого гӏемерал соназ хӏалтӏанин абун я хъулухъчагӏазе, яги хӏалтӏухъабазе хӏукуматалъ гьабулеб кинабгӏаги бигьалъи букӏунаро.
«Дун ккола «мать-одиночка». Лъимералъ ункъо моцӏ гурони бан гьечӏо. Бокьун буго хӏалтӏуде яхъине. Дица лъимер дирго эбелалда тӏад хъвазе бегьулищ, хъвани, гьелда хадуб хъулухъ гьабуралъухъ гӏарац бачӏунищ?»
Гьаб суалалъе жаваб кьуна ДРялъул Захӏматалъул ва социалияб цебетӏеялъул министерствоялъул хӏалтӏухъан Гуля Мухӏамадовалъ:
— Лъимер кӏодоэбелалда тӏад хъвазе бегьула ва къайимлъиялъул хъвай-хъвагӏай гьабураб къоялдаса нахъе гьелъие лъимадуе хъулухъ гьабиялъухъ пособие кьола.
Гьанибго абила, бащдаб ставкаялда хӏалтӏулей эбелалъулги ихтияр буго, харж ва лъимадуе хъулухъ гьабиялъухъ гӏарац босизе.
Ресукъал хъизамал разияб хабарлъун рикӏкӏине ккола 1995 соналъул 19 маялда къабул гьабураб «Гражданазе кьолел пачалихъиял пособиязул хӏакъалъулъ» абураб № 81 федералияб законалда хиса-басиял гьари. Гьезда рекъон, 2020 соналъул тӏоцебесеб январалдаса нахъе ресукъал хъизамазул лъималазе хъулухъ гьабиялъухъ щибаб моцӏалъ пособие кьолеб къагӏида хисизабун буго. Пособие кьезе буго гьабуралдаса нахъе лъимералъ лъабго сон базегӏан. Цебеккун пособие кьолаан гьабуралдаса нахъе лъимералъ лъагӏелгун бащдаб базегӏан, ай кӏиго нухалъ цӏикӏкӏана гьеб пособие кьолеб заман.
Хунзахъ районалъул Гьамущи росдал учительзабаз цӏехолеб буго: «Нижер школалда аскӏоб буго почалъул отделение. Бегьуларищ нижеца, 40 километралъ рикӏкӏад бугеб Хунзахъ редакциялда гьабичӏого, нижерго почалда «Хӏакъикъат» ва «Росдал захӏматчи» газетазе подписка гьабизе? Гьаниб гьабулеб бугони, газетал хъвалезул къадар гӏемерго цӏикӏкӏинаан».
Гьаб суалалъе жаваб кьуна «Россиялъул почтаялъул» Дагъистаналда бугеб отделениялъул хӏалтӏухъан Муса Мухӏамадовас:
— Республикаялда тӏадбан унеб буго газет-журналал хъваялъул кампания. Щивав чиясул ихтияр букӏуна республикаялъул бокьараб почалъул отделениялда подписка гьабизе, гьединго подписка гьабизе бегьула Хунзахъ районалъул Гьамущи росдал почалъул отделениялдаги. Хӏасил-калам, Гьамущи росдал почалъул отделениялда подписка гьабиялъе нужее квалквал гьабулеб бугони, ахӏе гьал номеразде: 67-36-07, 67-35-97.